Конституциялда хиса-басиязул гьогьен

«ХIакъикъат» газеталъул цебесеб номералда бицун букIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатаз РФялъул Конституциялда гьарулел хиса-басиязул рахъ ккунин.

 

Гьезда гьоркьоб буго президентлъиялъул болжалалда хурхараб суалги. Гьелда тIасан кIалъалаго, Пачалихъияб Думаялъул депутат
Валентина Терешковалъ загьир
гьабуна, жакъасев ахIвал-хIалалда бан, Россиялъе хIинкъи бугин ракIалдаго гьечIеб жо ккеялда, гьединлъидал хIажат бугин жинде мугъчIвай гьабизе бегьулеб цIуна-къайилан. Гьединаб цIуна-къайлъунги гьелда бихьулеб буго жакъасев президентасул хъулухъ ва гьеб хъулухъалда вугев халкъалъул цевехъанасул къадру-къимат. Гьединав чилъунги Терешковалда вихьулев вуго улкаялъул президент Владимир Путин.
«РачIа, ракIалда бугеб жо рагьун абизе. КъваригIун буго президентасул болжалалъе Конституциялда бихьизабураб гIорхъичIваялдаса инкар гьабизе ялъуни лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъ гьеб шартI цебе лъолеб батани, гIадамазеги бокьун батани, гьанже вугев президент цоги нухалдаги гьеб хъулухъалде вищулеб нух батизе», — йилан абуна Терешковалъ.
Гьебго къоялъ, 10 марталда, Пачалихъияб Думаялда кIалъарав президентасги абуна гьелъие цин Конституциялъул судалъ къимат кьезе кколин.
Конституциялъул судалъ гьеб масъалаялъул рахъ ккуна ва гьеб хIукму къабул гьабуна РФялъул Федерациялъул Советалъги.

Бесдалалги сакъаталги гIадамал лъикIаб бералда рихьана

«Дагестан без сирот» абураб жамгIияб багъа-бачариялъул нухмалъулей Раисат ГIусмановалъ абуна жиндие гьел хиса-басиязда гьоркьоб рекIее гIунила социалиял масъалаби тIураялъул бицунеб лъабго пункт.
«Конституциялъул 67-абилеб статьяялда буго цо пункт — тIалаб гьабизе чи гьечIого хутIарал лъималазул тIалаб-агъаз гьабизе гьанже пачалихъалъ жиндаго тIаде босулеб бугилан абураб. Гьединго, цIияб жо-лъун ккола хъизамал, улбул ва жалго лъимал цIунизеги тIаде босулеб бугин абураб бакI. Гьенибго абулеб буго ригьин гьабиялъул бугеб къиматги пачалихъалъ хIисабалде босулеб бугин. Гьеб хIакъикъаталдаги рохизе ккараб хIужа буго.
ЦIиял хиса-басиязда бицен гьабулеб буго 114-абилеб статьяялъул тIоцебесеб пункталъулги. Сакъатал гIадамазе чIезарулел бигьалъабиги гьезул ихтияралги пачалихъалъ хасаб кIвар кьеялде гъоркье росулел ругин хъвалеб буго гьениб.
ГIемерал соназ бесдалазул тIалаб-агъаз гьабулей гIадан хIисабалда, цогидаздаса лъикI дида лъала квачакъал гIадамазул къварилъи-гIатIилъи, пачалихъалъул кумек щвелародайилан хьулазда гьел рукIунеб куц. Гьединлъидал дида ккола гьел хиса-басияз гIемерав чиясул ракI бохизабизе батилин».

Халкъ ругьунлъун буго президентасде, амма…

ЖамгIияв хIаракатчи ГIисал- мухIамад Набиев: «Жакъа Конституциялъ дуе кьун бугеб ихтияр данде кквезе бегьула мунго бетIергьанаб буголъиялда. Мисалалъе, дур рокъореги рачIун, спичкадул къали кодоса бахъулеб бугони, дуца гьеб биччазе гьечIо. Амма ихтияр кодоса бахъулеб бугони, гьеб цIунизе жеги нилъ ругьунлъун гьечIо. Дур буголъи — дур бечелъи кколин абураб пикру щулалъун гьечIо гIадамазулъ. Гьединлъидал жакъа Конституциялда гьарулел хиса-басиял жиндие рекIее гIоларилан къватIиве вахъунев чи нилъер гьечIо.
Гьеб хIисабалде босун букIин-чIебани, тIалъиялъги гьел хиса-басиял гьарулароан. Хиса-басиял гьаризе гьез къасд гьабуна халкъалъул дандечIей букIунареблъиги лъан.
Жакъа тIалъиялде Путинил бакIалде цоги чи вачIани, гьесда щибниги хисизабизе кIвеладай, рукIа-рахъин лъикIлъиладай, бигьалъи бачIинадай абурал пикрабаз рахIат толеб гьечIо гIадамазе», — йилан рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчияс.

Россиялъе пайдаяб иш батаниги…

МикагIил МикагIилов, блогер ва жамгIияв хIаракатчи: «Конституциялде росарал хиса-басиязул магIна цо-цоязе рекIее гIечIо, гьелдалъун Путинил рейтингалги гIодоре ккана.
Россиялъе пайдаяб иш гьаб батаниги, гIадамазе гьелдасан кинаб пайдадай бугоян баянал кьезе кколаан.

Рабадан МухIамадов, гIалимчи, археолог: «Президентасул хъулу-
хъалъул болжал хутIун, цогидал лъикI къабул гьаруна. Дир хIисабалда, 24 сон гIунги тIокIаб буго цо чи пачалихъалъул бищун тIадегIанаб тахида хважаинлъун вукIине».

Мадугьалгун гьуин вукIа

ИсмагIил ГъазимухIамадов, ЦIумада райсобраниялъул депутат: «ГIамм гьабун босани, гьел киналго хиса-басиязул магIна буго пачалихъалъул тIалъиялъ жиндирго хъулухъ щула гьабизе ресал ралагьулел рукIин.
КIиабизе босани, гьелъул цоги мурад буго — халкъазда гьоркьосеб аренаялда, Россиялъ, пачалихъ хIисабалда жиндирго бакI борхатго кквей. «Ле», — ян абурав чиясда, «я», — йилан абизе кIолеб даражаялда президентги пачалихъги букIин. Гьединаб даража цIакъ хIажат буго жакъа Россиялъе.
ГIадатияб халкъалъ кин гьел хиса-басиял къабул гьаруралин абуни, гьениб цо ккураб пикру букIине рес гьечIо. РекIее гIуралги ратила, гIечIелги ратила. ГIемерисез гьеб къабул гьабун батилин ккола дида».