«Контракт бокьиларищ, дун вачинарищ?»

Жакъасеб Россиялъул армиялъе хIажат ругин тIадегIанаб лъаялъул гIолохъабиян бицана 2 марталда ДГУялде рачIун рукIарал ДРялъул рагъулаб комиссариаталъул вакилзабаз.

 

Армиялде гIолохъаби ахIулеб бу­тIаялъул нухмалъулесул замес­титель, подполковник ХIусен ГIу­мархIажиевасги контракталда рекъон рагъулаб хъулухъ тIубазе гIолохъаби тIаса рищиялъул хIалтIи гьабулев, Астраханалдаса Сергей Новиковасги насихIат гьабуна студентазе гьениб.
Диплом щвараб гIоларин, гьанже ватIаналда цебе тIадаб хъулухъ тIубазеги хIадур рукIине кколин нужилан бичIчIизабуна ХIусен ГIу­мархIажиевас гьезда. Гьес бицунелда рекъон, республикаялда жеги дагьлъун гьечIо армиялдаса лъутанхъулел гIолохъабазул къадар. Гьединлъидал рачIайин рахчаричIого, бихьиназда тIадаб куцалъ гьеб борч тIубазе ккелин абуна гьес.

ЛъагIалил бакIалда — кIиго сон

ХIусен ГIумархIажиевас бицана армиялде ахIулев гIолохъанчиясул гьанже ихтияр бугин гIадатияб куцалъ армиялде ахIун тIубазабулеб хъулухъалъул бакIалда, контракталда рекъон рагъулаб хъулухъ тIубазаби тIаса бищизе.
Гьелъул ругел квегIенлъабиги рехсана гьес. ГIадатияв солдатасе щолеб 2000 гъурщил бакIалда, моцIрое бищун дагьалдаса 20000 гъурущ харж щвезе рес рагIула гьесие. Къаси-къаси казармаялда чIечIого, сордо базе рокъове инеги бегьулин, отпускги щолин, хIасил-калам, вакъва-кIасарав солдатасул бакIалда контрактникасул гIумру дагьаб гIадамазулалда релълъараб букIунилан абизе бокьун бугоан рагъулаб комиссариаталъул вакиласе.
«Амма гьаниб бичIчIизе ккола кIиялдаго гьоркьоб бугеб батIалъиги. Цебе букIараб къагIидаялда рекъон, армиялда цо лъагIалица хъулухъ гьабулеб батани, контракталда рекъон хъулухъ тIубалес гьениб базе ккола кIиго сон. Цо-цоязда ккола контракт хъван хадуб лъагIел тIубайдал, гьа, гьанже дир заман лъугIанин, дун рокъове ине бегьулилан. Амма гьел мекъи руго. Гьелде иш бачIун хадуб, гьесулгун контракт хвезабула ва армиялда гьес бараблъун рикIкIуна бащдаб лъагIел. Рокъове гьев ине бегьула, амма тIадаб хъулухъ тIубазе гьев цоги нухалъ армиялде ахIичIого толаро.
Гьединго цо-цоязда кколеб батани, бигьаго букIунин контракталда рекъон хъулухъ гьабизейилан, букIунаро. Мун курорталде квана-гьекъезе гуро ахIун вугев, кодобе ярагъги кьун ватIаналъул хIинкъи гьечIолъи цIунизе ахIарав чи вуго. Бокьараб мехалъ рагъдеги ккезе бегьула мун, захIматал шартIазда гIумру тIамизе хIадургоги вукIине ккола», — ян абуна ХIусен ГIумархIажиевас.

Рахчарулел щалха ругел?

Армиялдаса лъутанхъулел гIоло­хъаби гIемерлъулел ругилан гьес кьураб баяналъ щакдараби рижизаруна. Щай абуни, гьелъул гIаксалда, ахираб анцIгониги соналъ чанги гIолохъанчи гIарзахъдулев рагIулаан вачунев гьечIила жив армиялде, чанго нухалъ рагъулаб комиссариаталдасаги нахъчIванилан. Гьеб суал кьуна дица ХIусен ГIумархIажиевасе.
«Чанго соналъ цебе гьедин букIун батанигицин, гьанже хIакъикъат батIияб рахъалде хисулеб буго. Нилъер республикаялдаса армиялде ахIизе рихьизарурал чагIазул къадар 5-6 азарго чи вукIун ватани, исана гьеб 10 000 чиясде бахинеги рес буго. Гьеб жеги официалияб баян гуро, армиялде ахIиялъул тадбир байбихьарабго, республикаялъул рагъулав комиссарас мухIканго бицине буго чан чи исана ахIизе вугевали. Амма хъулухъ гьабизе бокьарав чи нахъчIвазе нижеда ракIалда гьечIо.
ТIоцебесеб иргаялда, цIар чIвазе буго тIадегIанаб лъай щварал, автомобиль бачине изну кьолеб документ бугел гIолохъабазда, хадусеб иргаялда гурони, 18 сон барал къабул гьаруларо. Гьелъие гIиллаги буго. Нилъер пачалихъалъул рагъулаб къуват цIияб техникаялдалъун ва къуват тIокIаб яргъидалъун хьезабун цебетIолеб буго, гьеб кинабго хIалтIизабизе хIажалъула лъайги махщелги камилал гIолохъаби», — ян бицана рагъулаб комиссариаталъул вакилас.
Контракталда рекъон, хъулухъ гьабизе бокьарал чагIаз хIадуризе кколел документазул ва цогидалги шартIазул бицана Сергей Новиковас. Аслияб куцалда гьез хъулухъ гьабизе буго Ростов, Астрахань, Ставрополь, Волгоград шагьаразда ва Крымалда.
Цо студентас бицана армиялде витIиларедухъ гIарацги кьун, ра­гъулаб билет гьабун букIанин эбел-инсуца жиндие (унтарав вугилан). Гьанже гьединаб документгун жив кивениги хIалтIуде восулев гьечIила, контракт хъвазе бокьани, кинаб нух жиндир бугебин гьикъана гьес.
КигIан кIваниги, хIалихьатаб иш гьабун бугилан абуна гьесда ХIусен ГIумархIажиевас. Контракт хъвазе бокьун батани, гьеб рагъулаб билетгун цин мун вачIине кколин рагъулаб комиссариаталде, гьеб хIакъикъияб гуреблъун тасдикъ гьабизе. Гьелдаса хадур гьарулел тадбирал рукIунин, гьелги тIуран бегьулила контракт хъвазеги.
Чанго батIиял суалал кьолел рукIана студентаз комиссариаталъулазе. Мисалалъе, цояс рехсана армиялда хъулухъ гьаби бусурбанчиясе карагьатаб бугилан динияб гIелму цIаларал чагIаз загьир гьабулеб пикру. Гьединлъидал исламалъул тIалабазда дандекколеб куцалъ хъулухъ гьабизе бегьулел бакIал ругищилан гьикъана гIолохъанчияс.
Ругилан жаваб кьуна гьалбадерица.
Гьединго цебе гIемераб ахIи-хIур букIунаан армиялда нилъер гIо­ло­хъабаз гьарурал гIорхъолъа рор­чIарал ишазулги.
Амма ахирал соназда гьединал хIужаби бицине гIураб къадаралъ гIемер гьечIин, гьединлъидал бокьараб бакIалде хъулухъ гьабизе ритIизе бегьулел васал ругин нилъе­рилан абуна подполковник ХIусен ГIумархIажиевас.
Армиялде гIолохъаби ахIиялъул тадбир нилъер республикаялда тIобитIизе буго апрелалъул авалалдаса 15 июлалде щвезегIан.