Ополченцазул сияхI: официалияб ва…

ДРялъул Халкъияб Собраниялъ хIукуматалде битIана 1999 соналда республикаялда ккараб рагъулъ гIахьаллъарал ополченцазул официалияб сияхI. 
 

Гьенив вихьизавун вуго 461 чи. Цереккун пачалихъиял шапа­къатал ва лъукъа-къотIи щварал гIадамал ккола гьел. ХIукуматалъ кватIичIого удостоверениялги кьун, моцIи-моцIие рагъул ветерана­зего гIадаб гIарац биччазе буго гьезиеги. 
Пачалихъиял шапакъаталги лъу­къа-къотIиги щвечIел ополченцалги руго. Гьезул сияхIги хIисабалде босизе бугин бицана Халкъияб Собраниялъул депутатазул данделъиялда. 
Гьебго къоялъ, ай 21 февралалда, жалго ополченцалги данделъун рукIана МахIачхъалаялда, Миллияб библиотекаялде. 
 
Дагъистаналъул Ветераназул советалъул нухмалъулев МухIарам ГIалижановас бицухъе, гъоркьиса 2 сентябралда гьез тасдикъ гьабураб ополченцазул сияхIалда гIаммаб куцалда 12 азаралда 829 чи вукIун вуго. 
Цинги, ополченцазе статус кьеялда бан РФялъул Пачалихъияб Думаялъ закон къабул гьабун хадуб, гьезул 28 азарго чи гIун вуго.
Гьанжеялдаса хадубги жеги цIи­кIкIине буго гьеб сияхI. Амма гьездехун гIемерал суалал рижизе бегьулин абуна ГIалижановас, щайгурелъул цо бакIалда хъаравуллъуда чIун яги квен гьабулел рукIарал чагIиги рихьизарулел ругила гьединаллъун. 
«КIудияб ВатIанияб рагъул заманалдаги тIубараб улкаго бахъун букIана фашистазда данде: цоял рукIана кьалул майданалда, цогидал – тылалда. Амма гьел киналго гурелъулха ветераналлъун рикIкIарал. Гьединлъидал хасаб комиссиялъ ополченцазул сияхIги цIидасан гьоркьоб лъезе буго», — ян бицана Ветераназул советалъул нухмалъулес. 
 
Хадубго ополченцазе насихIатал­ги гьаруна гьес чара гьечIого школлъималазулгун гара-чIвариязде ва малъа-хъваял гьаризе ине ккелила нуж, гурони 27 январалда Ма­хIачхъалаялда ккараб гIадаб «сурараб хIужа» такрарлъизе бегьулила.  
Гьеб къоялъ интернеталда тIи­битIун букIана Ленкомалъул ахикь Абадияб цIадуда тIадеги ккун,  школлъималаз гIанкIудал бохдул режулелъуб бахъараб видео. Цо-кIигояв жеги цIадуда сверун кьурдулевги вугоан. 
 
Гьеб данделъиялда рукIана 1999 соналда чIварал ополченца­зул лъудбиги. Гьединай 40 чIужу­гIа­дан йиго республикаялда. МахIач­хъалаялда йиго гьединай лъабго чIужугIадан. ХIабибула Къурбановасулги, Заир­­бег Жафаро­ва­сулги, ХIажи ХIусе­новасулги лъудби ккола гьел.
Жидер россал анин нилъее киназего гIоло рухIги кьун, амма цо-цо хIакимзабаз ругищ-гьечIищали цIехезегицин цIехечIого, бокьараб ккагиян, рехун тун ругин жалилан бицана ХIажи ХIусеновасул хъизан Венераца. Гьелъул кIалъаялъ асар гьабуна залалда данделъаразеги. 
 
Венераца бицана кIиго ясгун жинца гIумру гьабулеб бугила гIарцухъ ккураб чияр рокъоб. 22 соналъ рукъ щвезе иргаялда чIунги йигила. Гьелда гьоркьоса чанцIулго Москваялдеги унаанила сакъатай яс сах гьайизелъун. ХIукуматалъул рахъалдасан тIири кумекги щвечIила. Банкротги ккун, «Экспресс-банкалда» хутIараб гIарац нахъе щвезениги квербакъичIила хIукуматалъул вакилзабаз. Законалда рекъон кьезе кколеб 2500 гъурущгицин щолеб гьечIо Венераеги ополченцазул цогидал лъудбузеги. 
Гьенив вукIарав Халкъияб Собраниялъул депутат ГIумархIажи ГIалиевас абуна, законал рахъулев чи хIисабалда, жив кутакалда намуслъанин Венерадаса, гьединлъидал гьелъулги цогидал лъудбузулги суалал тIуразе квербакъизелъун жинца гьел киналго парламенталде ахIизе ругин.