Лъабилалъул бакIалда — ункъилаб

Гьаб анкьалъул байбихьуда республикаялде вачIун вукIана РФялъул лъай кьеялъул министр Сергей Кравцов. ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев Артем Здуновгун цадахъ гьев щвана МахIачхъалаялъул № 26 гимназиялде. Гьениб тIаде бараб цIияб корпус бихьизабуна гьалбадерида гимназиялъул нухмалъиялъ. Цере гьенир лъимал лъабго сменаялъ цIалулел рукIун ратани, гьанже кIигоялъ гурони цIалуларо.

 

Гьебго къоялъ, 17 февралалда, республикаялъул нухмалъулев Владимир Васильевасгун цадахъ «Гьудуллъиялъул минаялъуб» данделъи тIобитIана Сергей Кравцовас.
Гьоркьоб лъун букIана 2020 соналда Пачалихъалъул цогояб экзаменалда цебе республикаялъул бугеб хIадурлъиялъул суал. Гьелда гьединго гIахьаллъана Кравцовасда цадахъ республикаялде вачIарав Анзор Музаевги. Гьев ккола лъай кьеялда хадуб хал кколеб федералияб хъулухъалъул нухмалъулесул ишал тIуралев.
МугIалимзабазе щиб пайдаха кьураб Кравцовас Дагъистаналде гьабураб сапаралъилан гьикъулеб бугони, ХIамзат Жамалудиновас баян гьабулеб буго гьеб. Гьев ккола МахIачхъалаялда бугеб учительзабазул лъай камил гьабулеб институталъул (ДИРО) нухмалъулев.
— Республикаялда чанги цIияб школа банин, гьелдалъун лъабго ригьалъ цIализарулел лъималазул къадарги дагь гьабизе кIванин абуна Васильевас гьениб, — илан бицана ХIамзат Жамалудиновас. — Гьединго, араб соналъ гIадин, школазе тIахьал рикьараб мех ахирал соназда букIинчIилан абизе бегьула, гьебги лъикIаб хIасил ккана. Амма бищун аслияб жо — нилъер республикаялда ЕГЭ тIобитIараб куцалъе лъикIаб къимат кьуна Сергей Кравцовас.
Данделъиялъул хIасил гьабуни, бищун дие рагIизе бокьун букIараб кIиго суалалъул гIатIидго бицинчIо гьениб. ТIоцебесеб, школалъул директорзабазул хIакъалъулъ. Камилав, тадбир бугев, гъваридаб лъаялъул директор вугони, бокьараб школалъул къимат борхула кибго. Лъималазе гъваридаб лъайги щола гьениб, гIадлуги букIуна, эбел-эменги разиго рукIуна. Гьединаб мисалалда хIалтIулел рукIана советияб заманалда рукIарал школалъул директорзаби. Жакъасел директорзаби руго щибниги чIанкIги жавабчилъиги гьечIел. Нижеца ЕГЭ гьабунаха, лъималазда кьезе кIвечIохайилан рукIуна. КIвезе кканани, гьезие лъай кьезе ккеларищ?
КIиабилеб суал буго цIал­до­хъабазе лъолел къиматазул. 1461-гIанасеб школа буго рес­пуб­ликаялда. Амма гьенир му­гIа­лим­забаз лъималазул лъай борцунеб куцалде балагьани, бицине нечараб хIал буго. Ункъилалда дарс бицани — ункъил, щуйилалда бицани — щуйил лъолеб гьечIо. Мисалалъе, тIубараб четверталъ ункъилал гурони щолев вукIинчIев цIалдохъанасе, лъагIалил къиматалъул хIасил гьабулаго лъолеб буго щуйилаб. Гьединго лъабилазда гурони цIаличIесе щун батулеб буго ункъилаб. Гьединаб бербалагьи мугIалимзабазулги букIаго, кинаб лъаялъул даражаялъул нилъеца бицине бегьулеб? — илан абуна ХI. Жамалудиновас.