Метер магIарул мацI хвезе батани…

Нижер баян:
МухIамад ХIамзатов ккола Болъихъ районалъул АнсалтIа-РахатIаса.
ЦIалана СПбГУялъул юридикиябги филологиябги факультетазда. Гьес хъвана гIелмияб анкьго тIехьги (гьезул цо-цоял СПбГУялда спецкурс хIисабалда хIалтIизарулел ру­го), гIахьаллъана халкъазда гьоркьосеб 18 конференциялдаги.
ХIалтIудаса эркенаб заманалда Му­хIамад хьвадула «Дагъистан» цент­ралде, гьенире хьвадулезда ма­гIа­рул мацI малъизе. 

 

Ас-саламу гIалайкум, хириял магIарулал.
Гьале анцIгоялдасаги цIикIкIун соналъ Санкт-Петербургалда бугеб «Дагъистан» абулеб маданиябгун лъай кьеялъул цолъиялда малъулеб буго авар мацI.

Гьенир цIалана магIарулал гурелги, батIи-батIиял миллатазул вакилзабиги, ай мухIканго абуни, гIурусал, татарал, башкирал, кабардинал, черкесал… Ва гьабсагIат цIалулелги руго. Гьел рехсарал миллатазул вакилзабазда гъорлъ вуго Мексикаялъул вакилцин.
Гьайгьай, магIарул гурел миллатазул вакилзабазги кIудияб кIвар кьолеб буго авар мацIалде. Масала, гьелда тIад хIалтIи гьабулеб буго Америкаялъул, Англиялъул, Канадаялъул, Кореялъул, Япониялъул ва цогидалги улкабазул вакилзабазги. Кавказалъул гуребги, хIатта исламалъул улкабазул тарихалдаги магIарулаз кколеб буго таманабго бакI. Гьелъги батила, магIарулазул кIудияб къадар гьечIониги, дуниялалъул тарихалда гьез кколеб кIудияб бакI.
Жакъа нилъеда, магIарулазда, лъа­леб гьечIо нилъерго тарих. ГIе­мерисел нилъер тарихалъул хIу­жа­ба­зул гIелмиял хIалтIаби, тIахьал руго Турциялъул, Ираналъул, Сириялъул, Германиялъул, Франциялъул, Великобританиялъул, СШАялъул ва цогидалги пачалихъазул архиваздагун библиотекабазда. Руго гьел баянал Россиялъул архиваздаги, амма гьел нилъехъе щолел гьечIо.
ТIадеги абизе бокьилаан, ХIа­жимурадил бетIер нахъе кьолареб щай? КъватIисел улкабазул вакилзабазул магIарул мацI лъазабиялда батила гIелмияб рахъги, бокьун батила гьезие нилъер гIамал-хасияталъул тIабигIат лъазеги, батизе бегьула гьениб жасуслъиялъул рахъги…
Кин батаниги, дагьалъ цебе дида ракIалде ккана дун хIалтIулеб централде хьвадулел мутагIилзаби ма­къалаби хъвазе тIамизе. Дица гьезие кьуна цо суал – «МагIарул мацI лъазабизе щай дида ракIалде ккараб?» абураб.
Гьединлъидал ракIалде ккана гьезул цо-цоял (хъвараб къагIидаялъул хаслъиги цIунун) «ХIакъикъат» газеталда рахъизеги.

ТIоцевесев мугIалим
Ассаламу гӀалайкум ва рахӀматуллагьи ва баракатугь!
Дида цIар ГIиса буго. Дун гьавуна ва гIуна Мурманск областалъул Кировск шагьаралда. Дие щвана тIадегIанаб лъай. 2007 соналда бетIербахъи гьабизе дун гочана Санкт-Петербургалде.
ГьитIинаб мехалдаса нахъего дие бокьулаан батIи-батIиял миллатазул мацIал лъазаризе. АнцIго сон цебеккун дица байбихьана Кавказалъул мацIазде кIвар кьезе. БитIараб бицани, гIелмияб рахъалдасан, цебеккун дида гьел мацIазул хIакъалъулъ щибниги лъалеб жо букIинчIо.
МагIарул мацIалъулгун дир тIоцебесеб лъай-хъвай хIалтIуда ккана. ХIалтIуда мадугьалихъ вукIана Саша абун цIар бугев вас. Цо пуланаб къоялъ дида лъана гьесул унго-унгояб цIар ГIумар букIин. Дица гьесда цIехана гьесул миллат ва рахьдал мацI кинаб бугебилан. Гьев магIарулав ватана. ТIоцебе гьесдасан дида рагIана ва лъана магIарул мацIалъул хIакъалъулъ.
Фонетикаялъ дие кIудияб асар гьабуна. МагӀарул мацӀалда руго дида цере рагӀичӀел гӀемерал гьаркьал. Хадуб дица байбихьана интернеталда информация цIехезе, суалал ругони, дица ГӀумарида гьарулаан баян гьабеян. Хадуб нижеца хӀалтӀизе байбихьана батIи-батIиял бакIазда, гьелдаса хадуб хабар-калам гьабизеги рес букӀинчӀо.
МагIарул мацIалъул дир тӀоцевесев мугӀалим вукӀана МахӀамад ХӀамзатов. Гьес дида малъана фонетикаги грамматикаги. МахIамад ХIажиевичасул кумекалдалъун дица рахъана тIоцересел галабиги магIарул мацI лъазабиялъулъ. Гьелъги батилаха, дие магIарул мацI лъазабизеги захIмалъичIеб.
Лезгинкалъул школалда дир вукӀана цо ГъазихӀума абун цӀар бугев гьудул. Гьес дун Дагъистаналде жиндихъего гьоболлъухъе ахIана. Гьеб мехалдаса нахъе дун щибаб риидал унаан Хунзахъ районалде.
МагӀарулал руго цӀакъ гьобол-чи хирияб халкъ. Дие бокьун букӀана гьезул мацӀ бичӀчӀизеги магӀарул мацӀалъ кӀалъазеги. Дир гьудуласул инсуца абулаан: «ТӀоцебесеб лъабго нухалъ Дагъистаналде рещтIарав чи гьоболлъун вукIунила, ункъабилеб нухалъ вачIарав гьобол рукъалъул чилъун рикIкIунила».
Дица Дагъистаналде хекко-хекко рухьунел рукIарал сапараз гьабуна дие кумек магIарул мацI лъазабизеги. КIалзул мацI-калам лъикIаланго батIияб буго адабияталъулалдаса. Гьеб лъазабизе бегьулеб къагIида буго цого-цо, магIарулазулгун хабар-калам гIуцIани.
Узухъда, дун пашманав вуго, гьале чанго сон буго, дие рес щолеб гьечIо, гьаб дие бокьулеб магIарул мацI лъазабизе. Амма дир пикру буго, санагIалъи ккарабго, магIарул мацI хадубккунги лъазабизе.
Дида ккола магӀарул мацӀ цӀакъ мухIканаб бугин. Дир рахьдал мацI гIурус бугониги, щаялиго, цо-цо жал дие магIарул мацIалъ абизе бокьула. МагIарул мацI гуребги, цоги дие бокьун буго гIахьвалазул мацI лъазабизеги.
ГIиса Шилов

ЗагIипго лъалаан
Ассаламу гIалайкум, хIурматиял ракьцоял.
Дида цIар Камил буго. Дица лъугIизабуна Санкт-Петербургалда бугеб Нартилгун МагIданазул университет. Дир рахьдал мацI буго магIарул мацI. Гьеб буго цIар арал умумузул мацI, гьездаса щвараб, нилъеда багьа гьабун бажарулареб, бечелъи ва кутакаб ирс.
Дун гьавуна Дагъистаналда, Буйнакск районалъул Ахъайтала росулъ. Дун гьавун хадуса нижер хъизан гочана Ямалалда бугеб Ноябрьск шагьаралде. Гьеб шагьаралда магIарул мацIалъул дарсал кьолеб мактаб букIинчIо. Гьединлъидал дида магIарул мацI лъикI лъалеб букIинчIо.
Санкт-Петербургалде щвараб мехалда дида рагIана гьенир магIарул мацIалъул дарсал кьолин «Дагъистан» абураб культуриябгун просветительлъиялъул централда МухIамад ХIажиевич абурав чияс.
Ва дица хIукму гьабуна гьениве хьвадизе, магIарул мацI лъикI лъазабизе.
КватIизегIан чIечIого, дица байбихьана дарсазде хьвадизе.
Гьениб дир лъай-хъвай ккана Петербург шагьаралда цIали ва гIумру гьабулел ругел цогидал ракьцоязулгун.
ЦIали лъугIигун, дун нахъвуссана Ноябрьск шагьаралде ва байбихьана Севералда бугеб ЦIияб Уренгой шагьаралда дир махщелалда рекъон хIалтIизе.
Абуни, нуж божилароха, гьенирги дида дандчIвана ракьцоял, хадуб дида тIадаб букIана армиялде ун ВатIаналъе хъулухъ гьабизе.
КIудияб гIажаиблъи ккана гьенир дида ракьцоял солдаталги ва офицерзабиги дандчIвайдал.
Дун вохарав вуго Россиялъул Федерациялда дун вукIарал батIи-батIияб бакIазда жиде-жидерго мацIги, маданиятги, тарихги, ирсги кIоченчIел ракьцоял ратиялдаса.
«Культурно-просветительский центр (Дагъистан)» гIуцIарав ГIиса-хIажи ГIусмановасе кIудияб баркала кьезе бокьун буго. Щай абуни, кинаб букIаниги багьа кьечIого, дие рес щвана гьев сабаблъун рахьдал мацI лъазабизе.
Камил Салаватов

Кьурдабиги рокьана, мацIги бокьана
Ас-саламу гIалайкум!
Дида цIар Мария буго. Дун гьаюна, гIуна ва гIумру гьабулеб буго Санкт-Петербург шагьаралда.
Дица лъугIизабуна Герценил цIаралда бугеб университет ва гьениб дие щвана тарихчиясул махщел.
Хасго дие бокьула магIарулазул маданият, магIарул мацI, кучIдул, кьурдаби, квен-тIех ва гьезул ретIа-къай. Дица магIарул мацI лъазабулеб буго кIиго лъагIелалдаса цIикIкIараб заманалъ Петербургалда бугеб «Дагъистан» абулеб маданияталъул идараялда.
Дун хьвадула лезгинкаялъул ансамблялдеги. Гьеб ансамблялда цIар буго «Ритмы Кавказа». Гьелъие нухмалъи гьабула Осетиялдаса Кристина Санакоевалъ. Гьенир дица лъазарулел руго Кавказалъул батIи-батIиял миллатазул кьурдаби. Хекко-хекко нижер ансамбль батIи-батIиял бакIазда цебе бахъуна. Дицаги гьениб гIахьаллъи гьабула. Гьениб гьединго дица ругьун гьабулеб буго къали кьабизеги. Гьениб дир лъай-хъвай ккана батIи-батIиял миллатазул вакилзабигун.
Дица гIахьаллъи гьабула «Дагъистаналъул гIолилазул мажлисаздаги». Гьенир ниж кьурдула, ахIула кучIдул, рицуна батIи-батIиял харбалги, тарихалда лъугьарал хIужабиги, хекко-хекко бакIарула нижер годекIанги, гьанир нижеца гьоркьор лъола батIи-батIиял ишалги ва суалалги. Гьениб дир магIарулазулгун лъай-хъвай буго. Дида лъана Петербургалда магIарул мацIалъул дарсал кьолел ругеблъи, дица хIукму гьабуна гьение хьвадизе.
Ахиралда дие бокьун буго ГIисахIажи ГIусмановасе баркала загьир гьабизе. Гьесул кумекалдалъун дие рес щвана Петербургалда гьес гIуцIараб «Дагъистан» абулеб маданияталъул идараялда магIарул мацI лъазабизе. Дица баркала кьола ва загьир гьабула дида магIарул мацI малъарав мугIалим ХIамзатов МухIамадиеги. Дида ракIалда буго, Аллагьас хъван батани, Дагъистаналде щвезеги
Мария

ГIисахIажиясе — баркала
Ас-саламу гIалайкум, ракьцоял!
Дида цIар буго Ибрагьим, дун гьавуна ва гIуна Хасавюрт шагьаралда. Дир умумул руго Казбек районалъул Буртунай росулъа. Дица авар мацI лъазабулеб буго, гьеб кIоченчIого букIине. Авар мацI буго дир рахьдал мацI, жеги гьелде абула магIарул мацIилан. МагIарул мацIалъ кIалъалел рукIана нилъер анкьумумул. Диеги бокьун буго дидагоги рахьдал мацI лъикI лъазе. Щай абуни, дие бокьун буго дирго лъималаздаги рахьдал мацI лъазе. Рахьдал мацI буго нилъее умумуздасан щвараб бечедаб ирс.
Шагьаралда гIумру гьабулеб заманалъ, хекко-хекко нилъеца хIалтIизабула халкъазда гьоркъосеб мацI хIисабалда — гIурус мацI. Гьелъги батила, нилъеда дагьабго кIочана рахьдал мацI. Дагъистаналдаса гочараб заманалъ нилъеца рахьдал мацI къанагIат гурони хIалтIизабуларо. Гьединги тIагIуна нилъер рахьдал мацI.
Гьоркьохъеб мактаб лъугIун хадуб, дун гочана Брянск шагьаралде. Гьенив дун колледжалде цIализе лъугьана. Колледж лъугIун хадуб дун ана армиялде ВатIаналъе хъулухъ гьабизе ва гьениб дица бана кIиго сон. Армиялдаса тIад вуссун хадув, дун Москваялде гочана ва байбихьана гьенив хIалтIизе. Я Брянскалда, я армиялда, я Москваялда дир санагIалъи букIинчIо рахьдал мацIалда кIалъазе.
Москваялдаса дун гочана Санкт-Петербургалде. Гьаниб дида лъана Петербургалда бугеб «Дагъистан» абулеб маданияталъул идара букIин. Гьениве щвараб мехалъ бицана гьенир магIарул мацIалъул дарсал кьолел ругилан. Нахъе тIамичIого, дица хIукму гьабуна гьел дарсазде хьвадизе. Ва гьабсагIат дун гьениве хьвадулев вуго.
Дун цIакъ вохарав вуго гIагараб росдадаса ва Дагъистаналдаса рикIкIад рахьдал мацI лъазабизе щвеялдаса. Дие бокьун буго, тIоцебесеб иргаялда, баркала кьезе ГIисахIажи ГIусмановасе, щай абуни, гьес нижее чIезарун руго киналго шартIал. Ва кIудияб баркалла нижер авар мацIалъул мугIалим МухIамад ХIажиевичасе.
РакIалде ккола нилъеца адаб-хIурмат гьабун цIунани, магIарул мацI цебетIелин, гьеб тIадегIанаб даражаялдеги бахинилан.
Ибрагьим Шейхов

КӀалъазе лъаниги
Ассаламу гӀалайкум!
Дида цӀар буго Расул. Дун вуго магӀарулав, Дагъистаналдаса, Харахьи росолъа. Дица гӀумру гьабулеб буго Санкт-Петербург шагьаралда. Жегиги гьитӀинав вугев мехалдаса нахъе щибаб соналъ риидал дун росолъе витӀулев вукӀана эбел-инсуца.
Гьединан дида магӀарул мацӀ лъана. Цинги кӀалъазе лъалеб букӀана, амма хъвадаризеги, тӀахьал цӀализеги лъалеб букӀинчӀо. БитӀун бицани, аскӀор ругездаги лъикӀ лъалеб букӀинчӀо магӀарул мацӀ. КӀалъазе лъаниги, цӀализе лъиданиги лъалароан. Амма дий кучӀдулги, цогидал тӀахьалги цӀализе бокьун букӀана. Доб заманалда Санкт-Петербург шагьаралда магӀарул мацӀалъул дарсал кьолел рукӀана «Дагъистан» централда, Васильевасул ЧӀинкӀиллъиялда.
МухӀамад ХӀамзатов вуго гьел дарсал кьолев чи. Гьес гьитӀиназдаги, кӀудияздаги, лъикӀ лъалездаги, церегӀан рачӀараздаги малълъула цӀализеги, кӀалъазеги, хъвадаризеги. Цинги дунги дир гьитIинав вацги лъугьана гьесухъе хьвадизе. Анкьида жанир цо нухалъ, гьатӀан къоялъ. Цо лъагӀалица лъанаха лъикI гьабун магӀарул мацӀ. Гьанже цӀализеги лъала, хъвадаризеги лъала. ЦӀакъ баркала МухӀамадие. ТӀасияб соналъ, Аллагьас хъван батани, дица дирго лъимал ритӀизе руго.
Расул ГIусманов

Дагъистаналде сапар
ЛъагIалидаса цIикIкIараб заманалъ дун ургъулев вукIана Дагъистаналде сапар бухьине ва ахиралда дица хIукму гьабуна гьениве ине.
2019 соналъул 11 августалъ дун МахIач­хъа­лаялде воржана. Самолет шагьаралде гIа­гарлъулеб заманалда дида рихьулел рукIана берцинал мугIрулги Каспий ралъадги.
Дун Россиялде вачIараб 2015 соналда дида гIемер бицунеб рагIана Дагъистаналъул хIакъалъулъ. Петербургалда ругел дир гьудулзабаз гIемер абулаан, Дагъистан хIинкъараб бакI бугилан ва интернеталдаги гIемер бицунаан гьеб хIинкъиялъул хIакъалъулъ. Амма гьеб хIинкъиялъул дица ургъел гьабичIо, щай абуни, дун вуго Мексикаялдаса, гьеб жеги хIинкъараб бакI буго. Гьел гIемер рицунел харбаз дие цIакъго бокьана Дагъистаналде сапар бухьине. ТIадежоялъеги, дун вуго Мексикаялдаго МугIрузул шагьарилан цIар араб Монтеррей шагьаралдаса, ва гьелъги батилаха, дир ракIги Северияб Кавказалде цIалеб букIараб.
Аэропорталда дида дандчIвай гьабуна дир магIарул мацIалъул мугIалим МухIаммад ХIажиевичасги ва гьесул вацгIал АхIмадицаги. Ниж ана АхIмадихъе, гьенире къалъуда щвана ва нижеца гьениб къадеквен гьабуна, хадур ниж таксиялда РахатIе ана.
Байбихьудаго дир пикру букIана лъабго-ункъо къо гьениб базе. МугIрузул нухазда нижеца бахъана ункъо сагIат, гьеб букIана гIажаибго берцинаб ва гьелъ дие кIудияб асарги гьабуна. Дие цIакъ рокьана нухда ругел гIисинал мажгиталги гIурччинал исламалъул байрахъалги. Ниж Буйнакскиялдасахун рачIана, цIакъ бокьун букIана гьеб шагьар бихьизеги, амма нижер заман букIинчIо, щай абуни, ниж дуниял рукIкIиналде магIарухъе щвезе кколел рукIана. Аллагьас хъван батани, хадусеб нухалъ щвезе ватила.
Буйнакскиялдаса хадур ниж рахана мугIрузде ва гьениб бугеб туннель тун хадур ниж щвана имам Шамилил росулъе — Генуре. Гьелдаса хадур ниж Черкеялъул (ЧIикIаб – ред.) жаниблъиялде лъугьана. Нухдасан унаго нижеда рихьулел рукIана берцинаб ва гучаб гIорги берцинал мугIурулги.
Ниж МухIаммадихъе рокъоре щвана сагIат анцIгоялда бащдаб хIалтIараб заманалъ, нижеда дандчIвай гьабуна гьесул эбелалъги яцалъги. Ниж тIаде щвелалде хIадурун батана къасиквенги. Радал вахъараб заманалъ, рукъалда цебе дида бихьана мегIер ва гьелъ дун цIакъ гIажаиблъизавуна. Гьеб мегIералъ дида ракIалде щвезабуна дирго гIагараб шагьар. Хадув дун ана ахикье. Гьенир рукIана гIечулги, генулги, мокьролги ва кокомилги гъутIби ва гьениб букIана берцинаб майданги, гьенир рукIана накIкIил гъутIбиги. Гьениса хадув дун щвана лъарахъеги.
Дун радал кваналеб мехалъ, нижеде тIаде вачIана МухIаммадил вацасул вас. Дун гьелгун цадахъ Къурбан Байрамалде хъвезе чахъу бачине ана. Гьеб букIана дир тIоцебесеб Къурбан Байрамалъул къо. ТIубараб къоялъ тIаде рачIунел рукIана гIагаралги, мадугьалзабиги, гьудулзабиги, лъалел-хъвалелги, росуцоялги Къурбан Байрам баркизе. Дие гьениб бокьана киназулгун лъай-хъвай гьабизе ва магIарул калам рагIизе.
Гьебго къоялъ бакъанида ниж ана росулъ бугеб лъадал гьобо бихьизеги, дида гьениб дир гIумруялда жаниб тIоцебе бихьана урба гьабулеб къагIида. Амма гьобо къачIалеб букIана, гьединлъидал нижее данде ккечIо урба, ханжу гьабулеб къагIида бихьизе. Ниж гьоболлъухъе ахIана МухIаммадил росуцояв МухIаммадов Халилица.
Къаси МухIаммад ХIажиевичасухъе вачIана гьесул вацгIал Хангерей. Гьесда цадахъ рукIана гьесул васги ва гьесул гьоболги. Хангерейица дун ахIана гьоболлъухъе. Гьесул мина буго АнсалтIа, гохIда. Минаялда цебе буго пихъил ахги, гьениб бугоан цIибил, микъир, ва бахчаги. Радал дун гьес вахъине гьавуна рогьалил как базе, ниж ана мадугьалихъ бугеб мажгиталде как базе. Мажгиталда дие цIакъ бокьана. Гьениб бугеб гIадлу-низамалъ дие кIудияб аcар гьабуна. Мажгиталдаса нахъруссун хадур, ниж кваназе журана, бихьулеб букIана гьесул хъизан гьобол-чи хирияб ва гьелъие кIудияб кIвар кьолеб букIин.
Гьенисан ниж ана АнсалтIе гьениб бугеб гьобо бихьизе. Гьабихъ букIана годекIанги, нижеца гьезие салам кьуна ва дица лъай-хъвай гьабуна гьенир ругел гIадамазулгун. Ниж цоцада кIалъана, дун Мексикаялдаса гьобол вукIин лъараб мехалъ, гьел цIакъ рохана. Бихьулеб букIана, гьелги гьобол-чи хириял гIадамал рукIин, гьалбадеридехун гьезул кIудияб адаб-хIурмат букIана.
Гьениса ниж ана гьобо бихьизе. Гьеб букIана лъадал гьобо. Дида гьениб бихьана ханжуги урбаги гьабулеб къагIида. Хадур ниж гьоболлъухъе ахIана гьабихъ аскIов вугев МухIаммад ХIайбулаевас (бегасул ХIабичил) Гьесги гьесул хъизаналъги гьабуна цIакъ берцинаб гьоболлъи. Гьесие нижеца баркалаги кьуна ва рокъоре тIад руссана. Хадусеб къоялъ ниж гьоболлъухъ ахIана РахатIаса МухIаммад ГIалиевас (ГIумар-ХIажил).
Гьенибги къачIан батана батIи-батIиял нигIматазул стол. Гьениб нижеца лъикIаланго заман бахъана. Хадур ниж, гьезие баркалаги кьун, къватIире рахъана ва рокъоре тIад руссана. АрбагI къоялъ бакъанида дун ана МахIачхъалаялде. Гьенив дун рещтIана Каспий ралъдада аскIоб бугеб «Каспий» петералда.
Гьениб дица бахъана ункъо къо. Гьениб дица лъай-хъвай гьабуна МахIачхъалаялда ч1ей бугев дир магIарул мацIалъул мугIалимасул мадугьал МухIаммад-Загьид Гъазиевасулгун. Гьес гьениб хIалтIизабулеб буго «КIудияб бугьун» абураб ашбаз-хана. Щибаб ригьалъ дун гьениве хьвадулаан кваназе. Гьенир хIадурулел рукIана Дагъистаналъул халкъазул гурелги цогидал миллатазулги кванил нигIмат-тIагIамал. Бихьулеб букIана МухIаммад-Загьидги гьобол-чи хирияв гIадан вукIин. Гьениб дица лъай-хъвай гьабуна гьесул вас Шамилилгунги.
Шамат къоялъ дун музеялде ана, хадув цо дагьалъ шагьаралда свера-тирана. Дида ракIалда букIана цIар рагIараб Дербент шагьаралдеги щвезе. Амма заман букIинчIо. РакIалдаги буго, Аллагьас хъван батани, хадусеб нухалъ гьенибе сапар бухьине. ГьатIан къоялъ дун Петербургалде воржана.
Дида бичIчIана аслияб къагIидаялъ Дагъистаналда, магIарухъ — РахатIаги АнсалтIаги — лъикI букIанилан. Дида дандчIвана ва лъай-хъвай ккана цIакъ лъикIал, гьобол-чагIазул адаб-хIурмат цIикIкIарал гIадамазулгун. МугIрул рукIана цIакъ берцинал. Дие бокьана лъарги, ахалги, къватIалги ва минабиги. МахIачхъалаяда вугеб мехалъ, дун мугIрузде урхъун вукIана. ГьабсагIат абуни, Петербургалда дун ургъулев вуго кидадай дун жеги магIарухъе щвелаян.
Гьеб сапаралда дида гIемераб жо бичIчIана. Цебеккун Дагъистаналъул хIакъалъулъ дида рагIараб жо кинабго битIараб гьечIеблъи. Киса-кирго руго батIи-батIияб гIамал-хасияталъул гIадамал. Нилъеда гьоркьорги камуларо лъикIаб гуреб хьвада-чIвадиялъул гIадамал. Гьелъин абулеб, цо-цо гIадамазухъ балагьун, нилъеца тIубараб халкъалъе лъикIаб гуреб къимат кьезе бегьуларилан.
Цо-цо гIадамазе бокьула паранг, ингилис, немец яги гIурус маданият ва гьез лъазарула гьел халкъазул мацIал. Гьенире сапаралги рухьyна, тира-сверизеги уна. Диени абуни, бокьана Дагъистанги, гьенир ругел гIадамалги, гьезул гIадаталги, щайгурелъул, дунги гIурав вуго Мексикаялъул мугIрузда.
Бищунго цIакъ кIудияб баркала кьезе бокьун буго Петербургалда бугеб Культурно-Просветительский Центр «Дагъистан» гIуцIарав Хунзахъ районалъул Харахьи росулъа ГIиса-ХIажи ГIусмановасе. Щай абуни, гьесул баракаталдалъун дие рес щвана магIарул мацI лъазабизе.
АхIмад Гонсалес

Дир рокьи бижана авар мацIалде
РакIалда гьечIого дир гIумруялде жанибе лъугьана авар мацI ва гъобсагIатго дир рокьиги ккана. Гьале анцIгогIанасеб сон унеб буго авар мацIалде дир пикруги буссаралдаса.
Дида цIар Рания буго. Гьаюна Санкт-Петербург шагьаралда, гьоркьохъеб мактаб лъугIана Мурманск областалда ва цо соналъ цIалана СШАялда. Дие бокьун букIана таржамачиясул махщел щвезе, гьединлъидал дун лъугьана Санкт-Петербургалъул пачалихъияб университеталда бугеб филологиялъул факультеталде. Хадуб дица тIадчIей гьабуна экономикияб гIелмуялда ва чанго соналъ дун дармил компаниялда менеджерлъун хIалтIана. Гьелда тIадеги, лъимерлъиялдаса нахъе дица байбихьана батIи-батIиял кьурдаби лъазаризе, гьединлъидал Петербургалде щвейгунги балагьулеб букIана кьурдизе малъулеб бакI.
Кинабго хисана Ашраф Магьдиевас (Белокани росу, Азербайжан) ва МухIаммад ЦIадиевас (ГьоцIалъ росу, Хунзахъ район) нухмалъи гьабулеб Дагъистаналъул кьурдул «Гьудуллъи» ансамблялде дун ккарабго. Гьенир рукIана батIи-батIиял миллатазул ясал ва цого-цо магIарулал васал. Нухмалъулелги васалги гара-чIварулел рукIана авар мацIалда. Гьеб гара-чIвариялъ дида ракIалде щвана дун филолог йикIин, амма дица бищунго гIажаиблъи гьабуна авар мацIалъул гьаркьазда. Университеталдаги дие бищун бокьулеб предмет фонетика (гьаркьазул гIелму) букIана, гьединлъидал авар мацIалъул гьаркьазги дие кIудияб асар гьабуна. РакIчIараб буго, дуниялалда цониги филологас авар мацIалъул калам-гьаркьазде кIвар кьечIого теларилан. Гьелдаса нахъе гьеб ансамблялде дун хьвадулаан диктофонгун ва кьурдабазул дарсал лъугIун хадур дица диктофоналда хъвараб гьаракь-каламалъул хIисаб гьабулаан ва хIаракат бахъулаан кинабго такрар гьабизе.
КватIичIого дица цIехезе байбихьана авар мацIалъул дарсал ва мугIалим. Гьеб цIех-рехалъ дун ячана Санкт-Петербургалда бугеб «Дагъистан» абулеб маданияталъулгун лъай кьеялъул цолъиялде. Гьениб дир лъай-хъвай ккана дир тIоцевесев авар мацIалъул мугIалим МухIаммад ХIамзатовасулгун (АнсалтIа-РахатIа росу, Болъихъ район).
Хабар-каламалдалъунги дарсаздалъунги дица байбихьана тIоцересел галаби рахъизе авар мацI лъазабиялде. Щибаб рагIиялъе магIна ва таржама гьабулаан, маданият-тарихгун гIадаталги кьочIое росун. Гьелдаго цадахъ дица ралагьулел рукIана авар мацIалъул рагIибуссал, кинал рукIаниги тIахьал дицаго тIадеги авар мацI лъазабизе. КигIан дица хIаракат бахъаниги, Санкт-Петербургалъул библиотекабазда дие хIажаталщинал тIахьал ратичIо. Гьединго дида батичIо магIарул гурел миллатазе хъвараб кинаб букIаниги тIехь-сурсатги. Дун щиб гьабилеб лъаларого хутIун йикIана.
Дида бичIчIана, авар мацI лъазе ккани, цо нух букIин — Дагъистаналде ине, гьенир хасал тIахьал ралагьизе, магIарулазулгун лъай-хъвай гьабизе, магIарул гурел миллатазе жалго тIадчIун авар мацI лъазабизе рес кьолеб тIехь гIуцIизеги. Гьенир батIи-батIиял мацIазул гIаммалги хасалги гIаламатал рихьизаризе.
Гьедин дица хIукму гьабуна Россиялъул ГIелмияб Академиялъул Дагъистаналъул ГIелмияб Цолъиялда (ДНЦ РАН) бугеб аспирантураялде лъугьине ва МахIачхъалаялде гочине, гьениб мутагIилзабазда ингилис мацI малъизе, диссертациялда тIад хIалтIизе.
Гьеб ишалдалъун дие талихIаб рес щвана дир вукIинесев гIелмияв нухмалъулев МухIаммад МухIаммадовасулгун (Рулдаб росу, ЧIарада район) лъай-хъвай гьабизеги. Доб мехалъ гьев РАНалъул ДНЦялъул ИЯЛИялъул нухмалъулев вукIана, гьанже Дагъистаналъул аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев ккола. Гьев вуго машгьурав гIалимчи, мустахIикъав мугIалим ва хIурматияв хIаракатчи. Гьес дие сайгъат гьаруна авар мацIалъул хIакъалъулъ хъварал тIахьал, лъай-хъвай гьабуна мугIалимзабазулгун, кидаго дир гIелмияб хIалтIуе кумек гьабула, лъай-хъвай гьабуна жиндирго хъизан-лъималгун, гьоболлъухъ ахIана жиндирго гIагараб росулъе.
Гьединго дие бокьун буго баркала загьир гьабизе РАНалъул ДНЦялъул гIелмияв хIалтIухъан МухIаммад МухIаммадовасе, гIелмияв хIалтIухъан Юнус МуртазагIалиевасе, ДГПУялъул Дагъистаналъул мацIазул кафедраялъул нухмалъулев МухIаммад НурмухIамадовасе, ДГУялъул ингилис мацIалъул кафедраялъул нухмалъулей ХIайбат Кадачиевалъе ва гьединго ДГУялъул мугIалимзабигун мутагIилзабазеги — гьезул лъикIаб бербалагьиялъухъ, гIакълуялъухъ, кумекалъухъ ва кверчIваялъухъ. Дагъистаналде щваралдаса ва авар мацI лъазабизе байбихьаралдаса нахъе дие кIудияб талихI ккана жиндир ишалъул махщел бергьарал устарзабигун гьудул-гьалмагъзабигун дандчIваялъ.
Рания (Санкт-Петербург)