Газалъул цо рогIоро сабаблъун росуйищ биххизабулеб?

    17 февралалда Хъумторхъала районалъул ЦIияб Шангъода-Шитлиб росдал гIадамал чIун рукIана шагьранухги къан.
Гьелъие гIиллалъун ккана росулъе газги канлъиги къотIизабизе «Газпромалъул» хIалтIухъаби рачIин. Гьелдалъун гьел хIадурулел рукIана гIадамазул минаби риххизаризе. Гьединаблъун бихьизабун буго 18 мина (жибго росулъ буго кIинусгоялде гIагарун мина). ТIоцебе биххизабизехъин буго гьезул лъабгояб.

 

    Минаби гурелги, моцIида жаниб росдал школаги биххизабизе кколин абураб лъазаби бачIун букIана «Газпромалъ» гъоркьиса 3 сентябралда гьелъул директор Узлипат Сагитовалъухъе.
Бицен гьабулел бакIаздаса 200-300 метралъ рикIкIад буго «Моздок-ГъазимухIамад» абураб ракьулъан лъураб газалъул рогIоро.
Гьединлъидал газалъул гIоркь кодоб бугез рикIкIуна гьеб бакIалъул кутакалда хIинкъи бугин гIадамазе, гьединлъидал жидерго гIарцухъ жалго бетIергьанал минабиги риххизарун, гьел гьениса нахъе ине кколилан.
Гьеб хабар байбихьана 2015 соналдаго.
Амма гIадамал рази гьечIо «Газпромалъул» хIукмуялда.
    Цин бугони, гьезул умумуз гьенир минаби рана 1978 соналдаго. Газалъул рогIоройин абуни бачана 2000-абилел соназул байбихьуда.
«ГIадамаз жанир гIумру гьабулел минабиги рихьулаго, щайха гьенисан газ бачараб?» — ин суал лъолеб буго росдал гIадамаз.
«ХIакъикъаталъ» гара-чIвари гьабурай Загьрат Къебедовалъ бицана жидеда архивалда кIиго батIияб документ батанила. Цоялда рекъон, советияб хIукуматалъ гIага-шагарго 1937-1940-абилел соназда хIукму гьабун буго гьел ракьал Шитлибги Шангъодаги росабазе хурзал-ахал гIезаризе кьезе. КIиабилеб документалдайин абуни хъвалеб буго гьел ракьал тIуранго гьеб росдал бетIергьанлъиялде кьолел ругилан.
БукIаниги, минабиги риххизарун, гIадамал гьениса нахъе ине кколилан, газалъул хъулухъа­лъул чагIи тIаса ричIулел гьечIо. Амма жидее гьебщинаб балагь гьабичIого, рогIоро дагьалъ рикIкIадасан бачине бегьуларищан чIун руго гIадамал. Гьеб жо къабуллъулеб гьечIо «Газпромалъе».
КъваригIун батани, нужецаго добегIан цIайила гьеб. Амма хIакъикъаталда рогIоро дагьалъ добегIан бачинеян жал лъугьанигицин, 90-100 млн гъурущ унин гьелда тIад, хIалицаго хъизамалги хьихьун ругел жидер киб букIунеб гьебщинаб гIарацилан минабазул бетIергьабиги руго.

«ГIемерисел херал ва унтарал гIадамал руго гьанир. Гьезда унтиги гьел минаби риххизаризехъин ругилан абураб харбица ккезабуна», — ян бицана Загьратица.
Шангъода-Шитлиб росдал гIадамал гьебго гIиллаялъ шагьранух къазе рахъун рукIана 2018 соналдаги гъоркьиса риидалги. Масала, 2018 соналда гьезие лъагIел кьун букIана (2019 соналъул марталде щвезегIан) минабазул документалги цогидабги рукIалиде ккезабизе.
«Амма гьеб заманалда жаниб нижер документазулъ щибниги хиса-баси ккечIо. Къоркъмасхъалаялъул хутIизегIан, киналго судазда къолелги руго ниж. Гьанже «Газпромалъги» судебниял приставазе цIидасан гIакъуба кьолеб рагIула судалъул хIукму тIубачIого нуж щай гьедин чIун ругелилан. Гьел минабиги нижер харжаздалъун риххизаризе кколел рагIула. Гьелъие гIоло тракторги бачун рачIарал приставазе, трактор хIалтIизабуралъухъ, минаялъул хважаинас ункъазарго гъурущ кьезе ккола», — ян баян гьабуна Загьратица.
ПалхIасил, гьеб росулъ цониги чиясул гьечIо минабазул документал.
Я росдал, я минабазул кинабгIаги статус гьечIониги, гIадамазухъ руго хIалтIизабураб токалъухъги газа­лъухъги гIарац кьурал квитанциял.
Жидеда бугеб хIалалъул бицун гьез Москваялде, президент Путинихъе щвезегIан хъварал кагъталги тIадруссун МахIачхъалаялдего рачIунел руго. Гьединабго хIасил кколеб буго ДРялъул хIукуматалде хъварал гIарзабазулги.

ХадурагIи
ЦIияб Шангъода-Шитлиб рос­дал гIадамазул мурадал цIу­ну­лев адвокат Заур Башировас «ХIакъикъаталъе» бицана гьеб суалалда тIасан ДРялъул хIу­ку­маталда 18 февралалда данде­лъи тIобитIанин. Гьелдалъу­н гIезегIан гIадамал разияб хIук­муги кканила: цин бугони, тIа­лъи­ялъ рагIи кьун буго гьеб росдае статус кьезе. КIиабизе бугони, «Газ­промалъулазда» абун буго ну­жеца гIадамазул минаби риххи­заругейин, гьелъу­л ба­кIалда яги рогIоро цогидаб ба­кIал­дасан бачейин, яги гьелъул за­рал букIинаредухъ, гьелда тIад ра­кьул цоги гъат гьабейин.
Бицен гьабулеб дагIбаялда бан пикру лъазе къваригIун, «ХIа­къикъаталъ» бухьен гьабуна Ма­хIачхъалаялда бугеб «Газпро­малъул» вакиллъиялъулгун. Ам­ма гьелъул хIалтIухъабаз инкар гьа­буна жаваб кьезе.