Гранталда тIасан 11 азарго пикру

 
 13 февралалда «Дагестан» РИАялда журналисталгун дандчIвана республикаялъул экономикаялъул ва территориалияб цебетIеялъул рахъалъ министр ХIажи Султанов. 
Агентствоялъул директор Му­хIа­мад МухIамадовас баян гьабуна гьеб бугин «Открытая власть» абураб проекталъул мурадалда тIобитIулеб пресс-конференция. Султановго гIадин, зама-заманалда цогидал министралги ахIизе ругин гьенире бокьараб суалалъе жавабал кьезе. 
 

Байбихьуда ХIажи Султановас къокъго бицана гъоркьиса республикаялъул экономикияб бутIаялда ккарал хиса-басиязул, хIисабалде росарал хIалтIабазул. 
Гьедин, лъалаго цIикIкIун буго бакIарулеб магъало, ралел минаби, лъикIлъун буго гIадамазул рукIа-рахъин. 
Федералияб программаялъул кумекалдалъун республикаялда ралел руго цIорол кIкIор ва полиэтилен гьабулел заводалги. ЛъагIалил ахиралдехун хIалтIизе риччазе руго гьел. 
МахIачхъалаялъул аэропорталъул рахъалдехун балеб буго же­ги кIигоги завод. Спирт гъорлъ гье­чIел гьекъолел жалги гьанал нигI­маталги хIадурулел заводал ккола гьел. 
Чамалиго соналъ чIобого хутIун бугеб «Дагдизель» заводалъул ра­кьалда индустриалияб паркги гIу­цIулеб буго.
Хадуб министр ХI. Султановас жавабал кьуна журналистазул суалазеги. 
Советияб заманалдасаго машгьураб «Дагдизель» гIадал заводазул кинал ресалин ругел республикаялъул экономика цебетIезабиялъулъ гIахьаллъиялъеян гьикъана гьесда «Дагестан» РИАялъул директор МухIамад МухIамадовас. 
ХIажи Султановас бицан­а, тIо­це­бесеб иргаялда, жидее хIажат бугила хутIаралниги хIалтIухъаби цIу­нун хутIизе. Республикаялъу­л хIуку­ма­талъги улкаялъул тIалъиялде хи­тIабал гьарун ругила жидее заказал кьеян. 
Гьелда цадахъго рагъулал яги электронниял алатал къватIире риччалел рукIарал заводаздагицин гьанже гражданияб къайиги биччазехъин рагIула. Гьедин, масала, КЭМЗалъ кьоял гьаризецин байбихьун буго. Республикаялъул бюджеталда 94 млн гъурущ бихьизабун буго 15 кьо гьабизе. 
Министрасул рагIабазда рекъон, лъикIал хIасилал руго цIер гьабиялъул (2 миллиардалдаса цIикIкIун гъурщиде къайи биччан буго). Кьерцисалаялда дандеккун, 2 млн долларалъ цIикIкIун биччан буго гъоркьиса цIорол банкабиги шушбиги. Гьедин 4 млн долларалде цIорол цIа-рагI къватIисел улкабаздеги би­тIун буго.
 Гали бахъа-бахъаралъур лъурал гIисинал базаразул гьикъана «Илчи» газеталъул журналистас. Гьел базараздаса щолеб хайир участковияв инспекторасул чвантинибе унила. Гьелъул бакIалда, гьел киналго базарал тIатинеги гьарун, бюджеталде налогал кьезе щай тIамуларел яги къазе щай къаларелин абураб суал кьуна журналистас. 

Министрас жаваб кьуна гьеб бугин даранчагIазе квербакъулеб агентствоялде тIаде кколеб суал. Гьелъул вакилзабаз рагIа-ракьанде щун кьелин гьелъие жавабги. 
Амма гьел базарал къаялъул суал цIакъ гIакъилго тIубазе кколинги абуна министрас. Щайин абуни, гьенир хIалтIулел, гьениса бетIербахъи гьабулел чагIи нилъер ракьцояллъидал кколел. 
«ИТАР-ТАСС» агентствоялъул журналистас гьикъана федералияб централдаса Дагъистаналъе бихьизабураб гранталъул (1,2 млрд гъурущ): «Нилъехъе кодобе щун бугищ гьеб гIарац? Кинал мурадазда гьеб харж гьабизе бегьулеб? Сундухъ нилъее гьеб щвараб?»
— РФялъул регионазул бутIрузул хIалтIуе къимат кьолеб 15 батIияб къагIида буго. Гьениб хIисабалде босула гIадамазул рукIа-рахъин лъикIлъараб куц, мискинал чагIи дагьлъи, регионалде инвестициял рачIин ва цогидаб. 
Гьеб грант сунда тIад хвезабизе бегьулебали интернеталдасан гьаркьал кьолеб къагIида ургъун буго нижеца. 11 азаралда 97 батIияб предложение буго гьениб. Москваялдасагун Санкт-Петербургалдасагицин ахIун бачIана. ГIадамаз абулеб буго сахлъи цIуниялда, лъай кьей лъикIлъизабиялда тIад хвезабизе бегьулин гьебилан. Цебеса­ккун киназего бикьун лъикIин гьеб гIарацилан абулел чагIиги руго. Ахиралда жамгIиял хIара­катчагIиги, гIалимзабиги, цогидал эксперталги ахIун, бищун лъикIал предложениял тIаса рищизе руго, — ян жаваб кьуна ХI. Султановас.
«ХIакъикъаталъул» рахъалдаса кьураб суал букIана цIер ва полиэтилен гьабулел заводал рачIого, росдал магIишаталда хIалтIулел дагъистаниязе хIажатал объектал щай республикаялда бищунго гIемер раларелин абун. 
— Бизнесалъ цIехола гIицIго жиндиего хайирги бугеб, заралги дагьаб бакI. Гьел рехсарал заводазда хIалтIухъабазе щола гIезегIан кIудиял харжал. Гьединго росдал магIишаталъе хIажатал объекталги руго республикаялда, — ян бицана министрас. 
Рищни-къулалъул завод къвари­гIун бугилан бицунелдасаги чанго анцIго сон буго. Амма жеги рагIалде бахъараб жо гьечIо. ХIажи Султановас бицана гьединаб цо проект билълъанхъизабулеб бугин Болъихъ районалда. Цогидал бакIаздаги гьаризе ругила.