«Россиялъул церехъабазул» хIалбихьулеб заман

 

ГьанжегIагар Минеральные Воды шагьаралда рагIалде бахъана «Лидеры России» конкурсалъул СКФОялда тIобитIулеб бутIа.
Финалалде рорчIарал гIахьаллъи­зе руго улкаялъул киналго регионазда бергьаразул къецазда.

 

ПалхIасил, Минводыялде ра­чIа­рал «лидеразул» бищун кIу­ди­яб къокъа Ставрополь краялдаса букIана – 106 чи. Гьезда хадубго рехсолеб букIана Дагъистаналдаса къокъаги – 87 чи.
Гьедин Ставрополь краялдаса финалалде ворчIана 14-яв, Дагъис­таналдаса — 7-яв, Кабардино-Балкариялдаса — 4-яв, Северияб Осетиялдаса — 2-яв, Чачан Республикаялдаса — 2-яв, Карачаево-Черкесиялдаса -2-яв.
Финалалде рорчIарал дагъистаниял ккола – Фарид Абалаев, ХIажимурад ГIабашилов, Вагьаб ГIабдулхIамидов, ГIалихан Аварский, Адил Акавов, СагIаду Казиев, ПатIимат ГIумарова.
Гьанир гъоркьехун кьолел руго гьеб конкурсалъул хIакъалъулъ цо-цо пикраби:
Идрис Юсупов, «Новое дело» газеталъул журналист, конкурсалда кIицIулниги гIахьаллъарав, амма финалалде ворчIичIев:
— Дун гъоркьисаги гIахьаллъана гьеб конкурсалда. Бащдаб финалалде ворчIун вукIана. Гьединлъидал исанаги хIалбихьизе ракIалде ккана. Цевехъанлъи гьабизе малъулеб, чиясулъ гьединаб махщел тIатинабулеб гIезегIан пайдаяб конкурс буго гьеб. ТIадежоялъе, тIолабго Северияб Кавказалдаса церетIураздаса церетIурал гIадамал данделъараб бакIалда батIияб асарги букIана, лъикIал лъай-хъваялги ккана.
Амма дида цо жо бичIчIичIо гьениб. Кинаб къагIидаялдалъун, щиб берцин бихьун жюриялъ чи тIаса вищулевали. Гьез нижедаги бицинчIо гьеб. Ахиралда лъазабула гьалги-гьалги чагIи бергьанилан. Сундуе гIолояли лъиданиги лъаларо.
Кин букIаниги, ун лъикI нилъер чагIи гьединал къецазде. Гъоркьиса анлъго дагъистанияв вачIун вукIана финалалде. Амма гьезул цонигияв бергьинчIо. Исана анкьгоял рахъана финалисталлъун. Балагьила, улкаялъул даражаялда кинаб къимат гьезие кьолебали.
Гъоркьиса рукIараздаса цIи­кIкIун чагIи рачIун рукIана нилъер республикаялдасаги. Гьебги лъикI гьечIищха?
ХIажимурад ГIабашилов, «Лидеразул» финалист, («Хъиргъу» ком­паниялъул директор):
— Дун гIажаиблъизавуна дора гIахьаллъарал нилъер республикаялдаса вакилзабаз. Кутакалда къуватал конкурентал ратана гьел. Гьезул рахъалъ дирго гIадаб пикру цогидал республикабаздаса вакилзабазги загьир гьабуна.
Гьенире ракIарун рукIана жал чара гьечIого церехун ине кколин абураб пикруялъ кодоре росарал, амма гьеб лъаялдаса чIухIи яги рекIелъ жахIда-хIусуд гьечIел гIолохъаби. Цоцазулъ къец балел рукIин лъаниги, гIезегIан гIодоре риччан, жидедаго ракIчIун кIалъалелги хьвада-чIвадулелги ру­кIана дора киналго. Гьудуллъиялъул асар букIана сверухъ. Амма, битIун бицани, дидани ккун букIана гьениб ракIчIегIерлъиги ццимги камиларилан. Гьединаб бакIалда конкуренцияги хIиллаги халлъи гIадатияб жолъидалха.
Дунго финалалде ворчIиялдасаги цин вохана, хадув гIажаиблъана. Дие хIажат букIана конкурсалде рачIарал церетIурал пикрабазул, бербалагьиязул гIадамазулгун лъай-хъваял, бухьенал гьари. Гьединлъидал, цо гъорлъе ваккун, конкурсалъул тIалабгицин гьабулеб букIарабищ дицаяли… Амма гьедин бухьенал гьаризе ва гьелдалъун гIадамал цо­лъизаризе конкурсантазул бугеб махщалидеги кIвар кьураб къагIидаха жюриялъ.
Нилъер гьаниса 87-гIан чи дове вачIиналъул магIна ккола гьеб конкурсалде божилъи гьабулеб букIин. Гъоркьиса гьенив бергьарав Абзагьир ХIусенов ДРялъул росдал магIишаталъулгун продовольствиялъул министрлъун теялъги цIакъго ракIбазабуна гIадамазул.
Гьединго нилъер гьаниб гIадат буго цо чияс щибниги гьабуни, жиндир камураб щибин, жиндаги кIоларогойищ гьебго жо гьабизеян, цоцазулъ къец бай. Хасго спорта­лъулъ дандчIвала гьеб. Гьанже лъаялъулъги баккулеб буго.
— 87 чиясда гьоркьоса 7 чи фи­на­лалде ворчIи кин дуда би­чIчIу­леб?
— Гьеб гIезегIан лъикIаб хIасил буго. Нилъеразул анцIго чиниги бергьинилан абураб хьул букIана нижер. Щал гьел рукIине бегьулелали нижецаго цере чIезарунги рукIана. Масала, дидаги ГIалихан Аварскиясдаги гIемерисез абулеб букIана жидеда ракIчIун лъалин нуж кIиялго бергьине рукIин. Амма нижедаго гьедин кколеб букIинчIо. Нижер пикру букIана жюриялъе къваригIараб куцалда лидерлъи гьабизе бажарулеб батиларин нижехъа­ян абураб. ХIакъикъаталда абуни, гьез лъикIаблъун рикIкIана пуланаб ишалда гъорлъе гIадамал цIазе, пуланаб пикруги рекIелъе биччан, чи цо ишалде машгъуллъизавизе бугеб гьунар. Жюриялъ гуро нижее гьеб баян гьабураб. Гьедин батилилан нижедаго ракIалде кколеб буго, киналъулго хIисаб гьабидал.
— Лъиде букIаниги цIайи букIанищ гьезул, ай цоял цере гьарун, цогидал нахъе цун?
— БукIинчIо. Масала, техника чIун хутIиялда, хвеялда бан цо-цоял кватIулел рукIана жавабал кьезе. Гьезиегицин кумек гьабуна жюриялъ. ГIицIго цо хIужа рекIее гIечIо нижее – хъвадарухъан ва гIалимчи, Кубачиса СагIид Ниналалов конкурсалде виччачIолъи. Гьелъие гIиллалъун ккана гьев судалде гъоркье ккарав чи вукIин. (Кубачи росдал художествияб комбинаталъул директорлъун вукIаго, чанго соналъ жанив тIамун вукIана гьев – ред.).
ШугIайнат МухIамадова, Минводыялда конкурсалда хадуб халккун йикIарай «Махачкалинские известия» газеталъул бетIерай редактор:
— Цо бакIалде данделъарал це­бе­тIураб лъаялъулги, гьанже заманалъул къагIидаялда хIалтIизе бажарулеб пикруялъулги махщалилги гIадамал рихьидал, рекIее гIажаибаб асар лъугьинчIого хутIуларо.
Бокьараб ригьалъул чиги гIа­хьаллъизе бегьула гьенив. Гьединго цо командаялде ккезе бегьула пуланаб идараялъул нухмалъулевги гIадатияв хIалтIухъанги. Жюриялъе батIалъи букIунаро дур хъулухъ-пишаялъулги дуда нахъа бугеб бечедаб тухумалъулги.
Гьединго исана журналистазе тIоцебе рес щвана финалистаз­да цадахъ цо столалда нахъа гIо­дор­ги чIун, ишалъулал хIаязда гIа­хьаллъизеги. Гьелдалъун нижеда бичIчIана конкурсалда суалазе жаваб кьолелъул гIахьалчагIазул кинаб хIал букIунебали.
ПалхIасил, Северияб Кавказалъул курортал туристазда берцин рихьиялъе щиб гьабизе кколебин абураб суал лъуна экспертаз нижеда цебе. 10 минуталдасан нижеца жаваб кьуна гьеб регионалъулги гьелъул гIадамазулги рахъалъ интернеталдеги прессаялдеги гIицIго лъикIаб, ракI тIаде цIалеб информация гурони рехизе бегьуларилан. ГIурусалъ абуни, информациялъул фон абураб жо лъикIлъизабизе кколин. Ниж журналисталлъидал, жавабги гьелдаго релълъараб кьунаха.