Хасаб асар буго дир чуяздехун

5 февралалда «РИА-Дагъистаналъул» редакциялда тIобитIана ЧотIахъабазул федерациялъул вакилзабазул пресс-конференция. Республикаялда гьединаб федерацияги гIуцIана дагьаб цебегIан.
Официалияб куцалъ, федерация хIисабалда, гьелъие аккредитация щвана гъоркьиса Таргъу ма­гIарда рукIарал чуял тIамиялъул къецаздаса ха­дуб. Гьелъул президент ккола бизнесмен Зубай Му­хIа­мадов.

Умумузул заманалда чуязде букIараб хIажалъиги гьезул къиматги жакъасеб наслуялъе цIигьаби бугин жидер аслияб мурадилан бицана гьес.
Федерациялъул исполнительнияй директор ккола ГIайшат ГIалиева. ГьитIинго байбихьана гьелъ чуязул гIумруялъул хIа­къи­къат лъазабизе, гьабсагIат зоотехниклъун хIалтIулейги йиго.
— Нилъер республикаялда гIезе­гIан машгьурлъун руго чуял тIа­миялъул къецал, — илан бицана гьелъ. — Амма нижеда ракIалда бу­го гьелдаго цадахъ чуял тIамиялъул класси­киял къецалги цIикIкIинаризе. Гьез­да гъорлъе уна конкур, троеборье ва гьел гурелги чотIа гьарулел гьунаразул тайпаби. Гьединго машгьурлъи щун буго дунялалда пуланаб манзилалда чуял рекеризе риччаялъул рахъалъги. Хасго гьелде кIудияб кIвар буссинабулеб буго гIарабаз
Федерациялъул вакилзабазда ра­­кIалда буго цохIо чуязул къецал машгьур гьари гуребги, гIун ба­чIунеб гIелалъе тарбия кьеялъулъ гIа­хьаллъизеги. Мисалалъе, лъимал чуязда гьунарал гьаризе, чIорал ре­чIчIизе, гьел гурелги, цере умумуз тIо­ритIулел рукIарал къецазе куцазе.

Гьединго ГIайшат ГIалиевалъ бицана чуязда рекIун хьвадиялъ гIадамал сах гьарулеб куцалъу­л хIакъалъулъги: «Мисалалъе, Бакъ­тIерхьул Европаялда машгьураб буго ипотерапия абураб медицинаялъул бутIа. Сахлъиялъе сакъатлъи бугев чи чотIа рекIун хьвадиялъ кIудияб пайда кьола. Нилъер республикаялдаги гьединал гIадамал гIемер ругелъул, гьанибги хIалтIизабизе буго гьеб къагIида. Гьединаб ишалъе кIи­го чиги цIализе витIулев вуго нижеца».
Гьелъие гIадамал куцалеб центр буго нилъер пачалихъалдаги. Централъе нухмалъиги гьабулеб буго машгьурав киноактер Дмитрий Певцовасул эбелалъ.

ЧотIа гьунарал

ХIабургъарал 90-абилел соназда чадида хадур лъугьун рукIун, росдал къо гIадал байрамалги этноспорталъул батIи-батIиял тайпабиги тIуранго кIочон рукIана республикаялда. Гьанже цIидасан гьезде тIад руссунел ругин, дунялалдайин абуни этноспорт кутакалда цебетIун букIиналъул бицана чотIахъабазул федерациялда этноспорталъул бутIаялъе нухмалъи гьабулев Жамалудин Махтибековас.
— Мисалалъе, Россиялда кIудияб машгьурлъи щвана Тед Пединг абураб тайпаялъе. ГIадатияб мацIалде буссинабуни, гьеб ккола чотIа вукIаго ярагъ хIалтIизабиялъул къецал. Джигитовка – чотIа тIад гьунарал гьари. Нилъер гьаниб умумузул заманалдаго машгьураб букIана гьеб. Гьединабго куцалда церетIолел руго чотIа рекIун рукIаго ярагъ хIалтIизабиялъул къецалги. ГьабсагIаталда республикаялда гьединал чотIахъабазул щуго чи гурони гьечIо, дида ккола гьел жеги цIикIкIинилан. Хадубккун дунялалъул аренаялде рахъине ракIалда буго нижеда. Гьелъие ругьунлъизе бокьарав чи вачIа нижехъе, — йилан абуна Ж. Махтибековас.
Этноспортго гIадин, республикаялда чуязул туризмги цебетIолеб бугин бицана ДРялъул туризмалъул федерациялъул нухмалъулев Шарип Муриловас.
— Жакъа мугIрузул мухъазда ругел гIемерал районазе бокьун буго жидерго доба туризм цебетIезабизе, гьеб мурадалда гьез рокъор чуялги хьихьулел руго. Амма гьелъие цин хIалбихьи букIине ккола чиясул. Щайгурелъул тIоцеве мугIрузде вачIарав къватIисеб улкаялдаса турист вачун чода рекIинавизе бегьуларо. Гьелъие хIажалъула цебеккунго хIадурараб маршрут, ругьун гьабураб чу. Гурони — бокьараб къварилъи ккезе рес буго. Узухъда, чанги турист вукIуна экстрималъул хIалбихьизе бокьиялъ ракIалде ккараб жо гьабизе хIадурго, амма нилъго цIодорго рукIине ккола. Гьединлъидал цIакъ лъикIаб ишалде байбихьун буго ЧотIахъабазул федерациялъ. Нижерго рахъалдаса бажарараб кумек гьабизе нижги кидаго хIадур руго, — ян абуна гьес.
Журналистаз федерациялъул вакилзабазда гьикъана нужеца гьел киналго къецал кир тIоритIизе ругелилан. Хасго ипподром бичун букIиналъул харбалги ругелъул. Гьанже гьенир аскIор гIемертIалаял минаби разе байбихьунги буго.
ГIайшат ГIалиевалъул рагIабазда рекъон, гьезул аслияб база буго МахIахъалаялъул Учхозалда аскIоб, «Узден» абураб чотIахъабазул клубалда. Жибго ипподромалъул къисматалда хурхун жидеда щибго абизе кIоларин жаваб кьуна гьелъ.
Гьал къоязда интернеталда хъвалеб бугоан Шамил имамасул хIакъалъулъ кино бахъизе чотIахъабазул кастинг байбихьулеб бугин Кабардино-Балкариялда. Гьенир гIахьаллъизе руго нилъер республикаялдаса чотIахъабиги.
Гьелъул хIакъалъулъ жинда рагIун букIинчIин абуна Жамалудин Махтибековас, амма жив дандечIарав вугила кино бахъулеб мехалда гьенир чуялги гIахьаллъизе рукIиналда.
— ЛъикIаб дубль лъугьинегIан, цого сценаги чанго нухалъ такрар гьабун, чуязе гIакъуба кьола кино бахъулел чагIаз. Шамил имамасул хIакъалъулъ кино бахъиялда дандечIун вукIана дун. Ахирги цо лъикIаб, камилаб куцалда бахъичIого, жидедаго берцин бихьараб къагIидаялда бахъана кинематографаз гьанжелъагIан чанго кино, амма лъицаниги гьел реццулелги рагIичIо, — ян абуна Ж. Махтибековас.

ХадурагIи

МагIарухъ кидаго къимат гьабулаан чодул. Хъизамалъул чиясдехун гIадаб адабги букIана гьелдехун. Гьеб къимат жакъа цIидасан цIилъулеб бугин абизе бегьула. МагIарухъ гIолохъабаз лъикIаб багьаги кьун росулел руго чуял. Инсанасдаго хадуб хира гьабун буго чу исламалдаги. ШагIир ГIумар-ХIажи Шахтамановасул кочIолъ руго гьадинал рагIаби:

Хасаб асар буго дир чуяздехун…
Гьезул малакь гIуна дирги лебаллъи.
Гьанже чу бихьани, ракIалде щола
Рагъул заманаги, нилъер мугIрулги.

Дирги букIана чу цIадул кьер бугеб,
Кьолокь басандулеб, дир мацI бичIчIулеб
ХIихIиди гIарцулаб, гIамал чалухаб,
ГIодоб хIетI хъвалареб, пунхъи парччахIаб.
* * * * ** * * * * * * * * * * * * * * ** * *
Амма чуял?… Думалъ рагъда хутIана
Росабалъан арал нилъер айгъирал.
Гьединлъидал гурищ гьезул наслудул,
ГIарцулаб хIихIиди къанагIалъараб.

Огь, чуял, огь, чуял, чабхил нухазда
Нужер тIикъвабазул къанагIатаб кечI!
Бихьиназул чIухIи, мугIрузул гугьар
ГурхIараб хIал буго хIалчIахъадазул.

Хасаб асар буго дир чуяздехун…
Дагъистан, дур чилъи, чотIайин гIураб!

Риччанте цIикIкIине чуял магIарухъ. ХIажатаб къоялъ кьолон гьебгун къватIире рахъине кколеб къо бачIинеги бегьула, щиб лъалеб…