Къисматалъул сухъмахъаздасан анищазул хурзабахъе

Миллияб библиотекаялда тIобитIана ГIабдулманап НурмухIа­мадовасул ва Игорь Рыбаковасул «Отец» (Эмен) абураб тIехьалъул презентация.
Аби буго, лъимадуе тарбия кьезе кинаб къагIида инсуца тIаса би­щаниги, гьеб гьесда релълъараб гурого букIунарин абураб. ГI. Нур­мухIамадовасул хъизамалдаги гьедин ккана. 

 

ГьитIинаб къоялдаса нахъего инсул гIамал-хасият ва гьабулеб иш мисаллъун лъугьана ХIабиб НурмухIамадовасе. Инсуца цере­лъун рукIарал масъалаби ва гьесул анищал гIумруялде рахъинаруна васас.
Жубараб речIчIухъанлъиялъул рахъалъ дунялалда бищунго машгьураблъун рикIкIунеб UFC промоушеналъул чемпион куцалаго дандчIварал захIмалъабазул, рукIарал бергьенлъабазул ва тренерлъи гьабулаго нахъа тарал соназул хIакъалъулъ бицунеб буго ГIабдулманап НурмухIамадовас ва миллиардер Игорь Рыбаковас цадахъ хъвараб тIехьалда.
Гьал къоязда Расул ХIамзатова­сул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда, тIобитIана дагьаб цебе басмаялда бахъараб «Эмен» абураб тIехьалъул презентация (цебе­лъей). Гьениб Игорь Рыбаковас бицана жинца бизнесалъул дунялалде горду Дагъистаналдасан рагьанин ва хадубккунисеб гIумруялъул нух­даги нилъер гIадамал гIемер дандчIванин.
«Эмен» абураб тIехь хъваялъе гIиллалъунги ХIабиб НурмухIама­дов UFCялъул чемпионлъун вахъин кканилан абуна гьес.
— Дие бокьула цогидазда ре­лълъин­чIел, жиделъ хаслъи бугел гIа­дамалгун дандчIвазе, гьединазулгун лъай-хъвай гьабизе. ХIабиб UFCялъул чемпионлъун вахъарабго ракIалде ккана гьевгун дандчIвазе. Гьудул-гьалмагъзабаз балагьун щва­на ГIабдулманапил телефоналъул номер, анкьидаса гьевгун данде­лъана ва къотIи гьабуна Ютуба­лъул каналалъе гара-чIвари гьабизе. Чанго къоялдасан гьеб мурадгун щвана МахIачхъалаялде. ЛъикIаб дандчIвайги гьабун, ГIабдулманап НурмухIамадовас дун хадусеб къоялъ радал вачана Таргъу магIарде векеризе. РакIрагьараб гара-чIвари гьабизе бокьани, Таргъуялъул тIо­гьиве вахине кколинги абуна гьес. Рес къотIараб бакIалде дунги ккезавун, рекIун машинаялдагун живгоги ана. ХIабиб НурмухIамадовги гьесда цадахъ вукIарав лъабго-ункъоявги бер къанщилалде цереса тIагIана. Дунин абуни, бакIаб цIайиялда цеве вахъунев цо залимав спортсменгун, нахъа хутIана. ЗахIматго букIана Таргъуялде вахине, амма бащдаб нухдаса кьурун нахъвуссунеб гIадат гьечIелъул, дун цеве ана.

ХIалихъего щвана Таргъуялъул тIогьиве. ГьанжегIаги хIухьбахъилин ракIалде ккедал, эхетун гугаризе кколинги лъазабун, ГIабдулманап, дов залимав спортсменгун, аскIов эхетана. ПалхIасил, кинабго лъикI ана ва НурмухIамадовас дун жиндирго командаялда гъорлъе вачана.
Ютуб каналалъе ГIабдулмана­пил­гун гара-чIвари гьабулаго бичIчIана ХIабибил бергьенлъабазул кьучI кисан бугебали ва цо сагIаталъ рагIа-ракьанде щун киналъулго бицун бажарулареблъи. Гьеб мехалъ ракIалде ккана гьаб тIехь хъвазе, — ян бицана Игорь Рыбаковас.
ТIехьалда, гIицIго ГIабдулмана­пил гуребги, Рыбаковасул гIумруя­лъул хIалбихьиялъул ва гьесул хъизан-лъималазул хIакъалъулъги хъван буго.
ГIабдулманап НурмухIамадовас данделъиялда бицана гIадамасул къис­маталда, гIумруялда инсуца, тренерас, тарбиячияс кколеб ба­кIа­лъул. Жив профессионалияв тре­нерлъун вахъунароанила тренераз кверчIвай гьабичIебани, гьезул ма­лъа-хъваязухъ гIинтIамичIебани.
— Дир рукIана цIакъ лъикIал, бажари-гьунар бугел тренерал. Жакъа къоялъги ракIалде щола гьезул малъа-хъваял, дарсал. Тренерасда це­бе чIараб аслияб масъала ккола гьезул унго-унгоял гIадамал лъугьинари, яхI-намусалде куцай ва хадусеб иргаялда чемпионаллъун рахъинариги.
ГIорхъи гьечIого гьунар бугел, амма гIаданлъиялъул къатIра рекIелъе тIинкIизабун бажаричIел гIемер спортсменазулгун къо-лъикI гьабуна дица. Дир залалда кидаго гьединазе бакIги букIинчIо. Чемпионал гIемер рукIин гуро шартI, НурмухIамадовасул школалде хьвадулел спортсменал гIакълу-лъай бугел, къадру цIунарал рахъин буго. Дида цере ругьун гьарулел гIемерисел атлетазда лъала лъабго мацI — жидерго миллияб, гIурус ва къватIисел улкабазул, — ан бицана ГIабдулманап НурмухIамадовас.
Гьесулго рагIабазда рекъон, «чемпион» абураб рагIиялъ гъорлъе рачуна гIемерал рахъал ва тIехьалда бицунеб буго, спорталда гуребги, батIи-батIиял рахъазда щварал бергьенлъабазулги. Мисалалъе, бизнес ва хъизан гIуцIулаго щварал бергьенлъабазул.
Данделъиялда кIалъазе яхъарай ГIабдулманап НурмухIамадовасул тIоцеесей мугIалим, Кироваул росдал школалъул директор Париза Элендулаевалъ рицана машгьурав тренерасулгун ккарал цо-цо интересал лъугьа-бахъинал.
— Нижер рукIана гIемер хъазал ва гьезие хъулухъ гьабулей йикIунаан мунагьал чураяй эбел. Цо къоялъ хъазал бида рецIцIулел ругин, ккараб жоги лъаларин, къваридго ячIана гьей рокъое. Хадусеб къоялъ, гьезда хадуб халккведал, тIатана ГIабдулманапица гьел жиндиралгогун рагъизе тIамулел рукIин. Доб заманалда школалдецин унарев гьев цIакъ гIанчIав, малъараб гьабуларев, гьикъараб бицунарев вас ватилин ккун букIана. Амма школалде цIализе вачIараб къоялдаса нахъего бихьизабуна гьес жив цебе лъураб масъала гIумруялде бахъинабулев лъикIав вас вукIин. ЦIалулъги, хIалтIулъги, ай киса-кивего вукIана гьев мисалиявлъун, — ан бицана Паризаца.
Тадбиралъул ахиралда ГIабдул­манап НурмухIамадовас лъазабуна хадубккунги тренерлъи гьабизе ва гьелдаго цадахъ тIахьалги хъвазе ругилан.
— Гьаб гIумруялда Аллагьас дие кинабго кьуна. Гьелъухъ щукруги гьабула ТIадегIанасе. Амма цого-цо масъала буго гIумруялде бахъинчIого хутIараб — дица куцарал спортсменазда гьоркьов гьечIо Олимпиялъул чемпион. Дагьаб цебе дица МахIачхъалаялда рагьараб спортивияб школалда рукIине руго дзюдоялъул, эркенаб гугариялъул, боксалъул ва тхэквондоя­лъул секциял. Аллагьас хъван батани, кватIичIого Олимпиялъул чемпионги вукIина нижер кьеразулъ, — ан абуна Россиялъул мустахIикъав тренерас.