Чорокаб экология, стрессал ва тукадул квен

Гьал къоязда МахIачхъалаялда АхIмад ГIазизовасул клиникаялда тIобитIана урологиялъул, андрологиялълул ва репродуктологиялъул унтабазда тIасан гIелмияб конференция.

 

     ГIадатияб куцалда босани, гьел ккола хас гьабун бихьиназулги руччабазулгийин абулел унтаби. Конференциялда гIахьаллъана нилъер республикаялъул ва Чачаназул машгьурал тохтурзаби. Гьезие лекция цIализе ячIун йикIана Москваялдаса Сеченовасул цIаралда бугеб больницаялдаса медицинаялъул гIелмабазул доктор Заида ХIажиева. Миллата­лъул рахъалъ лъарагIай ккола гьей.
     Гьелъ батIи-батIиял улкабазда кIващул цIуниялдехун гIадамазул ва тохтурзабазул бугеб бербалагьиялъул, гьеб унти сах гьабиялъул, гьанжесеб медицинаялъул цебетIеялъул хIакъалъулъ бицунеб пайдаяб гара-чIвари ккана гьениб.
     Хас гьабун «ХIакъикъаталъе» Заида ХIажиевалъ гьадинаб баян кьуна гьеб унтуда тIасан:
     — КIващул унтудаса цIуни гIицIго урологазул масъала кколилан цогидал специалистаз (гинекологазги, эндокринологазги, невропатологазги) нижеде тIаде рехун толаребани, кутакалда лъикIал хIасилал рукIинаан.
     Гьединго советияб заманалда букIараб тIолабго халкъалъул диспансеризация гьабиги цIигьабизе ккола. Гьелъ рес кьола унти бачIинахъего тIатинабизе.
     — Россиялъул регионазда гьоркьоб Дагъистан кинаб бакIалда бугеб гьеб унти тIибитIиялъул рахъалъ?
     — БатIалъи бугин абиларо дица. Гьава-бакъалда, кваналеб жоялда яги чиясул жинсалда бараб жо гье­лъул букIунаро. Гьеб унти гIолохъанго баккулеб буго. Амма, цогидал ба­кIаз­да данде ккун, Дагъистаналда гIе­мерисел гIадамал тохтурзабахъе уна иш рагIалде бакIарараб мехалда.
       Медицинаялъул гIелмабазул доктор АхIмад ГIазизовасул рагIабазда рекъон, хас гьабун руччабазулин, бихьиназулин рикIкIунел унтабиги цIикIкIунел руго:
       — Гьеб бараб буго экология чороклъиялда, стрессазда, кванда. Масала, тукабазда бичулеб кванилъ руго черхалъе заралиял жал. Гьединго тарбия щвечIолъиги ккола гьелъул магIна. Цере ккара-ккарал жинсиял гьоркьорлъаби гьарулел руго ни­лъер гIадамаз. Гьелдалъун иммунитет за­гIипал чагIазде бахуна бокьараб инфекция.
      — МагIарухъа бихьиназда простатит ккеялъе гIилла цIикIкIунисеб мехалда гьел годекIанир цIорорал ганчIазда тIад гIодорчIейги батила.
      — Гьел гIемерго сахал рукIуна гьанир, шагьаралда, хинал рукъзабахъ рега-рахъун ругезда дандеккун. Хасго ригь арал магIарулал. Доз рахунел рукIарал мугIрул-щобалги, хуриб-ахикь, гьабихъ гьабулеб букIараб хIалтIиги рагIичIогойищ дуда? Какие чуризе лъимги киданиги бухIизабулароан гьез. Амма шагьаралъул унти дагь-дагьккун магIарухъеги щвана. Дораги гьанже кIвахIаллъулел руго хур-хералъул хIалтIи гьабизеги рагъа-рашаризеги. Гьанже аппаратураги гIемерлъун, электромагнитное излучение абураб жоги буго кибго цIикIкIун. Гьединлъидал жакъасев бихьинчи, ни­лъер умумул гIадин, лъабго сагIаталъ ган­чIида тIад гIодов чIани, лъабго къоялдасан больницаялде хъамизе ккола.