Цо-цо хIакимзабазе бадирчIваялги щвана

30 январалда тIобитIараб ДРялъул Халкъияб Собраниялъул иргадулаб сессиялда гьоркьоб лъуна 20-гIан суал. РФялъул президентас Федерациялъул Советалде гьабураб хитIабалда тIасан пикраби загьир гьарун хадур, жидерго хIалтIул хIасил гьабизе цере рахъана МВДялъул министрги, ХIисаб кьеялъул палатаялъул нухмалъулевги, инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъаль ДРялда вугев официалияв вакилги, цогидалги. 

 

  Гьенир рорхарал суалазул цояб букIана МахIачхъалаялда басриял минабахъа гIадамал цIиял бакIазде гочинариялъул программа хадуб бехъерхъун хутIиялда хурхараб.
Депутат Марат ГIалияровасул рагIабазда рекъон, кIиго сонгун бащдаб заман буго ипподромалда гIагарлъухъ цIияб мина баралдаса. Амма 383 хъизаналда гьоркьоса 30 хъизан гурони гочинабизе кIвечIо гьенибе. Судалдецин ккун рагIула иш. Щайин абуни гIадамал рази гьечIо гьеб мина бараб къагIидаялда. Гьезие кьолел рукъзалги цIакъго гIисинал руго, басриял минабазда жидер рукIаразда дандеккун. Гьединго бачун гьечIо газ. ЦIакъго рикIкIад руго школа, ясли-ах. Ясли-ахни гьениб 2017 соналдаго бан буго. Амма щаялиго хIалтIулеб гьечIо. Шагьаралде рачIине транспорталъул рахъалъги буго захIмалъи.
  Депутатас бицунелда тIадре­къана парламенталъул спикер Хизри ШихсагIидовги. Гьелъул гIайиб МахIачхъалаялъул мэриялдаги БакIал раялъулгун ЖКХялъул министерствоялдаги бугин абуна гьес.
РагIа-ракьанде щвечIого рарал гьединал минаби ратани, гьел лъугIизаризе, гьенир шар­тIал­ги чIезаризе ккелин абуна Ших­сагIидовас:
«ГьанжелъагIан рукIана квешал нухмалъулел, мустахIикъал гурел гIадамал, гьанже рачIун руго мустахIикъал. КIиго соналъ щиб гьабулелха рукIарал? Щибниги гьабичIогойищ рукIарал? Щай тад­бирал гьаруларел?… Ясли-ахги берцинлъиялъе бараб жойищ? ГIарац харж гьабуна, амма налогал щолел гьечIо, гIадамазда жидерго рукIа-рахъиналъул шартIал лъикIлъизаризе бажаричIо, лъималги ясли-ахазде инчIо.      Амма лъиениги гьелъул ургъел гьечIо. Киналго руцIцIун чIун руго, кинабго лъикI буго».
Гьединго депутат ГIамирхан ГIамирхановас борхана сакъатал лъималазе шартIал чIезариялъул суал.
  Гьесул рагIабазда рекъон, гьединал лъималазе хадубккун гIумрудулъ хIажалъулеб махщел щолеб къагIида камиллъизабизе ккола. Амма республикаялъул коррекционнияб 11 учреждениялда гьоркьоса У. МуртазагIалиевалъул цIаралда бугеб социалияб централъ гурони букIине кколедухъ гьединаб лъай кьолеб гьечIо.