Тохтурги системаги: щив витIарав, щив тIекъав?

Республикаялъул ортопедо-травматологиялъул централда лучевой диагностикаялъул отделениялъул заведующийлъун вукIарав Салим Халитовас пикет лъазабун букIана 29 январалда, ай, кодоб ккун кIудияб плакатгун бащдаб сагIаталъ эхетун чIана гьев больницаялда цеве.

 

Гьелдаса хадуб гьединабго пикет Халитовас гьабуна ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялда цебеги.
Мун щиб гьабулев чиян тохтурасда гьикъизе щивниги вачIинчIо гьеб кIиябго идараялдаса къватIиве.
18 январалда интернеталда тIи-битIана Салим Халитовас республикаялъул сахлъи цIуниялъул министр Жамалудин ХIажиибрагьимовасде гьабураб видеохитIаб. Гьес гьениб гIарз бахъулеб буго ортопедо-травматологиялъул централъул бетIерав тохтур ГIабдурахIман ХIасановасда тIасан.
Цин Халитовас бихьизабуна гордоцин гьечIеб къваридаб жиндирго кабинет, цогидаб кабинеталъубе ине лъураб, гIеблъиялда 40 см гурони гьечIеб нуцIа, чIарбиде рарал коробкабазул, пакетазул цIураб рощногохI гIадаб архивалъул рукъ.
Хадуб гьес бихьизабуна Путинил кумекалдалъун централъе щвараб мультиспиральный компьютерный томограф лъезехъин бугеб кабинет. Амма нормативазда рекъон, свера-хъверизе бажарулареб, къваридаб бакI кколеб буго гьеб.
Салим Халитов рази гьечIо щуго соналъ цебе магнитно-резонанснияб томографалдаса больницаялъ пайда гIарцухъ босулеб букIиналдаса. ФОМСалъ санайилго хIажаталгIанасел квотаби кьолел рукIаралани, гьенир унтарал чIорого къабул гьаризе рес букIунаанин бицунеб буго Халитовас. Гьеб кьечIолъиялъ гьанжелъагIан МРТ гьабизе рачIарал нилъер гIадамаз гьеб гьабун больницаялъе кьун буго 30 млн гъурущ.
Гьеб видеохитIабалдаса хадуб централде вачIун вукIана сахлъи цIуниялъул министр ХIажиибрагьимов.
«Амма дун гьесулгун тохтурзабазул данделъиялде виччачIо бетIерав тохтур ХIасановас. Гьес хъаравуласда абуна дун централда жаниве виччагеян. Цинги министр вихьана дида гьениса нахъе унелъул. Машинаялда аскIове щвезегIан гьесда хаду-хадув унев вукIана дун. Амма гьев гIенеккичIо дихъ», — илан бицана Салим Халитовас.
Гьелдаса хадуб Сахлъи цIуния-лъул министерствоялъ инстаграмалдасан кьуна заведующияс бицараб жо битIараб гьечIилан абураб жаваб.
Масала, унтаразул 80 проценталъе МРТ чIобого гьабулила. Гьединго отпускалде унелъул Халитовас гьеб аппарат свинабун танила, гьелда-лъун гьес унтарал махIрум гьарунила медицинаялъул кумекалдаса.
Амма Салим Халитовас гье-лъие жаваб кьуна жинца отпускалде унелъул гьениса нахъе босулеб букIанила живго бетIергьанаб жесткий диск. Больница бетIергьанаб диск гьениб букIинчIо.
Жиндир хитIабалъе Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ гьединаб къимат кьей квеш букIарав Салим Халитовас больницаялдаса нахъе ине гIарза хъвана.
ГьабсагIаталда гьесул букIараб хъулухъалде цIияв чи восун вуго.
29 январалда централда цебе тIобитIараб пикеталда тохтурас бицана, законалда рекъон, жиндир рес бугила 14 къоялда жаниб гьеб гIарза нахъе босизе. Амма больницаялъул нухмалъиялъ хъата-масан чи восун вугила гьениве. ТIекълъи бокьунгутIиялъ жив гьениса рикIкIалъизавизе къваригIун бугила гьезие.

Централъул бетIерав тохтур ГIабдурахIман ХIасановасул пикру цIехезе ракIалде ккана нижеда.

— ГIабдурахIман, дуца яги министрас тIаса лъугьин гьаризе бугищ Салим Халитовасдаса? Гьес пикеталда нижее бицана нужеца гьерсал рицун ва жинда бугьтанал лъолел ругилан.
— Сундаса тIаса лъугьин дица гьаризе кколеб? Масала, дица гьесие гьабураб жо щибниги гьечIо.
— МРТ 90 проценталъ гIадамазе гIарцухъищ нужеца гьабулеб?
— Больницаялда регаразе чIобого гьабула. Амма хIукуматалъ нижее изну кьун буго гьеб гIарцухъги хIалтIизабизе. МРТ буго кутакалда багьаяб аппарат. Гьединлъидал гьелъухъ арал харжал рахъинаризеги ккеларищ? Гьединго, гъоб буго кидаго хIалтIулеб букIине кколеб аппарат, чIезабизе кинго бегьуларо.
— Гордал гьечIеб кабинет кин бичIчIизе кколеб?
— Бугеб куцалда щай гьес кинабго бицунареб? Гъоб буго цойги бакIазда ремонт гьабун бахъинегIанилан, жиндиего бокьун, жанив чIезе гьес тIаса бищараб бакI. Кабинеталъе-ян ургъунго гьабураб рукъ гуро гьеб. Обход гьабулеб мехалда гьенив гIодов чIун вихьун, жаниб гьури басандулеб бакIалда щай, вас, мун гIодов чIун вугевинцин абуна дица. Гьев квачалев вукIин бихьидал, дицаго нуцIаги лъезабуна гьениб.
— Компьютерный томограф…?
— Гьеб лъезе кабинетги жинцаго тIаса бищана Халитовас. Лучевой диагностикаялъул отделениялъул заведующийлъидал гьев вукIарав. Гьеб хъулухъги дица кьун букIана гьесие гьелде щвезегIан бащдаб ставкаялда хIалтIулев ватун.
Гьеб аппарат киб лъелебали бихьизабулеб фирмаялъул проектировщикал рукIуна. Гьелгун цадахъ Салимица хIукму гьабун бугоан томограф гьадаб видеоялда бихьизабураб кабинеталъуб лъезе. Гьеб проекталда гъоркь гъулбас лъеян Салимида дицаги абуна. Амма фирмаялъул чагIазе гьеб данде ккечIо – бетIерав тохтурасул гъулбас букIине кколилан чIана гьел. Гьединлъидал гъулбас дир буго гьениб.
— Архив?
— Нижер кIигониги архив буго цоги бакIалда, гьеб видеоялда бихьизабураб рукъ тIубанго рехун тараб бакI букIана. БукIаниги, рентген-плёнкабиги цогидабги гьенибе баччизабун батана Салимица медсестраялда. Телевидениеги, прокуратураги, цогидалги рачIун рукIана гьелъухъ балагьизе. Амма заведующий хIисабалда Халитовасухъ гIенеккичIого жиндир рес букIинчIин абуна медсестраялъ.
Гьел плёнкабазда хадув вачIунев чиги вукIунаро гьениве. РощногохIде рехизеги бегьуларо гьел. Лицензия бугеб хасаб фирмаялъ нахъе ракIаризе ккола. Амма киб гьединаб фирма бугебали, лъагIалица балагьаниги, нижеда батичIо (я аукционазда, я цогидалъуб).
— Министрасул данделъиялде дуцайищ Халитов гьукъарав?
— ЛахIчIегIераб гьереси буго гьеб. Гьес абулев хъаравулги дир гьечIо, министрасулги гьечIо.
Министрас гьикъана Салим кив вугеван. Отпускалда вугин абуна дица. 2 февралалде щвезегIан отпуск бугелъулха гьесул. Цинги данде-лъиялдаса къватIире унеб мехалда вихьана дида Салим министрасда хадув унев. КIалъай кканищ гьезул яги ккечIебищали, дида лъаларо.
— Жесткий дискалъул хабар битIараб бугищ?
— ГьечIо. Цо къоялъ МРТялъул кабинеталъув квалквадулев ватана лъазего лъаларев гIолохъанчи. Мун щивин гьикъидал, Салимица абуна жиндир вац вугила гьев, тестирование гьабулев вугила. Бокьа-бокьарав чи гьединаб хирияб аппараталда аскIове къазе щай толевин кIалъана дун гьесда.
ПалхIасил, дагьалъ чIун Салим вачIана МРТялда жаниб букIараб жесткий диск хун батун, цIияб босун лъунила жидеца. Дида щиб лъалеб – букIанищ гьениб гIунгутIи, букIинчIищали. Гьединлъидал диск хисиялъе ккараб гIунгутIи бихьизабун экспертас кьураб кагъат бихьизабеян абунаха дица Салимида. Дида щиб лъалеб – хисун батичIогогицин батизе рес буго гьеб диск.
Гьеб дагIба кисан байбихьарабали щайха Салимица бицунареб?
— Араб декабралъул ахиралда 5 процентилан кагътида тIадги хъван дихъе вачIана гьев. Ришват кьечIого заведущийлъунги тун, дие цо сайгъат-салам гьабизедай гьасда ракIалда бугоян ккана дида. ГIарцухъ МРТ гьабун щвараб хайиралда тIаса щуго процент кьейила жиндие июналдаса байбихьун. Дица инкар гьабуна. Щайгурелъул гьесие гуребги, цогидал тохтурзабазеги кьолеб харжида гъорлъе жубан букIуна гьеб хIукуматалъ. БатIа кIанцIун Салимие щуго процент кьуни, закон хвезаби кколаребищ гьеб?