Гъизляр: чорокаб лъел къурбанал

Гьал къоязда Гъизляралда лъазабуна санитарияб режим. Гьекъолеб лъим сабаблъун багъарараб инфекциялъул хIасилалда гIемерав чи больницаялде ккана. Гьезда гьоркьор руго школлъималги. Гьединлъидал заманаялъ кIиго школа къан буго гьениб.

20 январалда гьенире щвана ДРялъул ХIукуматалъул нухмалъулев Артем Здуновги республикаялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялдаса тохтурзабазул къокъаги.
22 январалде щварал ахирисел баяназда рекъон, больницаялдаса къватIиве виччан вуго 108 чи. ГьабсагIат гьенив вегун вуго гIага-шагарго 107 унтарав. 14 январалдаса байбихьун инфекциялъ унти багъаризабуразул къадар щибаб къоялъ цIикIкIунеб букIана. Жакъа къоялде инфекциялъ багъаризабураб эпидемия гIодоцинабизе кIванин бицана «ХIакъикъаталъе» Гъизляралъул администрациялъул пресс-хъулухъалъ.
«Шагьаралъул аслияб больницаялъул бетIерав тохтурас нижеда бицунелда рекъон, унтаразул гIумруялъе гьабсагIат хIинкъи гьечIо. Жибго шагьаралъул нухмалъиялъ кинал тадбирал тIоритIулел ругелин абуни, киса-кибего гьекъолеб лъеда гъорлъ хлорка жубалеб буго. Гьединалго тадбирал хадурккунги гьоркьор къотIизе тезе гьечIо нижеца. Шагьаралда гIумру гьабун ругездаги лъазабун буго гьаличIого лъим гьекъогеян. Гьединго 21 январалда шагьаралда киса-кибего лъазабун букIана санитарияб субботникги. Киналго хIукуматалъул учреждениязда, школазда ра­цIцIа-ракъалъиялъул хIалтIа­би гьаруна. Гьеб гуребги, шагьа­ралъул нухмалъулев щибаб къоялъ щола киналго районазде, тIаде унтарав чи вугищали лъазелъун», — илан бицана пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Сель­миназ СалихIовалъ.
Щиб сабаблъунха лъим чороклъараб? Гьеб суал хутIулеб буго аслияблъун. Социалиял гьиназда гьелъул хIакъалъулъ батIи-батIиял баянал кьолел рукIана. Гъизляралъул администрациялъул пресс-хъулухъалъ «ХIакъикъаталъе» гьадинаб жаваб кьуна.
«ТIубан мухIкан гьабичIеб баяналда рекъон, лъим чороклъун буго шагьаралъул Черемушки районалда бугеб лъел мухъалде жанибе чороклъи ккун букIун. Гьениб аскIобго буго «Гъизляррисводстроялъ» бан букIараб мина. Гьенир гIумру гьабун ругел гIадамаз лъиданиги дандбачIого, жалго лъугьун бачун букIун буго хIажатханаялъуса къватIибе унеб хъублъи чвахизе рогIоро. Гьебги бачун букIун лъел турбабазда тIасан. Гьел рогIразул цоябги жагъаллъун, гьенибе чороклъи чвахия­лъул бицен буго, амма гьеб жеги мухIкан гьабун гьечIо».
Амма республикаялъул прокуратураялъ кьураб баяналда рекъон, лъим чороклъиялъе гIилла ккун буго 31 декабралдаса 8 январалде щвезегIан лъел мухъал къачIаялъул хIалтIаби тIаса-масаго гьариян хъвалеб буго цо-цо информалатаз.
Гъизляралда эпидемия багъа­риялда тIасан РФялъул ЦIех-рехалъул комитеталъ рагьун бу­го уголовнияб дело. Жидецаги гьел­да хадуб хасаб хъаравуллъи чIезабун бугин лъазабуна рес­публикаялъул прокуратураялъги.
15 январалда цо-цо журналистаз ва блогераз хъвалеб букIана больницаялда регарал лъималазул цояб хванилан. Амма гье­лъул бетIерав тохтурас абун буго гьеб букIанин аппендициталъул унтиги цIикIкIун хвараб лъимер, инфекциялъ унтараздехун гьелъул хурхен гьечIин.