ГI. МухIамадов: «Парахатаб букIана араб сон»

Араб соналъ гьабураб хIалтIул хIасилазул бицине ДРялъул МВДялъул министр ГIабдурашид МухIамадовас 23 январалда жиндихъего ахIун рукIана СМИязул бетIерал редакторал. 

 

2018 соналде дандеккун, 2019 сон низам цIунулезул идараялъе парахатаб букIанин бицана ми­нистрас.
КIудияб хIалтIи гьабунила экономикиял, гьединго изну гьечIого рокъоб ярагъ цIуниялда хурхарал такъсирал рагьиялъе.
2019 соналда тIатинабун буго гьединаб 1600 хIужа. Наркотиказда сверунги ахIвал-хIал хIинкъизе ккараб куцалда бугин бицана ГIабдурашид МухIамадовас. Россиялъул чанго регионалда наркотикал тIиритIизарулеб батараб кIудияб къокъа ккун буго гьез.
Министрас гIайиб-гъел гьабуна жидерго пресс-хъулухъалдеги. ДТПялде ккарав ялъуни нухазул къанун хвезабурав шоферас жинда гIайиб кканилан абурал видеороликал тIиритIизари цIакъ берцин бихьун бугила гьезда. Гьединаб видео бахъизе бегьилин, живго гьев чи разилъаниян абуна ГIабдурашид МухIамадовас. Амма чиясеги бокьичIого гьев камераялде вахъизе нужер ихтияр гьечIила. Машина бачунаго рекъечIеб иш ккунилан гьесул батIияв чи лъугьунарин, нилъго гIадинав гIаданлъун хутIулин тIадеги жубана.
Гьединго МВДялда цебе бугеб ЖамгIияб Советалде гъорлъе «Черновик» газеталъул вакилги вачине вугин бицана ГIабдурашид МухIамадовас.
А. Юсупов