Дадил гIоркь — Салман Дадаевасухъ

АрбагI къоялъ МахIачхъала шагьаралъул мэр Салман Дадаев дандчIвана республикаялъул СМИялъул вакилзабигун. Гьенир гIахьаллъаразда гьоркьор рукIана миллиял газеталъул нухмалъулелги. 

ГIодове виччарав, жинцаго бицунеб жо мухIканго дандиясда бичIчIизабизе гьунарги гъваридаб лъайги бугев чи вугоан Салман. Гьединлъидал дандчIвай кутакалда интересаб, рагьараб ва ишалъулаб ккана.
ГIолохъанав шагьаралъул бе­тIе­рас битIахъе гъаргъар бан ва ракI унтун бицунеб букIана МахIачхъалаялъул гьумер хисизабиялда ва гьениб гIумру гьабулел гIадамазул рукIа-рахъиналъулаб даража борхизабиялда сверухъ ахираб заманалда гьабурабги гьабизе ракIалда бугебги хIалтIул, дандчIвалел захIмалъабазул, квал­квалазул хIакъалъулъ.
— Нужедаго лъан букIине ва данде кквезе, дица лъабго тарих рехсела,- ян абуна С. Дадаевас. — Воронеж шагьаралда гIум­ру гьабулеб буго миллионгун лъабкъоялда анцIазарго чияс. Пер­малдаги гIага-шагарго миллионгун нусазарго чияс. Воронежалъул лъагIалилаб бюджет бащалъула 12 млрд. гъурщида, Пермалъул — 30 миллиардалда. МахIачхъалаялда гIумру гьабулеб буго 1,5 миллион чияс. Нужер хIисабалда, нилъер бюджет кигIаналъ цIикIкIараб букIине кколеб? Ккола, амма цIикIкIараб гьечIо. Гьелъул гIаксалда, чанго нухалъ дагьаб буго — гIицIго 9 миллиард гъурущ буго шагьаралъул лъагIалил бюджет. Гьеле нужее киналго унтарал суалазе чIванкъотIараб жаваб. ГIарцул мукъсанлъиялъ кIолеб гьечIо ракIалда ругелщинал лъикIал пикраби-къасдал гIумруялде рахъинаризе ва шагьаралъул гIадамазул гIумру бигьаги цIиги гьабизе.
Хадуб шагьаралъул бетIерас би­цана араб соналъ налогал ракIариялъулъ лъикIаб туркIи кканилан, жеги таманал суалал бергьенлъиялда тIуразарунилан, халкъияб магIишаталъул цониги бутIаялда хутIичIила жиндир яги жиндир командаялъул чагIазул бер щвечIеб суал.
Салман Дадаевас хасаб кIвар буссинабуна изну кьеялъул кагътаз шагьаралда кинабго жо хвезабун бугилан. Законалде дан­декколарел, батIи-батIиял ну­хаз­далъун, ресаздалъун ва къа­гIидабаздалъун щварал кагътазул кьучIалда рарал минабазулги, объектазулги, ишазулги хадубккун букIунеб бугила кIудияб заралги ботIрол унтиги. Араб соналъ цониги изну кьеялъулаб кагъат администрациялъ кье­чIила, МВДялъул иргаялда чIарал чагIазе мина баялъе гурони.
ГIемерал суалазе чIванкъо­тIа­рал жавабал кьуна шагьаралъул мэрас.
Ахиралда шапакъатал, ай Баркалаялъул кагътал кьуна шагьаралъулаб тема цIикIкIун ва профессионалияб къагIидаялда жидерго газетазда ва сайтазда борхарал газетазе.
Гьезда гьоркьор ругоан «Замана», «Лезги газет» ва «Зори Табасарана».
Баркалаялъул кагъат щвана, гьединго РГВКялъул «Время новостей. Махачкала» передача бачуней Динара Мусаевалъеги.
ХIукму ккана гьадинал данд­чIваял кварталалда жанир цо нухалъгIаги тIоритIизе.