Лъедаса махIрумлъараб Харахьи

3 январалдаса нахъе гьекъолеб лъедаса махIрумлъун хутIун буго щунусгоялдасаги цIикIкIун цIараки жаниб бугеб Харахьи росу.

1500-гIан чияс гIумру гьабулеб гьеб росулъ буго жеги анцIго росдал гIадамал къабул гьарулеб участкаялъулаб больницаги, консервазул цехги, гьоркьохъеб школаги, библиотекагун чанго тукенги, пекарняги, цогидал учреждениялги. Росулъ балеб буго цIа свинабулезул хъулухъа­лъул станцияги. Амма сахъадерил магIарда гъоркьан лъим бачараб бакIалдаса аскIоса гIебеде чIвараб цIер биинегIанги, гьенир цогидал тадбирал гьаризегIанги Харахьи росулъ лъел къварилъи ихдаде щвезегIанги хутIизеги бегьула.
РогIразда цIер чIван букIин лъайдал, херехьдерил жамагIаталъ чанцIулго гьеб бакIалдеги щун, хIалбихьана, цIерги биинабун, гьенир цIиял рогIрал лъезе.
ГьабсагIаталда гьенибе лъим баччулеб буго аскIоб бугеб ГIоротIа росулъа, гьединго руго Хунзахъа райадминистрациялъ ритIун рачIунел машинабиги. ТIоцересел къоязда цо-цо гIарзал рукIана Хунзахъа бачIараб лъим чорокаб батанилан. Щайин абуни, лъим босун бачIарал машинабазул къалал жаниса рацIцIадал ратичIого.
Гьелда бан суал бачIунеб буго санэпидстанциялъ изну кьураб бакIалдаса цIолеб бугодай гьеб лъимин абураб. Гьединго жалго гьел машинабазул («Водовоз») бугебдай гIадамаз гьекъолеб лъим баччизе ихтияр?
ГIоротIаги, хасго тIоцересел къоязда, лъеда хадуб херехьдерил тIубараб росуго бачIун сагIтаз чIезе кколел рукIана къулгIадухъ. Гьелде тIадеги, бакI-бакIалда лъиналги цIорон, добаги лъел чвахи цIакъго тIеренаб бугин бицана росдал гIадамаз.
Гьединго байбихьуда кутакаб малъкъосиялде ккун букIана гIи-боцIиги. РосотIе бачIараб гIа­чиязул рехьед, гьениб лъимги батичIого, гIергIериялда унаан нахъе.
14 январалда ДРялъул хIуку­маталде росдае гьекъолеб лъим хIажат букIиналда хурхун хIа­ду­рарал документалгун Ма­хIач­хъалаялде щвана Харахьи росдал жамагIатчи ХIассан ХIажиев.
Гьев дандчIвана ришватчилъиялда данде чIезелъун ДРялъул нухмалъулесда цебе гIуцIараб управлениялъул бетIерасул заместитель ГIалибег ГIалиевгунги, МугIрузул округалда вугев республикаялъул бетIерасул вакил МухIамад Камиловгунги.
Гьелдаса хадуб ХIассанилгун нижер хабар ккана «ХIакъикъат» газеталъул редакциялдаги. Хас гьабуна росдал бегавуласу­хъа щай гьеб интервью босуларе­бин ракIалдеккезе бегьула, ХIасса­нихъа босичIого.
Гьелъие цо гIилла ккола гьанжегIагар росдал бегавул хъулухъалдаса нахъе ин (лъел суалалда бан гуро, гьес гьединаб гIарза администрациялде цебего кьун букIун буго).
Гьединго ХIассан ХIажиев кIицIул батIа-батIайисан Харахьи росдал бегавуллъун вукIарав чи вуго (цин 80-абилел, хадуб – 90-абилел со­назда). Гьединго росулъе лъим ба­хъизе байбихьаразул цояв ккола гьевги мунагьал чураяв росдал дибирлъун вукIарав Сапигуллагьги, херехьдерил цогидал жамагIатчагIиги.
Жеги советияб заманалъул гуч бугеб, гьединал хIалтIабазе пачали­хъалъ гIезегIан гIарац биччалеб заман букIаниги, тIири мухьги босичIого, Аллагьасе гIоло киридахъ росдае лъим бахъизе эхетарал гьел киназулго хIал ажаналъуб батаги.

Лъел масъалаялъул рахъалъ ХIассаница бицана: 

— Харахьибе лъим бачIунеб рогIоро Парси магIарда гъоркьан (сахъадерил мегIер) бачун букIана 1981 соналдаго. Доб мехалда «Даггипроводхоз» абулеб проектазул институталъул вакилзабаз нижеда лъазабун букIана 20-25 соналдасан рогIоро цIияб лъезе кколилан. Амма гьелдаса нахъе ана 40 сон. Доб хIукуматги биххана. Лъиде гIарз бахъилебали, лъидаса кумек щвелебали лъаларого нижги хутIана. Гьединлъидал гьабгощинаб мехалда сах-саламатго чIарабгицин гIеларищ гьеб рогIоро?
Нижеца хIаракат бахъулеб букIана зама-заманалдасан гьеб лъел суал хIакимзабазухъе щвезабизе. Гьедин 2010 соналда хIукуматалъул кумекалдалъун бахъана «Гьамущи-Харахьи» абураб проект. Амма гьелда рекъон, Шотода бугеб иццалдасан лъим чвахана Гьамущибе. Херехьин абуни цIидасан нухда хутIана. Лъаларо, Харахьибе лъим бахъиялда хурхунги цо къадаралъ гьабураб хIалтIи бугилан бицуна. Амма чIванкъотIун щибниги абизе кIоларо.
Доб мехалда проектировщиказ абулеб букIана гьаб лъел бетIерги ракьул гъварилъуда гурила бугеб, гIицIго ракьул цо гъаталъ гъоркьехун бугеб бакIалдаса бачIунеб лъим бугилан. Нужеца 20 соналдасан цоги бакIаллдаса лъим бахъизе гIамал гьабеян. Гьедин дагь-дагьккун гьеб лъим тIеренлъизеги байбихьана. Доб мехалда лъураб рогIоро цIолеб лъим жанисан чвахулеб гьечIо гьениб. ТIадежоялъе заман баялъ басралъунги буго гьеб. БакI-бакIалдасан бихъ-бихъараб гьениса лъимги гIадада гIодобе чвахулеб буго.
Гьединаб ахIвал-хIалалде ккараб мехалда рукIине хасал резервуарал хIажат руго росдае.
Гьединабго хIал Харахьи лъугьун букIана 1970-абилел соназул ахиаралдаги. Доб мехалда МочIохъан чвахулеб букIараб умумузул иццдаса лъим къотIун букIана. Сапигуллагь абун росдал дибир вукIана, мунагьал чураяв. Гьес ГIисал иццда абураб бакIалдаса тIадехун баккараб лъим рехун букIана Жалакьуриса лъим бачарал рогIраздасан умумузул иццул бетIералде. ТIаде лъим щвезегIан кIудияб кумек ккана гьелъул. Гьанжеги хIажат бугоан нижее гьединабго кумек — «Гьамущи-Харахьи» ва «МочIохъ-Харахьи» абун лъел рогIрал лъезе. Нижее бокьун буго исана гIадаб балагь-базар ккеларедухъ гьанже Харахьибе лъим МочIохъа эхебе бачине, хасало гьелдаса пайда босизе. Риидалил заманалда пайда босизе гьадаб нижерго Парси магIардаса бачараб рогIороги тун. Гьеб суал дандбазе мачIхъадерихъе инеги бокьун буго нижее.

— Миллияб проект буго гурищ «БацIцIадаб лъим» абун. Гьелда гъорлъе ккезабизе бегьуларебищ гьеб суал?
— Росдал администрациялъул нухмалъулесдаса байбихьун районалъул бетIерас гьабизе ккелаха гьеб хIалтIи, дида лъаларелъул кинал документал гьелъие ракIаризе кколелали.

— Республикаялъул хIукуматал­даса щиб жаваб дуе щвараб?
— ДРялъул бетIер Владимир Васильевасухъеги хIукуматалъул нух­малъулев Артем Здуновасухъе­ги хъварал гIарзаби танаха гъора. МухIамад Камиловас цо пуланаб бакIалде телефоналдеги кIалъан, лъазабуна доб цебехун бицараб «Гьамущи-Харахьи» рогIоро бачине гIарац биччалеб бугилан.

— Амма кигIаналъ уяб хабар гьебалиха?
— Лъаларо, хьул бугоха тIасаккея­лъе бицараб хабар батиларин абураб.
Цоги гьадинаб жоги буго гъоба. 1978 соналъ гьабураб «Парси-Харахьи» проекталъул багьа букIана 330 000 гъурущ. Гьанже гьеб гIарцуде доба бащдаб хIалтIицин гьабун бажаруларо. Амма нилъер руго гьединаб ишалда цолъи бихьизабун, гъираялда хIалтIуде рахъунел гIадамал. Киназего къваригIун бугелъулха лъим.
Доб мехалъ (1978 сон) кумек къваригIун бугилан ахIи байдал, жамагIатго бахъун бачун букIараб лъим буго гьеб.
Гьанже ракIбакъван вукIуна дун 40 соналъ цебе гьединаб захIмалъиялда гьабураб хIаракат гьанже чIун бихьараб мехалъ.
Гьадаб дица цебехун бицараб Жалакьурисан Харахьибе бачараб лъим букIана къваригIараб мехалъ букIинеянги абун, бацизеги бацун.
Дов Сапигуллагьица, хIукума­талдаса къечIого, бащдаб хIалтIи жинцаго гьабуниланцин абизе кIола дида. Турбаби унеб бакI букIана 3 километралъул манзилалда. Гьеб мехалъ дос дида бихьизабуна гьадаб гохIдасан лъим бахунарила, мун турбабазда хадув вахъайилан. Ралагьана дица гьелги, лъабго къоялъ чIана бахунищ лъим гьениса тIадеяли, бахинчIо, нижер хIаракатги гIадада ккана.
ПалхIасил, хабар халат гьабун щибилеб, суал гьединаб буго. Республикаялъул тIалъиялъ ниж рехун тунгутIиялде кIудияб хьулги буго. ЖамагIаталда бараб жо батани, ахIи баралъуре рахъине хIадурал, кутакалда цоцалъ гъункарал лъикIал гIадамалги руго нижер. 

P.S. Харахьи росулъ лъугьун бугеб лъел масъалаялде ниж жеги тIадруссине руго.