Путинил кIалдиса кIудиял хьулал

«Эбелалъулаб капиталалъул» гьарзалъиги, хинаб къадеквенги,
Конституциялъул реформаги, депутатазе щвараб ихтиярги.

 

15 январалда РФялъул президент Владимир Путиница Федералияб Собраниялде гьабураб хитIаб, це-
ресел соназ гьарураздаса гIемер батIияб букIанин абизе бегьула. ГIемерал гIадамал, хасго гIолохъанал
хъизамал рохизарурал хIужаби рехсана президентас гьенир. Жакъасеб номералда нижеца рехсолел руго
улкаялъул бетIерас жиндирго хитIабалда рорхарал бищунго кIвар бугел цо-цо хIужаби ва баянал.

Президентас байбихьана демо-
графиялъул суалалдасан. Жакъа
нилъер улкаялда 147 миллион чи
вугин бицана гьес. 2000-абилел со-
назда хIалтIизе риччарал програм-
мабазда рекъон, нилъеда кIванила
халкъалъул къадар лъикIаланго
цIикIкIинабизе.
Президентас бицухъе, гьарулел
лъималазул къадар нахъеги гIодобе
ккун буго. Гьес мисалалъе бачана
лъимал гьариялъул рахъалъ 1943
соналда рукIарал тарихал. КIудияб
ВатIанияб рагъул
заманалда дан-
деккунцин квеш рагIула гьеб стати-
стика.
Гьединго лъималазе ясли-ахал-
ги гIолел гьечIилан тIаде жубана
Путиница. 2021 соналде щвезегIан
255 азарго ясли-ах базе гIарац
биччан букIанила бюджеталдаса.

Амма 2018-2019 соназда гIицIго 78
азарго гурони ясли-ах бан бахъ-
ун гьечIо. Гьезда гьоркьосаги,
гьабсагIаталъго лъимал жанире
рачIине бегьулеб хIалалда 33 азарго
гурони къачIан рагIуларо. Гьедин
хIалтIи унеб бугони, дандеккола-
рин абуна улкаялъул бетIерас ре-
гионазул нухмалъулезде хитIабги
гьабун. 2021 соналде 178 азарго
ясли-ах къачIан букIине ккелила.
«Амма нилъер демографиялъул
букIинеселъе цIакъ хIинкъи
бугеб цоги суал ккола халкъалъул
цIикIкIарасеб къадаралъе щолеб
мухь мукъсанаб букIин. Гьезда гьоркьор
цIакъго дагьаб гурони тIаде
бачIунеб гIарац гьечIел гIадамазул
70-80 процент ккола гIолохъанал
хъизамал.
Гьединлъидал нижеца хIукму
гьабуна, гIумру гьабизе хIажалъулелдаса
дагьаб гIарац бачIунев
кIиго чи рокъов вугони,
гьезул
тIоцересел ва кIиабилел лъималазе
щибаб моцIалъе 11 000 гъурущ
бачIунеб хIисаб гьабизе. Цебе
гIадин лъагIелгун бащдаб базегIан
гуреб, гьеб гIарац щвезе буго лъимаца
лъабго сон базегIан», — илан
абуна президентас.
Амма гьелдалъун къокълъизе
гьечIо гьеб программа.
Владимир Путиница абуна жин-
да бичIчIулила лъабго сон баралда-
са анкьго сон лъималаз базегIанги
хIалтIуде яхъине эбелалъе бигьа
букIунареблъи. Гьединлъидал къваригIун
бугила гьаб соналъул 1 янва-
ралдаса нахъе анкьго сон базегIан
щибаб моцIалъ лъимералъе гIарац
бачIунеб куц гьабизе.