Кадриял цIар кьуна

Ногъаязул машгьурай шагIир ккола Кадрия Темирбулатова.

Гьелъ ногъай мацIалде руссинаруна машгьурал шагIирзабазул асаралги. Машгьурай ва махщел камилай шагIир гIолохъанго, ай 1978 соналдаго къадаралде щвана.
Ногъаялги турказул нас-лулъидал, дунялалдаго TÜRKSOY абураб цIаралда гъоркь хIалтIулеб гIуцIиги гьелъул филиалалги руго дунялалъул батIи-батIиял улкабазда. Гьеб гIуцIиялъул церехъабаз церегIанго къоязда Турциялъул лъабго шагьаралда тIоритIана Кадриял хIурматалда батIи-батIиял данделъаби.
Масала, гьединаб данделъи тIобитIана Яловаялъул Чифтликой районалда. Чифтликоялъул мэрасул хIукмуялдалъун (гьев ккола гъарачай миллаталъул чи), районалъул цо къватIалда гьелъул цIарги
лъуна.
Сураталда: квараниса кве-гIиде: Чифтликкоялъул мэр ГIали Мурад Силпагар, ногъай миллаталъул вакил, TÜRKSOY гIуцIиялъул хIалтIухъан Дусен Касеинов, Яловаялъул депутат ХIасан Сойгюзел.