Мадугьалзабазулгун бухьенал щулалъила

МухIарамкент районалда рагьана цIияб кьо. Гьеб бана Самур гIоралда тIад, 2013 соналда Азербайжаналъги Россиялъги гьабун букIараб къотIиялда рекъон. Кьоялъул буго 325 метр халалъи 17 метргун бащдаб гIеблъи. Кьо бана Россиялъги Азербайжаналъги бащадго гIарацги хIалтIизабун.

Кьо рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъана РФялъул экономикияб цебетIеялъул министр Максим Орешкин, ДРялъул бетIер Владимир Васильев, Азербайжан Республикаялъул премьер-министрасул заместитель Шагьин Мустафаев.
БагIараб чIоло къотIун хадуб, Шагьин Мустафаевас абуна: «Гьаб кьоялъ цолъизарула, Самур гIурул кIиябго рагIал гуребги, кIиябго улкагун гьезул халкъалги. Гьаб бакIалдасан хьвадула аслияб къагIидаялда юк баччулеб транспорт. Дир ракIчIола, гьаб гьудуллъиялъулгун вацлъиялъул кьо бугеблъиялда», — ян.
Максим Орешкиницаги баркана цIияб кьо рагьи ва баркала кьуна гьеб балаго хIаракат гьабурал хIалтIухъабазе. «Гьаб проекталъул кIудияб тарих буго. Расги бигьа букIинчIо гьеб гIумруялде бахъинабизе. Ахирги нилъее рес щвана цIияб кьо рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъизе. Гьанисан гIадамалгун машинаби хьвадила, дармил мурадалда гуребги, туристазеги санагIатаб нух лъугьина гьанисан. Гьединал бухьеназ щулалъизабизе буго халкъазул гьудуллъиги», — ян абуна министрас.
Владимир Васильевас, тадбиралъул гIахьалчагIазе салам кьолаго, кIварбуссинабуна божилъиялде. «Божилъиялъул кьучIалда гIуцIула бухьен, улкабазул халкъазул бухьеназ церетIезарула пачалихъал. Дагъистаналъулги Азербайжаналъулги руго гIемеррахъазулал бухьенал: цоцалъ журарал хъизамалги гIаммаб тарихги. Баркала буго гьаб байрамалъе квербакъарав щивав чиясе!» — ян абуна гьес.
Баркиялъул кIалъай гьабуна Россиялда вугев Азербайжана-лъул посол Полад Бюльбюл-Оглицаги.
Гьелдаса хадуб цIияб кьодасан ана тIоцересел машинаби.