ТIехь бачIин байрамалде сверана

 

 

Араб анкьил рузман къоялъ республикаялъул Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда ГIахьвахъ районалъул КIаратIа росдал хIакъалъулъ хъвараб «Карата. Из прошлого в будущее» абураб тIехь къватIибе бачIиналда бан рохалилаб данделъи тIобитIана.

 

Гьелда гIахьаллъи гьабуна бетIералда ГIахьвахъ районалъул нухмалъулев МухIамадзагьид Муслимовгун администрациялъул хIалтIухъабаз, гIадатиял гIадамаз, тарихалъул гIалимзабаз ва цогидалги гьалбадерица. 750 гьумер бугеб, некIсияб заманалдаса жакъа къоялде щвезегIан кIаралазул гIумруги тарихги жанибе бачараб, гIагараб ракьалде рокьи цIикIарав ГIалигъази ГIалигъазиевас данде гьабураб гьеб тIехь академикияб басмалъун рикIине бегьула. Ахирал соназда анцI-анцI тIехь къватIибе бачIана магIарул батIи-батIиял росабазул хIакъалъулъ хъварал, амма ракIчIун абила, гьединаб тарихиял хIужабаздалъунги бечедаб, гIумру яшавалъул кинабго рахъалде берги кверги щвезабун хъвараб тIехь жеги къватIибе бачIинчIилан.

 

 

КIаратIа буго цIакъго некIсияб тарихги бугеб, тIадмагIаруллъиялда чIахIиял росабазул цояб.

КIодолъиялъул рахъалъ гуребги гьеб машгьураб буго магIаруллъиялъул гуребги Дагъистаналъулго тарихалда жиндир цIар рагIизабурал ишазул нугIлъунги гIахьалчилъунги. ГIанди гIурул жаниблъиялда рукIарал эркенал жамагIатазул цолъабазда гьоркьоб кIкIаралазул жамагIат, букIана бищунго къуватаздасан цояблъун.

Кинаб лъугьа-бахъин магIаруллъиялда, Дагъистаналда кколеб бугониги гьезул гIахьалчагIилъун рукIана кIкIаралал.

 

 

ХIХ гIасруялда эркенлъиялъе ва чияда рачIолъиялъе гIоло имам Шамилил бетIерлъиялде унеб букIараб рагъул заманалда кIкIаралал рукIана имамасул хьолбохь чIарал, бищун хIаракатал жамагIатаздасан цоял. Шамилил наибзабилъун рукIана КIаратIаса Гъазиябдибир, ГъалбацIдибир, Халид (Кьуркьулав), Турач, ТIавуш МухIамад, ХIажияв ХIадис.

 

 

ХIурияталъул соназда Советияб власталъе гIахьвалазул партизаназул отрядалда гьоркьорги дагьал рукIинчIо КIаратIаса багIарал партизанал. Советияб гIуцIиялъул заманалда КIаратIаса рахъана гIелмуялда, адабияталда, спорталда, парахалъи цIуниялъул, сахлъи цIуниялда ва цогидалги идарабазда хIалтIулаго республикаялда ва гьеб бахун къватIибги машгьурал гIадамал. Мисалалъе, магIарул прозаялъе кьучI лъуразул цояв, хъвадарухъан ва журналист Абакар ТIагьиров, Дагъистаналдаса тIоцевесев профессионалияв художник МухIидин ГIараби Жамал, тIоцеесей литературияб институт лъугIарай магIарулай, Дагъистанияй машгьурай шагIир Машидат Гъайирбекова, Совет Союзалъул БахIарчи МухIамадзагьид ГIабдулманапов, Северияб Кавказалдаса тIоцевесев олимпиялъул чемпион гугарухъан Загъалав ГIабдулбеков, гIелмабазул докторал З. МухIамаддибирова, Р. Халидова, Т. Хириев, Г. Мусаев, П. ГIалигъазиева ва цогидалги.

 

 

ТIехь бечед гьабун буго архивалъул материалаздалъун, КIкIаралазул ракьалъул тIабигIаталъул суратаздалъун, росдал тарихалда цIар тарал росуцоязул суратаздалъун.

 

 

ТIехьалъе къиматги кьун, гьелъ гьабураб асаралъул, тарихалъе ва хадуб гIолеб гIелалъе гьелъул бугеб кIваралъул бицун данделъиялда кIалъазе рахъана ГIахьвахъ районалъул бетIер МухIамадзагьид Муслимов, тарихиял гIелмабазул докторал Юсуп Дадаев, Закарья Нахибашев, Ильяс МухIамадсултIанов, гIалимчIужу Р. Халидова, «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакторасул заместитель П. Пайзулаев ва цогидалги.

 

 

БукIана кечI бакъанги. ГIахьвалазул фольклорияб ансамблялъул гIахьалчагIаз ахIана кучIдул, рихьизаруна миллиял кьурдаби.Тадбир махщалида нухда бачана ГIахьвахъ администрациялъул жавабияв хIалтIухъан Деньга Махиевас. Ахиралда кIалъазе вахъарав, тIехь хIадур гьабурав, ГIалигъази ГIалигъазиевас данделъиялде рачIаразе баркалаги загьир гьабун абуна, тIадежураялги гьарун, ккарал гIисинал гъалатIалги ритIизарун тIехь цIидасан бахъизе бугилан.

 

 

Росдал хIакъалъулъ бахъараб тIехь цебелъей кIкIаралаз унго-унгояб байрамалде сверизабуна.