Имам Шамил – Кавказалъул бахIарчи

ХIХ гIасруялда гьев вукIана бищун машгьурав кавказияв. Гьединавлъун хутIила гьев хадусел гIасрабаздаги

 

160 сон ана имам Шамилил бетIерлъиялда дагъистаниязги, чачаназги, цогидал кавказалъулазги эркенлъиялъе ва чияда рачIолъиялъе гIоло Россиялъул империялде данде гьабулеб букIараб къеркьей лъугIизе таралдаса. Дунялалъул тарихалда къанагIатги гьечIо Кавказалъул магIарулаз гIадин анцI-анцI соназ къуватаб империялде данде гьабураб рагъул тарихги хIужаги. Гьеб къеркьеялъул хIакъалъулъ тIахьал, хIалтIаби хъвалел руго тарихчагIаз, унел руго бахIсал, гьоркьоб къотIулеб гьечIо цIех-рех. Хасго кIвар кьолеб буго имам Шамилиде – рагъул цевехъанасде, гIалимчиясде, полководецасде, бахIарчияв инсанасде. Гьеб бичIчIулеб жоги буго. ХIХ гIасруялда гьев вукIана дунялалда бищун машгьурав кавказияв. Гьединавлъун хутIила гьев хадусел гIелазеги гIасрабазеги.

Лъабабилеб октябралда республикаялъул Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда тIобитIана имам Шамилида ва Кавказалъул рагъул тарихалда хурхун кIигониги тадбир: «Имам Шамил ва Кавказалъул рагъ: тарих мекъи сверизабулеб бугеб куц» абураб темаялда тIасан «гургинаб стол», «Дагъистаналъул ва Россия­лъул тарихалда имам Шамилил кIвар» абураб темаялда гIелмиябгун практикияб конференция. Гьел тадбиразул хIаракатчагIилъун рукIана халкъазда гьоркьосеб имам Шамилил фондалъул президент ГIалиасхIаб Хархачаев ва имам Шамилил хIакъалъулъ тIехь хъварай Мариам Ибрагьимовалъул цIаралда бугеб рахIмуялъулаб фондалъул председатель, Мариам Ибрагьимовалъул вас, социологиял гIелмабазул доктор, профессор, Россиялъул гумманитариял гIелмабазул академиялъул хIакъикъияв член Рустам Ибрагьимов. Гьел тадбиразда гIахьаллъи гьабуна тарихалъул гIалимзабаз гуребги, республикаялъул Халкъияб Собраниялъул депутатаз, диниял ва жамгIиял хIаракатчагIаз, гIагараб ракьалъул тарих бокьулел гIадатиял гIадамаз.

Имам Шамил асир гьавунищ?

Аслияб суал букIана 1859 соналъул 25 августалда ГъунибмагIарда рагъ къотIизе тарав имам Шамил асир гьавунищин абураб. Гьев асир гьавичIин, Барятинскиясулгун гара-чIвариги гьабун, рагъ къотIизе танин имам Шамилицаян абуна тарихчи Тимур Айтберовас. Дагъистана­лъул специалистазе хIажат руго кодор ругел документал, хъвай-хъвагIаял печаталда рахъизе. «БакIалъулал документал къватIире рахъизе ккола, нижер умумул къад рагъулел рукIана, къаси лъугьараб-тараб къалмидеги босулаан. Нилъехъ нахъе хутIун руго гIемерал гIарабалъ ва гIажамалъ хъварал хъвай-хъвагIаял. Гьел данде гьарун, таржамаги гьабун печаталда рахъизе ккола», — ян абуна Т. Айтберовас.
Республикаялъул бетIерасул гIакълучи Камил Ландаца абуна: «Кавказалъул рагъ лъугIаралдаса дагъистаниязул ва кавказалъулазул чанго гIелалъ жакъа къоялде щвезегIанги гьеб рагъда жалго къураллъун рикIкIунаро. Дагъистаниял Россиялда гьоркьоре рачIана жидерго къадругун», — ан. Аслияб докладгун кIалъазе вахъарав профессор Рустам Ибрагьимовас бицана: «БатIи-батIиял феодалиял гIуцIабазде рикьун рукIарал дагъис­та­ниялги тейпабазде рикьун ру­кIарал чачаналги цолъизарун, имам Шамилида кIвана Кавказа­лъул, Европаялъул ва дунялалъулго тарихалда тIоцебе демократияб, инсан ващадавлъун, эркенавлъун гьабураб пачалихъ-имамат гIуцIизе. ГIагараб ракьалда жидее бокьухъе гIумру гьабизе, дин гьабизе тей, лъилниги кверщаликье ккезе бокьичIолъи – гьеб букIана Кавказалъул магIарулазул къеркьеялъул аслияб байрахъ, идеология. Кавказалъул рагъул тарихги, имам Шамилилги гьесул рагъулал церехъабазулги цIаралги, ишалги мекъи сверизаризе хIаракат бахъулел камулел гьечIо», — ян. Р. Ибрагьимовас ракIалдещвезабуна Кавказалъул рагъги, имам Шамилил полководецасул, рухIияв цевехъанасул цIех-рех гьабулезда гьоркьор кIиго батIияб къокъа бугилан Расул ХIамзатовас абурал рагIабиги: «цоял шамилоедал ругила, цогидал шамиловедал ругила».
«ГьабсагIаталда «тIегьалел руго» шамилоедал. КьучIал баяналги кодор гьечIого гьез гIакса сверизабулеб буго халкъалъул багьадурасул рагъги тарихги. Имам Шамил ГъунибмагIарда асирлъун восанилан бихьизабураб, гьеб тасдикъ гьабулеб цониги хъвай-хъвагIай, хIужа гьечIониги, хъвалеб буго Шамил асир гьавунин. Гьеб пикру ритIухъ гьабизе цо-цо тарихчагIаз тIадчIей гьабулеб буго имам Шамилица Черкесиялда вукIарав жиндирго наиб МухIамад-Аминихъе хъварабилан рикIкIунеб кагътида. Гьелда хъвалеб буго: «Дун рази вуго, баркала кIудияв падишагьасе. Гьес дие бихьизабун буго анкьазарго тумен, рорхатал рукъзабазул лъикIаб минаялъуб гIумру гьабулев вуго дун. Дир руго хириял халичаби ва цIарагI»… Шамилица киса гурин, цогидав бокьарав бихьинчияс кагътида гьеб жо хъвалищ? Гьеб кагъат бахъун буго цо нилъерго тарихчIужуялъ жиндирго тIехьалдаги. Гьеб Шамилица хъвараб кагъат гуро. Гьеб кагъат цIализе дица кьуна Россиялъул бусурбабазул динияб управлениялъул председатель Равил Гайнудинил кумекчи, нилъер ракьцояв, гIарабист АхIмад ГIазимовасухъе. АхIмадица абуна гьадинаб кагъат Шамилица хъвазе ресго гьечIин. ТIехьалда гьеб лъелелде дой тарихчIужуялъ Шамилил квералъ хъварал цогидал кагътаздегIаги данде кквезе ккеларищ. Гьеб кагъат буго батIияб хатIалъ хъвараб. Шамилица хъварал, гъоркь гъулбасарал цогидал кагътал дида рихьана.
Гьединабго буго цо-цо тарихчагIаз рехсолеб ГъунибмагIарда рагъ къотIизе тун хадуб Барятинскияс пача Александр КIиабилесухъе «Война окончена. Шамиль пленен, его отправили в Петербург» абун телеграммаги битIанин хъвайги. Дица гьединаб телеграмма цIехечIеб архив хутIичIо. Гьеб батичIо. Батилищха букIинего букIинчIеб телеграмма. БукIарабани гьединаб геополитикияб кIваралъул телеграмма Москваялъул, Санкт-Петербургалъул архивазда цIунун хутIилаан ялъуни кибниги хъвай-хъвагIай букIинаан.
Жакъа цо-цо тарихчагIаз далиллъун рачунел Кавказалъул рагъул ва имам Шамил асир гьавунин абурал кагътазул, документазул экспертиза гьабизе ккола, щайгурелъул гьел руго гьересиял. Шамил асир гьавунин абурал рагIабиго руго ургъун рахъарал, гIелмияб мацIалъ абуни, фальсификация. Асирлъуде уна хъахIаб байрахъги борхун, рорхун эхеде квералгун. Шамил Барятинскиясулгун гара-чIвариязде ана рекIун чодагун, бан ярагъгун. Киназго тIадчIей гьабулеб «Барятинский принимает пленного Шамиля» абураб немцав Теодор Горшельтица бахъараб сурат буго ритIухълъи гьечIеб. Гьеб сурат Т. Горшельтица бахъун буго 1865 соналда, ай Кавказалъул рагъ лъугIун хадуб анлъго соналдасан Александр Барятинскиясул гьитIинав вац Владимир Барятинскияс гьарун. Гьелдасан бичIчIулеб буго Барятинский кIодо гьавун сурат бахъи художникасул мурад букIараблъи. Барятинский гIодов чIун, Шамил цеве вахъун чIун бахъун буго сурат. БичIчIулеб жо, А. Барятинскияс живго гIадав рагъул бетIер гIодов чIун къабул гьавизе вукIинчIо, гьеб букIинаан гьес живго гIодовегIан гьавилъун. КьучIаб документ буго Россиялъул пача Александр КIиабилес Барятинскиясухъе битIараб. Гьелда абулеб буго бокьарал шартIазда Шамилилгун рекъел гьабеян ва хехго рагъ лъугIизе жигар бахъеян абураб», — ан бицана Р. Ибрагьимовас.
КIалъаялъул ахиралда Ибрагьимовас абуна батIи-батIиял архиваздаса жеги лъалел рукIинчIел документалги, хъвай-хъвагIаялги, материалалги ралагьун имам Шамилил ва Кавказалъул рагъул хIакъалъулъ жиндица хъвараб лъабго томалдаса данде гьабураб тIехь-трилогия кватIичIого къватIибе бачIине бугилан.

ГIелмиял конференциял
тIоритIизе руго

Конференциялда кIалъалаго халкъазда гьоркьосеб имам Шамилил фондалъул президент ГIалиасхIаб Хархачаевас абуна «гургинаб столги», гIелмияб конференцияги тIобитIи бугила Шамилил фондалъ цебесеб соналдаго планалде босараб тадбир. Кавказалъул рагъда хурхарал гьединал гIелмиялгун практикиял конференциял тIоритIизе руго доб къеркьеялда гьоркьоре цIан рукIарал Северияб Кавказалъул халкъазул ракьазда – Чачаналъ, Ингушетиялда, Кабардино-Балкариялда, Адыгеялда, Абхазиялда, Карачаево-Черкесиялда. Чачаназул бетIер Рамзан Къадировас имам Шамилги, гьесул ишазулги бицун кIалъай гьабиялда хурхараб гьечIин конференция тIобитIийин абуна ГI.-А. Хархачаевас данделъиялда гIахьаллъарас кьураб суалалъе жаваб гьабулаго. Рустам Ибрагьимовас абуна жинда хIакъикъат лъачIого Р. Къадировас кьурал суалазе гIелмияб кьучIалда мухIканал жавабал кьезе кколила. Гьеб гIилла кколарила Дагъистаналъул ва Чачаналъул гIасрабазулаб вацлъиялъулал гьоркьорлъабазде гьогьен рехизабе.
Тарихиял гIелмабазул кандидат Зураб ХIажиевас абуна Р. Къадировас цебелъураб анкьабго суалалъе жинца чIванкъотIарал жавабал кьуниланги.
1859 соналъул августалда имаматалда лъугьун букIараб захIматаб хIалалъул, чIахI кванаялде халкъ ккун букIиналъул, кIудияб империялде данде лъебергогIан соналъ рагъулаго халкъ тIагIиналде ккараб мехалъ, тIаде кумек щвезе ресги гьечIолъиялъ имамас рагъ къотIизе теялъул бицана тарихиял гIелмабазул докторал ХIажи-Мурад Доногъоца ва Закарья Нахибашевас. Гьез борхана МахIачхъалаялда имам Шамилие памятник лъезе ккеялъул суалги. Дагъистаналъул ва Россиялъул тарихалда кIвар бугеб лъугьа-бахъинлъун букIана гьеб рагъ. Рагъ къотIизе тейги букIана кIиябго рахъалъул гIакъилаб ишлъун. Эркенаб Кавказалъул мугIрузул халкъаз эркенлъиялъе гIоло гьабулеб рагъалъ, гьайгьай, асар гьабуна Россиялъул империялда халкъ лагълъиялдаса эркен гьабиялъе. Гьениб 1861 соналда хисизабуна крепостное право, ай лагълъиялдаса тархъан гьабуна империялъул халкъ.
Умумузул бахIарчияб тарих лъа­леб букIиналъул, имам Ша­ми­лиде, Кавказалъул халкъия­в БахIарчиясул гIумруялде ва хIа­ракаталде гIа­лим­­за­базул, тарихчагIазул гуребг­и, гIадатияб халкъалъулги инте­рес букIин якъинго бихьана данде­лъиялда жидерго пикраби-суалалгун кIалъазе рахъарал Му­хIа­мадхан ХIамзатхановасул (Волк­­хан), ХIажимухIамад ХIа­жи­­му­хIамадовасул, АхIмад ГIаб­дурахIмановасул, ХIажи ХIа­­жиевасул ва цогидазулги церерахъи­наздасан.
Конференциялда гIахьаллъи ва магIнаяб кIалъай гьабуна республикаялъул Халкъияб Собраниялъул председателасул тIоцевесев заместитель СайгидахIмад АхIмадовасги.

Пайзула Пайзулаев