Районго урхъараб байрам

Гьал къоязда кIодо гьабуна Шамил район гIуцIаралдаса 90 сон тIубай

 

Байрамалде цудунго хIадурун букIана щибаб росдал жамагIат. ТIоритIана субботникал, данделъаби ва бищунго цIикIкIун къачIана ХIебда росулъ бугеб хIухь­бахъиялъул парк. Байрамалъул къоялъин абуни гьениб мухъккун тIиритIун рукIана щибаб росдал майданал. Щибаб майданалда букIана пихъалгун овощалги, гьанал ва рахьдал батIи-батIиял нигIматалги, жакъа къанагIалъун ругел гьохъил, цIоросаролъул, гIатIал гьабураб квенги, урбагун бахъухъги, мохмохги, пихъил соказде, хурдузул чаялде гIунтIун батIи-батIиял нигIматалги. АскIорго рахъун чIун рукIана росабазул бутIрулги, культураялъул хIалтIухъабиги, жамагIатчагIиги. Гьел нигIматазул хIалги бихьулаго, унел гIадамазул къадарги дагьлъулебго букIинчIо. АваргIурул чвахиялъул гьаракь къинабулеб букIана ахIулел кучIдуз, бухулеб къолоца, пулеб зурмица. Шамил районалъул бетIер МухIамад ХIасановас, жамагIатазе ва тIаде рачIарал гьалбадерие саламги кьун, бицана районалъул гIумруялъул ва гьелъ нахъа тараб тарихалъул хIакъалъулъ. Рехсана район гIуцIаралдаса батIи-батIиял соназ районалъе нухмалъи гьабуразулги ва район машгьур гьабурал ракьцоязулги цIарал. Абуна ХIажимурад Хашаев гьавуралдаса 110 сон, МухIамад Танкаев гьавуралдаса 100 сон, МухIамад ГIабдуразакъов гьавуралдаса 80 сон тIубай кIодо гьабизе бугиланги. Гьединго цIарал рехсана район машгьур гьабурал Социалистияб ЗахIматалъул БахIарчи Сайпула Абакаровасул, 25 соналъ Дагъмединституталъул ректорлъун хIалтIарав МухIамад Макъ­судовасул, сахлъи цIуниялъул министрлъун хIалтIарав Ибрагьим Ибрагьимовасул, 19 соналъ республикаялъул парламенталда вукIарав, профессор, Дагъистаналдаса тIоцеве вахъарав самбоялъул рахъалъ СССРалъул чемпион Суракъат Асиятиловасул цIарал. Район машгьур гьабуна медицинаялъул гIелмабазул ичIго докторас, тIадегIанаб лъаялъул ункъо докторас, техникиял гIелмабазул цо докторас, экономикиял гIелмабазул ункъо докторас, РФялъул мустахIикъав лъабго тохтурас, РФялъул мустахIикъав лъабго учителас, цо РФялъул промышленносталъул мустахIикъав хIалтIухъанас, РФялъул мустахIикъав бакIал ралев кIиго чияс, цо РФялъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъанас, лъабго ДРялъул халкъияв шагIирас ва хъвадарухъанас, щуго ДРялъул халкъияв артистас, рикIкIен гIемерал гIелмабазул кандидатаз, дунялалъул, Европаялъул чемпионаз.
Райадминистрациялъ кидагосеб кIвар кьола районалда лъайкьеялъул, сахлъи цIуниялъул, росдал магIишат ва гьенире инвестициял тIалаб гьариялъул, социалиб рахъалъ нахъе ккаразул, культураялъул, спорталъул, туризмалъул ва цогидалги суалал гIумруялде рахъинариялде. Ахираб щуго соналда жаниб райбюджеталъул кумекалдалъун ремонт гьабун буго 22 социалияб объекталъе (44 млн гъурущ). Социалиябгун экономикияб цебетIеялъул рахъалъ мугIрузул районазда гьор­кьоб Шамил районалъ 2013 соналда ккуна тIоцебесеб бакI, 2016 соналда – кIиабилеб бакI ва 2017 соналда – тIоцебесеб бакI. Районалъул аграрияб секторалда хIалтIулеб буго 18 СПК, 38 гьитIинаб СПК ва 45 фермерасулаб магIишат. Ахираб 10 соналда жаниб росдал магIишаталъул валовияб продукциялъул къадар цIикIкIун буго лъабго нухалъ ва гьеб бахун буго 1 млрдгун 232 млн гъурщиде. 2019 соналъул 1 январалде ругел баяназда рекъон, районалда буго чIегIерхIайваназул 30790 бетIер (гьездаса 1478 гIака), 137311 бетIер гIи-цIцIаназул. КIвар кьолеб буго чуял гIезариялде (1800 чу), наял хьихьиялде (ункъазарго тIала), ахал гIезариялде, пиринчI бекьиялде (240 гектаралда бекьана гьеб).

ГIемераб хIалтIи гьабулеб буго нухал-кьоял раялъе, росабалъе лъим бачиналъе. ДРялъул хIукуматалъ гьабураб хIукмуялда рекъон, ХIебда росу лъедалъун хьезабиялъе бихьизабун буго 5 млн 286 азарго гъурущ. Районалъул байрамалда гIахьаллъи гьабизе вачIун вукIана хIукуматалъул председателасул заместитель Абулмуслим Абулмуслимов. Гьесги баркана районалъ 90 сон тIубай ва цIалана республикаялъул бетIер В. Васильевас битIараб баркиялъулаб кагъатги. Районцоязда байрам баркизе рачIаразда гьоркьор рукIана МахIачхъалаялъул Ленинский районалъул, Хунзахъ, Гъуниб, Унсоколо, ЧIарада, ЦIунтIа, ГIахьвахъ, ЦIумада районазул нухмалъулелги. Гьезул рахъалдасан баркиялъулаб кIалъай гьабуна республикаялъул бетIерасул мугIрузулаб зонаялда вугев вакил МухIамад Камиловас. КIалъазе вахъарав КЭМЗалъул генералияв директор МухIамад АхIматIовас абуна: «Дица ва нижер заводалъул тIолабго коллективалъ баркула районцоязда гьаб рохалилаб байрам. Жакъа нижер заводалъ къватIибе биччала авиациялъулаб промышленносталъе къайи. Гьенир хIалтIулел руго нилъер районалдаса бажариги гьунарги бугел гIолохъабиги. Дица гьездаги абула, районалъул гIолохъабаздаги абулеб буго, щивас кIвараб куцалда бутIа лъезе ккола район цебетIеялъе. ЦIале, цIале, щула гьабе нужерго лъай», — ан.
ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул председатель МухIамад АхIмадовгун цадахъ церерахъана МухIамад ХIамзаев, МухIамадрасул ГIумаров, Залму МухIамадова, КъурбанмухIамад МухIамадов, Манарша ГIисаева. Гьезги цIалана жиде-жидерго кучIдул.
Баркиялъулаб кIалъай гьабуна медицинаялъул гIелмабазул докторзаби Расул Мажидовас ва МухIамад АхIмадовас, «МагIарулай» журналалъул бетIерай редактор Баху МухIидиновалъ, МухIамад Танкаевасул цIаралда бугеб патриотикияб лъайкьеялъул фондалъул нухмалъулев ХIасанхIусен ГIабдулзагьировас. Гьес 14 лъимер гIезабурай МухIамадова ПатIиматие кьуна «БахIарчияй эбел» орден, шагIир Залму МухIамадовалъе – «Честь и гордость Дагестана» абураб каранда балеб гIаламат. ДРялъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъул рахъалдасан лъабго учителасе кьуна «ДРялъул лъайкьеялъул отличник» абураб цIар, кIигоясе — ХIурматалъул грамота.
Къалъудаса хадуб «АваргIор — гьудуллъиялъул гIор» абураб цIаралда гъоркь районалда микь­абилеб нухалда тIобитIана рес­пуб­ликаялъул фольклоралъул куль­­турияб фестиваль. Гьениб жи­­де-жидер гьунар бихьизабуна Гъу­ниб, ГIахьвахъ, ЧIарада, БежтIа, Хунзахъ, ЛъаратIа, Унсоколо, Гум­бет, ЦIунтIа районазул фольклоразул ансамбляз. Балагьаразе кIудияб асар гьабуна Ростов областалъул «Православный Дон» муниципалияб ансамблялъ. Нахъе ккезе чIечIо бакIалъулаб «Дагъбаш» ансамбльги.