Выставка

ЦIияб заманалъул цIиял тIалабал

МахIачхъалаялда мебелалъул выставка

20 августалда МахIач­хъа­­лаялда Ассоциация «КАМИ­ялъ» ва «ДревМе­бельМашалъ», Techno Group компаниялда цадахъ рагьана мебель гьабулезул выставка.
Гьеб тIобитIизе Россиялдаса рачIун рукIана «КАМИ-Мебелалъул» директорасул заместитель Иван Дементьев жиндирго спе­циа­листалгун. Гьесги Tech­no Groupалъул генера­лияв директор Сайфулла-Къади Асельдеровас ва Дагъистана­лъул Бизнес-сообществоялъул бетIер ГIабдулхIаким Пахрудиновас рагьана выставка.
Иван Дементьевас абуна Дагъистан жидер компаниялъе кIвар бугеб регион кколин, гьанир ругин гIемерал жидер станокал хIалтIизарулел ва цIулал мебель гьабулел фабрикаби. «Северияб Кавказалда церетIолел руго мебель гьабулел гIисинал ва чIахIиял фирмаби. Гьезие хIажат буго цIираккарал станокалги цоги алатги. Нижер «КАМИ» ассоциациялъ Дагъистаналде рачIарал станокал руго фабрикабазул хIалтIи бигьа гьабизе ургъарал. Гьел лъикI росула МахIачхъалаялда. Станокал рихьизе ва гьезухъ балагьизе гьанире рачIун руго Дагъистаналдаса гурелги Чачаналъа, Кабардино-Балкариялдаса ва цоги регионаздаса производителал. Нижер фирмаялъ рес кьолеб буго бизнесменазе жидерго иш цебетIезабизе», — ян бицана гьес.
300-ялдаса цIикIкIараб квадратияб метралда «КАМИялъ» церелъун ругоан цIияб заманалъул Filato, Ostermann, Beaver, GQmac ва цоги маркабазул станокал. Рес бу­кIана гьел хIалтIулеб къа­гIида ва гьезул цогидалде дандеккун тIокIлъи бихьизе. Выставка букIине буго 23 августалде щвезегIан.
ПатIимат Расулова