Ракьулъ рахчарал нугIзал

Северияб Кавказалъул экспедициялъул хIалтIул хIасилал

 

Россиялъул гIелмияб академиялъул Археологиялъул институталъулги (ИА РАН) Дагъистаналъул федералияб цIех-рехалъул централъул Тарихалъулгун археологиялъул ва этнографиялъул институталъулги (ИИАЭ ДФИЦ) гIалимзабазул цадахъаб хIалтIул хIасилалда чIезабуна кIиго миллион соналъ цебеккун тIубанго батIияб гIумру букIараблъи Дагъистаналъул ракьалда.

Палеолитин абула ганчIил гIасруялъул заманалда. Гьебмехалда дунялалда рукIана пикру гьабизеги цадахъал ишал гIуцIизеги бажари бугел, инсанасда релълъарал маймалаказда цебесебин гIалимзабаз абулел къокъабазул тайпаби (гьезда абула гоминидалин). Гьез хIалтIизарулел рукIана рукIа-рахъиналъеги чанахъанлъиялъеги хIажатал ганчIилги, цIулалги, рукьбузулги, цIакилги алатал. Гьезда жеги лъалароан ракьалдаса пайда босизе. Гьезул гIумру бараб букIана тIабигIаталда. Квание гьез хIалтIизабулаан чан яги хурдул. Гьедин гIумру гьабулел гоминидазул лъалкIал гIалимзабазда тIоцере ратун руго Северияб Африкаялда.
ТарихчагIазгун археологаз 2005 соналда байбихьана ГIахъуша районалъул ГIахъуша росдада гIагарлъухъ ругел гохIазул цIех-рех гьабизе. Гьелъие гIаммаб нухмалъи гьабулеб буго РАНалъул член-корреспондент, археолог Хизри ГIамирхановас. Гьесул баяназда рекъон, Дагъистаналда бугеб археологияб памятникалъ инсанияталъул тарихалъул хIакъалъулъ букIараб пикру кьучIдасанго хисизабизе рес буго.

10 соналъул цIех-рех

Хизри ГIамирхановасул нухмалъи­ялда гъоркь Мухкай абураб бакIал­да гIуцIарал гIелмиял цIех-рехазул ва ккарал хIасилазул хIакъалъулъ нижеца хъван букIана ункъо соналъ цебеги. Исана гIалимзабазда гьенир ратун руго кIиго млн 800 азарго соналъ цебе некIсиял гоминидаз дагьаб заманалда гIумру гьабиялъул лъалкIал. Гьел лъалкIалги халлъулел руго 70 метралъул гъварилъуде бухъараб ракьул 30-ялдаса цIикIкIун геологияб гъаталъулъ. «Нижеца халгьабулеб культураялъул хронологияб манзил буго цIакъ халатаб – цо миллионгун 200 азарго сон. Гьелда бан гIемерлъулел руго церечIолел батIи-батIиял масъалабиги. ГьабсагIаталда нижер цIех-рех унеб буго бищунго некIсияблъун рикIкIунеб олдаван абураб тарихияб заманалда сверухъ. Гьелдаса хадуб байбихьизе буго ашель абураб заманалъул цIех-рех. Гьеб ккола гIага-шагарго миллион соналдаса ичIнусазарго соналде гIагарун заман», – ан бицана Х. ГIамирхановас.
ГIалимчияс рехсараб заманалда букIинчIо гьанже заманалъул чиясда релълъарав инсанго. БукIинчIо гьезул гIумру гьабулеб цоккураб бакIги. Абизе бегьула, сапаралда бугеб къокъаялъ сордо яги цо чанго къо базе тIасабищараб бакIалда релълъунаанин гьанже гIалимзабаз Мухкаялда цIех-рех гьабулеб бакIилан. Гьезул пикруялда, Мухкаялда гоминидаз гIумру гьабулеб букIун буго Африкаялда рукIараздасаги цебе­ккунго ва гьединлъидал тIолабго дунялалъул инсанияталъул тарихалда хиса-басиял ккезарула гьеб памятникалъул цIех-рехалъ. Африка тун хутIараб дунялалда, хасго Евразиялда, ратарал гIадамазул гIумруялъул лъалкIазда гьоркьоб Дагъистана­лъул археологазда батараб ккола бищунго некIсиябин абизе бегьулеб памятник. Гьелъие нугIлъи гьабула Мухкаялда ратарал инсанасулин абизе бегьулелги ва цогидалги рукьбузги рукIа-рахъиналъул алатазги ва хурдузулгун рухIчIаголъабазул хутIелазги. ГIалимзабазухъе щун буго азаргоялдасаги цIикIкIун гьединаб хIужа.
«Раскопкаби гьанир гьарулел руго 10-ялдаса цIикIкIун соналъ. Гьезул хIасилазул хIакъалъулъ бицана батIи-батIиял гIелмиял дандеруссиназдаги гIелмиял журналаздаги. Гьеб хIалтIи жеги гIемерал соназ халалъизеги буго. ГанчIил эраялъул кватIараб заманалъул цIех-рехал гьарулел руго жеги Югалъулаб Дагъистаналда, Дарвагъчаялда, Рубасалда. Руго гьединалго халгьабиял унел Азов ралъдада гIагарлъухъги. Гьаниб гIадинаб некIсияб памятник гьезда гьоркьобги гьечIо», – ян бицана экспедициялъул нухмалъулес.

Мухкай 1

Ахираб ункъо соналда жаниб гIалимзабаз халгьабиялъе бухъараб гохIил борхалъи бахана азаралда анлънусго метралде. «Мухкай-1» абураб щобда раскопкаби гьарулел руго Дагъистаналдаса гIалимзабаз. Гьезул нухмалъулев, тарихиял гIелмабазул кандидат Артур Таймазовас бицана ахираб заманалда щварал баяназул хIакъалъулъ. «Гьаниб халлъулеб буго тIубанго батIияб ландшафт. Миллионал соназ цебе гьеб бакIалда букIинчIо мегIер-щоб, гьеб букIана гIатIидаб авлахъ. Авлахъалдасан чвахулеб букIана гIор. Гьеб чвахулеб букIана Каспий ралъдахъе. Гьенирехун чвахулел руго гьабсагIаталда районалда ругел ГIахъуша ва Цианшури абурал гIоралги. Гьеб пикру тасдикъ гьабула нижеда ратарал ралъдал рухIчIаголъабазул хутIелазги.
Нижеца бухъараб гохIил ункъо метралъул гъварилъуда якъинго бихьулеб буго гIурул мухъалъул куц. Гьелъул буго ункъо метр гIеблъи ва метргIанасеб гъварилъи. ТIасияб ракьул гъат буго жакъаги гIурул рагIалда букIунеб гIадинаб хIатI. Гьелъул биццалъи буго цо метр. Хадусеб гъат – ганчIазул сокIкIел – гьеб халалъула тIолабго гохIилъ. Гьеб бихьулеб буго Мухкай-2 памятникалъул раскопкабазухъ балагьидал. Релълъарал руго кIиябго памятникалда ратулел тарихиял хIужабиги. Нижеда ратана чопералги (пуланаб жоялда тIад кьабизе хIадурараб алат), ганчIил гьарурал чIахIиял ва гIисинал батIи-батIиял тайпабазул нусалги, хучдулги, цIоко ччукIизе яги бацIцIад гьабизе хIалтIизарулел алаталги. Абизе бегьула, гьанир ругин олдаваналъул заманалъе хасиятал тIолалго тIагIел-алаталин.
Гьел хIужабаз бицунеб буго, гьаниб, гIурул рагIалда букIанин некIсиял гIадамазул гIумру. Гьез хIалтIизарулаан мачIуялъул гьарурал алаталгун тIагIелал. МачIу гIемер буго Мухкаялда», – ян бицана Таймазовас.
ГIахъуша район рикIкIуна некIсиял памятникал гьарзаяб бакIлъун. Гьенир раскопкабигун цIех-рехал гьаризе байбихьана Дагъистаналъул машгьурав гIалимчи Владимир Котовичас. Араб гIасруялъул 50-60-абилел соназда гьесда гьенир ратана ганчIил гIасруялъул 60-азаргоялдаса щуазарго соналде щвезегIан цереккунисел гIемерал памятникал. «ГьабсагIаталда нижеца гьарулел цIех-рехал тIубанго батIиял руго. Дол соназда рукIинчIо памятникалъул ригь мухIканго чIезабун бажарулел технологиял. ЦIех-рехал байбихьиялъе гIиллалъун ккана гIадатияб лъугьа-бахъин. ГIахъуша районалда телефоналъул вышка лъолеб мехалда, борхатаб гохIда ратун руго некIсиял алатал. Гьел рачIана ДНЦялъул гIалимзабазухъе. ЧIезабуна гьел щуазарго соналъ цере рукIарал ругеблъи, ай мазгарул заманалъул кколеблъи. Дун ана ГIахъушиве. Байбихьана раскопкаби гьаризе. Амма гьадинаб бечедаб памятникалде тIаде ккелин хьулго букIинчIо.
Дагь-дагьккун, къойил хIалтIун щолел руго тарихиял артефактал. Аслияб масъала хIужаби рати кколаро, кIвар бугеб масъала буго гьезул ригь чIезаби. Гьелъие кумекалъе хIажалъула физикалги, химикалги ва цогидал гIалимзабиги. Археологасда тIадаб буго пуланаб бакIалда некIсияб хIужа балагьи, гьелъул мухIканаб цIех-рехалда гьоркьоре лъугьуна батIи-батIиял гIелмаби.
Нижеда гьанир ратарал хIужабазул кьучIалда мухIканго абизе бегьула, Бакъбаккул Африкаялдаги Дагъистаналдаги, ай батIи-батIиял ва цоцадаса цIакъго рикIкIада ругел бакIазда гIумру цого къагIидаялда цебетIолеб букIанин. Цоцазулгун бухьеназе рес букIинчIониги, гьезул букIун буго цIакъ релълъараб рукIа-рахъин», – ан бицана Хизри ГIамирхановас.
Археологазда Мухкаялда ратарал хIужабазул халги гьабун, биологаз чIезабуна, масала, гьениб гIумру гьабулеб букIараблъи жирафазги, пилазги, антилопабазги, зебраялда релълъарал чуязги, ай саваннаялъул хIайваназ. МугIрузул тайпаялъул хIайваналъул рукьби яги мугIрузда рижулел хурдузулгун гъутIбузул хьонал-хутIелалго ратулел гьечIо гьенир.

Мухкай II

Гьаниб хIалтIулеб буго РАНалъул Археологиялъул институталъул гIалимзабазул къокъа. Гьезие нухмалъи гьабулеб буго тарихиял гIелмабазул кандидат Дмитрий Ожерельевас.
«ТIоцебесеб нухалда 2009 соналда вачIана дун Дагъистаналде. Дун щвана Дербенталде, Гъуниве. Дие рокьула мугIрул, дун гьавуна Казахстаналда, Алматыялда гIагарлъухъ. Гьединлъидал батила, мугIруздехун цIикIкIун цIала ракI.
Щибаб соналъ роол заманалда гьанив хIалтIула. 2015 соналда нижеда батана кIиазаралда щунусгониги ракьа. Гьелдаса нахъе ратулел руго цогидал тарихиял хIужабиги.
МачIуялдаса рекизарулаан кескал ва гьел хIалтIизарулаан батIи-батIияб хIалтIи гьабулеб мехалда. Масала, бегIераб рахъги цебехун ккезабун, бухулаан цогидаб гамачI, бекизабулаан цIулакьо. Щибаб алаталъе кьун буго иргадулаб номер. Амма жеги ургъун гьечIо чIванкъотIараб къо-моцI чIезабулеб гIелмияб къагIида. Гьединлъидал ратарал хIужабазул гIицIго гIага-шагарго ригь абизе бегьула», — ан бицана гIалимчияс.
Дмитрий Ожерельевас абуна, жиндир харбазухъ гIенеккун хадуб, Дагъистаналде щванилан гIемерисел гьудулзабиги. «Дица гьезда мухIканал хIужабаздалъун бицуна Дагъистаналъул хIакъалъулъ. Гьаниб буго Каспий ралъадги, мугIрулги, гьайбатал гIадамалги», — ян бицана гьес.
Дарья Стулова гьаюна Владимиралда. ГьабсагIаталда хIалтIулей йиго Москваялда, РАНалъул АИялда лаборантлъун. 17 сон баралдаса нахъе Дарьяца гьаруна мугIрузде сапарал. Гьелъ тIасабищараб пишаялде дандечIоларо эбел-эменги. Кавказалъул мугIрузде гIемер щвана гьей. МугIрузде бугеб рокьиялъ тIасабищана гьелъ Дагъистаналде унеб археологияб экспедицияги. «КIиабилеб нухалда щвана дун хIалтIизе Дагъистаналде. Бищунго рекIее асар гьабула мугIруз. Гьанир гьел руго гьайбатал! ХIалтIи буго лъикIаб, интересаб. Гьединлъидал свакги лъаларо, чIамучIлъунги букIунаро. Дагъистаниял руго гьалбал хириял, ракIразиял гIадамал. Бищунго дие рокьана нисулъ хинкIал – Москваялда хIалбихьун букIана дица гьаризе, амма гьанир гIадал татуял дихъа гьарун бажаричIо», — ян бицана Дарьяца.

Юлия Грецкаялъ лъугIизабуна Коломна шагьаралъул Социалиябгун гуманитарияб университет. «Лъабго соналъ хIалтIулей йиго дун палеолиталъул гIелмиял цIех-рехазда. ЙикIана Москваялда гIагарлъухъги Чехиялдаги тIоритIарал экспедицияздаги. Гьел цIех-рехал рукIана палеолиталъул ахирисел гIасрабазул хIакъалъулъ. Исана дие бокьана гьелдасаги некIсияб тарих лъазабизе. Дица тIасабищана Дагъистаналде унеб экспедиция. Гьеб буго дир рекIее бокьун гьабулеб хIалтIи. Дица лъугIизабуна тарихалъул факультет, тIоцебесеб курсалда малъана нижеда археологиялъул кьучIалги. Гьелдаса нахъе гIахьаллъула археологиялъул экспедициязда. Хьул буго, дир гIумруялда жаниб гьеб пишаялъ аслияб бакI кквеялдеги.
Дагъистаналде дун щвана тIо­це­бесеб нухалда. ГIажаиб­лъизаюна да­гъистаниязул тIабигIаталъги гIа­дан­лъиялъги. Цого бакIалда гьанир дандчIвала исламияб къагIидаялда ретIа-къаралги европаялъулаб партал бугелги ясал. Дун гьание ине йи­гин рагIараб мехалда, цо-цояз цIакъ хIаракат гьабулеб букIана дие нух къазе, дир гIумруялъе хIинкъи бу­кIине бугоян харбалги рицун. Амма иш гIаксалда ккана. Нухкъосун ккараб мехалдацин кумек гьаризе ккечIо – жалго рачIана аскIоре ва нух малъана. Гьоболлъухъе ахIула лъазецин лъаларел гIадамаз. ЦIакъ бокьана дагъистаниязул тIагIамаб квен-тIех.
Раскопкабазул хIакъалъулъ абуни, дун тIоцебесеб нухалда дандчIвана гьанир ратарал тIагIел-алаталгун. Гьединал рихьун рукIинчIо цееккун дун щварал бакIазда. Гьаниб кинабго цIияб буго дие – гIадамалги, мугIрулги, тарихиял алаталги», — ян бицана Юляца.
Хадубккунги гIелмиял цIех-ре­хазул бакIлъун жинца тIасабищилаан Дагъистанин йикIана Ю. Грецкая. «Дун ккола тарихалъул учительница, амма ракIалъ цIалеб махщел буго археология. Педагогияб лъаялъ кумек гьабулеб буго дие хIалтIизе, хасго методикияб лъаялъ», — ан абуна гьелъ.
Цо-цо халкъаз ургъун бахъула жидер тарих некIсияб букIиналъул хIужа. Гьелъие гIоло хIалтIизарула маргьаби, биценал, мифал. Жидерго гьечIони, мадугьалзабазул халкъияб гьунаралъулъ хъирщадунги балагьула. Дагъистаналъул щибаб ракьул бутIаялъулъ бахчун буго бечедаб тарих. Хизри ГIамирхановасул нухмалъиялда гъоркь хIалтIулел гIалимзабазул цIех-рехазул хIасилалда рагьулеб буго жеги лъиданиги лъалареб, лъиданиги ракIалдецин ккелареб гIадинаб Дагъистаналъул тарих. Гьелъул кьучIалда рес буго инсанияталъулго тарихалде букIараб бербалагьи хисизеги.
Кавсарат Сулейманова