ЖамагIаталъул газа

Суалазе жавабал кьезеги масъалаби тIуразеги тарал чагIи рукIуна хIакимзаби

 

Суалазе жавабал кьезеги масъалаби тIуразеги
тарал чагIи рукIуна хIакимзаби

Республикаялъул бе­тIе­расда цебе гIуцIараб жамгIият цебетIеялъул ва инсанасул ихтиярал цIу­ниялъул советалъул председатель З. Илясовас, 17 июналда советалъул членал Х. Валиевагун, Т. Рассохинагун, Ф. Карибовгун ва советалъул жавабияв секретарь Ш. Дайит­мирзаевгун цадахъ Избербаш шагьаралда гIадамал тIаде къабул гьаруна.
Гьеб тадбиралда гIахьаллъана шагьаралъул бетIер МухIамад ГIисакъовги администрациялъул жавабиял хIалтIухъабиги. Шагьаралда гIумру гьабулез рорхарал аслиял суалал рукIана шагьаралъул собраниялъул депутатазул сессия бакIаризе кIунгутIиялда бан жеги шагьаралъул бюджет къабул гьабун гьечIолъиялда, шагьар лъедалъун хьезабиялда, гIадамазе рукъзал разе ракьул планал кьунгутIиялда хурхарал. Хасго разилъи гьечIолъи загьир гьабуна «Загородный» микрорайоналда гIумру гьабулез.
Гьелдаго цадахъ гIарзал рукIана бесдаллъималазе рукIине рукъзал кьеялъул рахъалъ ругел гIунгутIабазда тIасанги.
ПалхIасил, гIарзалъ рачIарал гIадамаз рорхулел ва бакIалъулал хIакимзабаз тIуразе кколел суалал, щибалъе заманги цIан, гьезда тIадкъана.
Республикаялъул идарабаздаса къваригIараб «Загородный» микрорайоналда лъел буругъ бахъизе хIажатаб 15 млн гъуруш гIарац кьезе кумек гьабеян советалъул цIаралдасан республикаялъул бетIер Владимир Васильевасухъе кагъат хъвана.
Гьединал дандчIваял хадурккунги районаздагун шагьаразда тIо­ри­тIизе ругин бицана З. Илясовас.
Карият МухIамадова