Заманалъул гьоко

ХIалхьи гьечIеб рекIел хIалхьи гьечIеб хвел

 

2019 соналъул кIиабилеб июналда ватIаналда букъана имам Шамилил наиб ХIажимурадил жаназа

Кавказалъул наместник гиназ Михаил Воронцовас, наиб ХIа­жи­мурадил гьариги къабул гьабун, гьесие ихтияр кьуна Нуха шагьаралда (гьанжесеб Шеки) рещтIине ва гьениб, бакIалъулаб нухмалъия­лъул берзукь, гIумру гьабизе. РакIалде кко­лаан, ХIажимурадие расги захI­малъиларин магIарухъ хутIараб хъизамалъулгун бухьен гьабизеян. Амма уездалъул нухмалъиялъ (подполковник Иосиф Каргановас (эрменияв)) гьев къабул гьавуна гьобол хIисабалда гурев, асир хIисабалда. Загьирлъулеб букIана империялъул власталъул ХIажимурадидехун божилъи гьечIеблъи.

1852 соналъул 23 апрелалда, лъутизехъин вукIаго, ХIажимурадги гьесда цадахъ вукIарав кIиго муридги (Элдар кколаан наибасул вацасул вас) бакIалъулаб милициялъул нусгоялдаса цIикIкIун чияс сверун ккуна ва гьениб ккараб рагъулъ чIвана. Гьеб иш ккана Нуха шагьаралдаса 40 километралъ рикIкIад, Беляджик абураб росдада гIагарлъухъ. Доб заманалда гиназ Воронцовас оборонаялъул министр Чернышевасухъе хъвараб кагътида буго: «ХIажимурад вукIана хIинкъи-къай гьечIев чи, гьединавлъун хвезеги хвана гьев…», — ан. ГIурус генерал В. А. Полторацкияс хъвана: «(БахIарчиго) хвана цIар рагIарав рагъухъан ХI.-Мурат, амма кинаб багьаги кьунха нилъее щвараб гьесул жаназа?» — ан. Гьеле гьев инсанасул жаназаялъе гIакъуба кьезе ракIалде ккана И. Каргановасда. Гьес буюрана «хиянатчагIазул», гьездаго цадахъ ХIажимурадилги, бутIрул къотIеян абун. Гьеб «къад­руяб» иш гьабизе гьес тIадкъана Элисуялъул милициялъул пристав ХIажи-агъадаги гьесул вас АхIмад-ханидаги. Бусурбабазул борчги яхI-намусги кIочарал гьезги буюрухъ тIубазабуна. Полковник А. Л. Зиссерманил рагIабазда рекъон, ХIажи-агъацаги гьесул цогидав вас МухIамад-ханицаги хъамал гьабуна бетIер къотIарав ХIажимурадил мулкги; гьесухъ батана лъабазарго гъуруш гIарац (гьесухъе гьеб кьун букIана, нагагь хIажалъани абун, гиназ Воронцовас).
БутIрул къотIана ХIажимурадида цадахъ чIварав кIиявго муридасулги ва асирлъуде ккарав жеги кIиго муридасулги: Хан МухIамилги ХIанипалги. Гьел, гIурусаздаса лъутулеб мехалда, ХIажимурадида хадур гъоларого хутIун рукIун руго. Хадурккун гьел кквезе щвана ва гьезухъа цин сурав босана, кьуна гIакъуба, хадуб гьезулги къотIана бутIрул. Щуго бусурманчиясул жаназаялъе гьабураб вахIшилъиялъул жавабчилъи тIаде ккола Каргановасде.
Пачаясул Россиялда гьединаб вахIшиб иш ккезе биччалароан (тушманги вукъулаан гьесул диналда рекъонкколеб къагIидаги цIунун). Кинниги, жаназаялдаса батIа гьабураб ХIажимурадил бетIер, спирталда гъорлъги лъун, чанго къоялъ цебе­лъун букIана Типлисалъул рагъу­лаб госпиталалда, къиматаб экспонат хIисабалда. РитIана пачаясухъе­ги оборонаялъул министрасухъеги телал, гIащтIичи Каргановасдаса байбихьун, бакIалъул нухмалъиялъул чIвадарухъабазде чвахана шапакъатазул цIад. Ва лъиданиги ракIалдего ккечIо, гьеб гIалхулаб ишалдалъун Россиялъ жибго жинцаго хIакъир гьабулеб бугин абун.
Хадуб, гиназ Воронцовасул тIадкъаялда рекъон, ХIажимурадил бетIер «эркен гьабуна» гьан-цIаялдаса ва гвангвара битIана Санкт-Петербургалде, ГIелмабазул академиялъул анатомияб музеялде. Гьеб бихьизабуна император НикIалай ТIоцевесесдаги оборонаялъул министр Александр Чернышевасдаги.
1853 соналда империялъул тахшагьаралда ХIажимурадил гвангвара кьуна медикиябгун хирургияб академиялде, машгьурав тохтур ва гвангварабазул коллекционер Николай Пироговасухъе (1840-абилел соназда гьев щун вукIана Дагъистаналде). Гьесул букIун батила гIелмияб интерес: гьес жинцаго къотIун букIана 1846 соналда СалтIа ккараб ра­гъулъ шагьидлъарав бахIарчияв наиб Идрисил жаназаялдаса бетIерги.
ГIага-шагарго нусго соналдаса, советияб заманалда (1958 соналда) ХIажимурадил гвангвара кьуна рагъулабгун медицинаялъул академиялде ва 1959 соналда – Петр ТIоцевесесул цIаралда бугеб Ленинградалъул антропологиялъулгун этнографиялъул музеялде (цебеккун – императорасул Кунсткамера; гьенив директорлъун гьанже вуго Юрий Кириллович Чистов). Жакъа къоялъги гвангвара буго гьеб музеялъул гъоркьарокъоб. БичIчIулареб статусалда, кинабали лъалареб мурадалда, тIад 119 номерги хъван ва экспонат №6521 абун хъвай-хъвагIайги гьабун. Кунсткамераялда анцIаза-азар гвангвара букIанин бицуна. Гьезда гьоркьоса анцI-анцI гвангвара ккола Северияб Кавказалдаса – Кавказалъул рагъул соназда гьенибе бачIараб. Лъаларо, Кунсткамераялъул начальник Чистовасе жеги лъугIичIогоцин гуродай хутIун бугеб доб рагъ, щаялиго гьел гIедегIулелго гьечIо гвангвараби ватIаналде тIадруссинаризе.

Россиялъул бюрократиялъул гъуцIдуз къахIан ккун буго

ХIажимурадил гвангвара тIад­бу­сси­набизе тIоцебе хIалбихьана 1960-абилел соназда Азербайжан ССРалъ. Рехсарал соназда ХIа­жимурадил хоб памятниклъунги лъазабуна гьез. Амма гьезда данд­чIвана бюрократиял масъалабазул гIо­могоро. Гьезги гьеб иш жибго та­на.
1990 соназул кIиабилеб бащалъи­ялда Пачалихъияб Думаялъул депутат Надир Хачилаевасги миллияб политикаялъул министр Рамазан ГIабдулатIиповасги, щивас батIаго, ай цоцада дандбачIого, байбихьана гьебго масъала тIубазе. Амма гьезул хIаракатги хIорго хутIана: гьезухъа бажаричIо «тIад кIалъазе бакI течIел» Кунсткамераялъул бюрократазул хIужабазде данде далилал рачун.
1990-абилел соназда рехсараб музеялъул бетIерлъуда вукIарав Чунер Таксамица бицана, жидехъе хитIаб гьабунила Пачалихъияб Думаялъул депутат Н. Хачилаевас. Амма жидеца гьесие инкар гьабунила, «ХIажимурадил гван­гвара казенияб мулк кколин ва къватIибе кьезе бегьуларин» абун (гьаб сайталда балагьизе бегьула гьелъул хIакъалъулъ В. Тарасовасул видео-репортажалъухъ: https://sandinist.livejournal.com/151080.html?fbclid=IwARImLsdbkzPHNXTfubjRhP3pxI-MTnT3jSROsUoOh6SP_Y6uEVGDER0_w4k). Гьенибго РАНалъул археологиялъулгун этнографиялъул институталъул отделалъул нухмалъулев Илья Гохманица бицунеб буго: «Россиялъулазул кинаб­гIаги бухьен гьечIо (ХIажимурадил бетIер къотIиялде), гьеб буго кавказа­лъулазул иш. Ва гьедин гьабулеб буго жакъа къоялде щвезегIанги», — ян (?!). Гьев кIиявго «гIалимчи»-бюрократасул пикрабазда ре­къон, ХIажимурадил жаназаялдаса бетIер батIагьабурал ва империялъе ритIухъал лагъзал (ХIажи-агъаги гьесул вас АхIмад-ханги) – россиялъулал кколаро ва Кавказалъул рагъги жеги лъугIун гьечIо гьезие.
ХIакъикъаталда, дида лъалеб бакIалдаса, гьелго соназда Калмыкиялъул президентлъун вукIарав Кирсан Илюмжиновас бичун босана музеялда букIараб жиндирго ракьцоясул гвангвара. «Казенияб мулк» букIиналъги гьабичIо гьезие квал­квал, гвангварабиги ричун, бечелъизе. Гьелъухъ щвезе бегьулеб гIарцуда хьул лъеялъцин гуродай жеги нахъе кьоларого бугеб ХIажимурадил гвангвараги?
1990-абилел соназул ахиралда гьеб ишалда гьоркьобе лъугьана Хунзахъ районалъул жамгIият, тIоцебесеб иргаялда, ХIажимурадил ирсилав МухIамадгIарип ХIажимурадовги, наибасул гIагарлъиги: профессор МухIамад Аммаевги, предприниматель ва меценат Расул Хъазанбиевги ва цогидалги. Гьез борхана гьеб масъала республикаялъул власталъул даражаялда ва 2000-абилел соназул байбихьуда ккана гьелъул тIоцебесеб хIасилги.
Гьеб заманалда ишалда гьоркьобе лъугьана ДРялъул Пачалихъияб совет (гьелъул председательлъун вукIарав МухIамадгIали МухIамадов ва Пачалихъияб Думаялъул депутат ХIажимурад ГIумаровги). ГIуцIун букIана Пачалихъияб советалъул председателасда цебе хасаб комиссияги. 2000 соналъул 27 январалда М. МухIамадовас Владимир Путиниде гьабураб №20-12 хитIабалда хъван буго: «Гьабун буго Бакуя­лъулгун къотIи, ХIажимурадил жаназа ва­тIаналде босиялъул хIакъалъулъ». Гьес улкаялъул президентасда гьару­леб букIана, хасаб указалда­лъун, ХIа­жимурадил гвангвараялъул ста­­тус хисизабеян, ай культурияб ирса­лъул объект – музеялъул къиматаб экспонат кколин абураб хъвай-хъвагIаялъул бакIалда «инсанасул жаназаялъул хутIел» абун чIезабеян. Гьес мугъчIвалеб букIана РФя­лъул батIи-батIиял министерствабазулгунги РАНалъулгунги гьарурал къотIабаздеги.
Амма… Музеялъул директорлъун ккарав Юрий Чистов ватана жеги кьварарав бюрократги бахьикъос­ги. Гьес гьеб ишалда гьоркьове цIана цевеккун РФялъул культурая­лъул министрлъун вукIарав Михаил Швыдкой. «Известия» газеталъе интервью кьолаго (2004 соналъул 5 июнь), гьес абулеб буго: «РФялъул Куль­ту­рая­лъул министерствоялъул (Швыдкоясул) хIукмуялда рекъон, ХIажимурадил гвангвара нижеца бахъана антропологияб коллекциялъул сияхIалдаса. Гьанже букIине ккола юридикияб хIукму ва Культураялъул министерствоялдаса, РАНалъулгун дандбан хIадурараб ва гвангвара лъихъе кьезе бугебали бихьизабураб кагъат. Гьединаб кагъат нижехъ гьечIо». Гьеб жавабалда нахъегIанлъиян гурони батIияб цIар абизе бачIунаро.
ХIасил-калам, М. МухIамадовасги ХI. ГIумаровасги гьеб иш рехун тана, Кунсткамераялъул администрациялъухъеги РФялъул Культураялъул министерствоялдеги хъварал кагътазул хIасил кколареблъиги бихьун.
2012 соналда ХIажимурадил гван­гвара жаназаялда аскIоб букъи­ялъул мурадалда, азербайжаназул кумекалдалъун хIалбихьана Р. Ивановас. Амма Ю. Чистовас гьесиеги кьуна долго жавабал, рицана Азербайжаналда букъараб жаназаги музеялда бугеб гвангвараги цого чиясул бу­геблъи чIезабизе, экспертазул ко­миссия гIуцIизе кколин абурал «маргьаби». Гьесда цеве­ккун директорлъун вукIарас мухбир В. Тарасовасда рихьизарун рукIана гвангвара ХIажимурадил кколеблъи тасдикъ гьабулел гIемерал кагъталги ва Щекаялда хоб ХIажимурадил букIиналде Азербайжаналъулги кинабгIаги щаклъи гьечIониги (гьеб чIезабуна 1959 соналдаго). Къокъго абуни, гьечIел хIужаби бигьаго ратун руго гьесда. Батила гье­лъие гIилла – бечелъизе хьул лъейги. Гьесда лъалелъулха, кигIан къиматаб гвангвара гьеб бугебали. Гьедин иш рагIалде бахъинабун бажаричIого, гIумруялдаса ватIалъана Ивановги.
Жигарчилъи сасараб заманалда гьеб иш кодобе босана «Лев Толстой ва Кавказ (Дагъистан)» абураб проекталъул гIуцIиялъул комитеталъ. Гьелда гъорлъе уна ХIажимурадил ирсилав МухIамадгIарип ХIажиму­ра­довги. ХIукму ккана, ирсила­сул цIаралдасан гванвара тIад­бусси­набиялъул иш тIадкъазе Л. Толстоясул ирсилав Владимир Ильич Толстоясда. Гьев вуго РФялъул президентасул культурияб рахъалъ гIакълучи. 2010 соналдаса нахъе гIу­цIиялъул комитеталъ гьудуллъиялъулаб бухьен гьабуна «Ясная Поляна» абураб Л. Толстоясул пачалихъияб музеялъулгун (дол соназда гьелъие нухмалъи гьабулеб букIана В. Толстояс). Гьезулгун цадахъал проекталги гIумруялде ра­хъинаруна: Ясная Полянаялда бугеб Пироговасул имениялдаги, Москваялдаги, СКФОялдаги (тIобитIана «Л. Н. Толстой ва Кавказ» абураб темаялда сочинениялъул къец), МахIачхъалаялдаги, Хунзахъ районалдаги.
Петр Олегович Толстоясдаги (маш­гьурав тележурналист) В. И. Толстоясдаги бичIчIана, гIуцIиялъул комитеталъул гIахьалчагIазул кьу­чIаб бербалагьи букIин ва гьезги жигараб гIахьаллъи гьабуна гьелъул проектаздаги ишаздаги.
Гьанжеги байбихьана лъугIел гьечIел кагътазул заман: Л. Толстоясул ирсилазулгун гIуцIиялъул комитеталъул, Санкт-Петербургалъул музеялъулгун, РАНалъул нухмалъигун. Гьанже аслияб квекIенлъун лъугьана ХIажимурадил гвангварая­лъул статус. Ахирги В. Толстоясухъа, Владимир Путинил квербакъиялда­лъун, бажарана гьеб масъала тIубан (2018 соналъул 19 июлалда бахъараб №1279 хIукму). Амма, 2019 соналъул 21 январалда В. Толстояс «РитIухъаб Россия» партиялъул цевехъан Сергей Мироновасухъе хъвараб кагътида рекъон, РФялъул администрациялъ абулеб букIана, «ДРялъул нухмалъиялъулгун дандбараб пик­руялдалъун, ХIажимурадил жаназаялъул хутIел кьезе буго цо дагьалъ хадуб, республикаялъул политикияб ахIвал-хIалги хIисабалде босун» (?!)
Гьебго бицана гьес гIуцIиялъул комитеталъул координатор Жамал ГIумаровасдаги. Рехсараб комитеталъ хIукму гьабуна гьеб ишалда сверухъ ахIи бахъинабичIого тезе. Щайгурелъул бичIчIизе кколаан, Дагъистаналъул кинаб политикияб ахIвал-хIал сабаблъун иш нахътIамун тарабали. Нилъер гьаниб рагъищ яги кьалищ бугеб? Амма ХIажимурад ГIумаровас, аскIов эхетарав С. Мироновгун цадахъ суратги бахъун, хехгьабун гьеб хабар тIибитIизабуна январалъул ахиралда, «гьалеха дун, гьеб халатбахъараб къисаялъе ахир лъурав багьадур» абулеб гIадин. ГIолохъанлъиялъул гIанчIлъиян абула гьединаб жоялда.
Нижее баянлъана, Дагъистаналъул нухмалъиялъухъе мухIканлъичIел баянал щвараблъи ва гьелда бан гьез гьеб ишги нахъе тIамураблъи. Гьедин букIуна щакаб бакIалда бицараб жоялда божараб мехалда. «ХъахIаб рукъалда» бичIчIана жидер ккараб «гъалатI» ва кватIичIого, ХIажимурадил гвангвараги тIад­бусси­не буго жаназаялъухъе. Бокьилаан гьелда цIакъ божизе.

БукIинеселде дарсал

Москваялдаги Санкт-Петер­бур­гал­даги бичIчIулеб бугодай, кигIан рекъечIеблъун бихьулеб бугеб тIо­лабго дунялалда Россия, гьеб иш сабаблъун? ТIаде щун буго XXI гIас­ру, гьелин абуни – гIелмияб лъай­ги властьги кодосел – «расанду­лел руго» цереккун тушбабигунищали къайицадахъаллъунищали рукIаразул гван­гварабигун. ГIалхуллъиян гурони, щибха гьелда абилеб?
Дагъистаналъул политикияб хIа­ла­лъулъ лъикIаб гьечIеб хIасил ккезабизеги бегьула Кавказалъул рагъул бахIарчиясул гвангвараялда сверухъ анцI-анцI соназ халатбахъа­раб вала-рахасалъ. Дагъистана­лъул гIемерисез бихьичIеб ххвел гьабуна ХIажимурадил жаназаялъул хутIел бикъиялда бан. Гьеб кинабго гьабуна балъго ва Азербайжаналда ругел нилъерго ракьцоязул пикруялъул тIалабги гьабичIого. «Ахир-къадги ватIаналде тIадбуссана ХIа­жимурадил жаназа» абураб пик­руялъги ккун батила гьедин. Гьеб ракIалдаго букIинчIеб иш ккея­лъеги аслияб гIилла ккола «лъоба тIалъиялда» ругезул политикаялъул хIасил. ГIадамазул закониял тIалабазул сан гьабичIолъиялъ гьалаг гьабуна гIолилазул ццим. Бегьула гьел ричIчIизе, амма гьезда бицине ккола, гьедин бегьуларин абун.
Доба, КIахъ районалда бухъ-бухъун бараб ХIажимурадил хабалъ жеги хутIана гьесул рукьби. ГIедегIалихъе иш тIубалаго, нилъе­р «бахIарзазухъа» бажарун гьечIо рагIа-ракьанде щун, киналъулго халгьабизе. Гьанже буго ХIажимурадил кIиго хоб. Щибха гьабилеб? Дида ракIалде ккола, гьеб иш тIубазе кколин Азербайжаналъул власталъулгун гIакълуги дандбан.
Микьабилеб июналда Хунзахъ букIана кIудияб мажлис. Гьениб хIукму гьабуна Дагъистаналъул вакилзабазул кIудияб къокъа Азербайжаналде битIизе: дора ругел нилъер ракьцоязда тIасалъугьаян гьаризеги, Азербайжаналъул нухмалъигун дандчIвазеги. Гурони, мадугьалзабазда ракIалде ккезе бегьула, киналго дагъистаниял авантюристал ругин абун. Жеги ракIалде ккана нилъер къадруял патриотазулгун ва исламиял гIалимзабазулгун гIакълу дандбазеги. Гьайгьай, кинабго дандбазе ккола Дагъистаналъулги Азербайжаналъулги нухмалъиялъулгун.
КIудияб кIваралъул иш балъго гьабулеб мехалда, тIубаларо «пайдаяб» гьереси хIалтIизабичIогоги. Гьединаб гьересилъун ккана, ХIажимурадил жаназа ватIаналде тIадбуссинабиялда бан, Л. Толстоясул ирсилазулгун къотIи гьабун бугин яги гьезулгун гIаммаб пикру кканин абурал харбал цереккунго тIиритIизари. БукIинчIо кинабгIаги къотIиги гьабун – гьедин лъазабуна хъвадарухъанасул ирсилаз гIуцIиялъул комитеталъул координаторазда. Гьез тIадеги жубана: гьединаб авантюра ракIалде ккарал гIадамазулгун кинабгIаги бухьенги жидее хIажат гьечIилан абун.
Бегьуларо гьединал гIадамазул ракIхварал ишал гьаризе. ГIиси-бикъинал жал сабаблъун, квалквал кколеб буго Дагъистаналъе кIудияб кIвар бугел масъалаби тIураялъе букIараб кумекалъе – гьеб бичIчIизе ккелаанха. Гьедин гIуцIун букIана иш нижеца, Ясная Полянаялдаги, Хунзахъ районалдаги, МахIачхъалаялдаги памятникал рагьулеб заманалда. Гьениб аслияб хIаракат гьабуна Жамал ГIумаровасги МухIамадрасул МухIамадрасуловасги. Буго цо чанго проект, гIуцIиялъул комитеталъги Толстоязги цадахъ хIадурараб. Аллагьас хъван батани, рес щвела ХIажимурадил гвангвара тIадбуссинабизе гуребги, гьел проектал гIумруялде рахъинаризеги. Аслияб жо буго реццалъе гIоло терхечIого, бигьагьабун пайдаяб иш гьаби.
Денга Халидов,
Россиялъул Кавказалъул халкъазул конгрессалъул председателасул заместитель
«Лев Толстой ва Кавказ (Дагъис­тан)» абураб проекталъул гIуцIиялъул комитеталъул член, хъвана рехсараб комитеталъул гьариялда рекъон