Миллияб бечелъи

Дагъистаналъул мацIазул квацIи

 

26 апрелалда МахIачхъала шагьаралъул №58 школалда тIобитIана «Анищазул ва кочIол куркьбазда» абураб Дагъистаналъул халкъазул фестиваль

Миллиял гIадатазул тIогьазухъе

Дун йикIана бищунго цееккун ятилин, амма ичIго тIубалалдего, гьение щварай дун пана гьаюна, кьабун гIадамаз цIураб школалъул азбар бихьидал. АхIулел кучIдулги, сверухълъиялдего гIажаибго берцинаб тIагIам кьурал миллиял нигIматазул махIалги, миллияб ратIлилъ свери бахъулел гIолилалги — гьеб киналъго хIикматаб асар гьабулеб букIана рекIее.
Байрамалда гIахьаллъизе ра­чIун рукIана шагьаралъул школазул учительзаби, тахшагьаралъул лъайкьеялъул управлениялъул ГI.Тахо-Годил цIарал бугеб педа­гогикаялъул институталъул хIал­тIухъаби, журналистал, шагIир­заби, цIалдохъаби ва гьезул улбул ва цогидалги миллияб маданияталъулги мацIазулги ургъел бугел дагъистаниял.
Дагъистаналъул халкъазул ба­хIар­­­чи­лъиги багьадурлъиги цIу­нун ба­жарулел ирсилал ругин жа­лин би­цунеб букIана жидерго церерахъинал­да АсхIабгIали ХIасано­вас куцалел ругел палугьабазул къо­къаялъ. Кварида гьез рихьизарурал миллиял кьурдабаз асар гьабичIев чи хутIичIо байрамалда.
Шагьаралъул батIи-батIиял шко­ла­зул цIалдохъабаз рикIкIу­нел кучIдузги миллиял бакъназда ахIулел сариназги гIажаибаб сири базабулеб асар букIана гIенеккаразе.
Нилъер гIумруялъул аслулъун ккола хъизан. ТалихIаб хъизама­лъул талихIаб гъасда бакараб цIадул кунчIи гвангъараб бугони, гвангъула нилъер гIумруги. Щибаб миллаталъул букIуна хъизан гIуцIиялъул жиндиего хасиятал гIадаталги. №58 школалъул учительзабазул ва цIалдохъабазул коллективаз бихьизабуна бертадул гIадат.
Фестивалалъул гIахьалчагIазул гьурмазда разилъиялъул ва аваданлъиялъул нур рещтIинабуна чолгьакида байрамалде рачIарал бахIараз. Щибаб миллаталъ ахIана бахIаразе талихI гьарарал кучIдулги, рихьизаруна, бертин гьабулелъул, тIоритIулел талихIалъул цо-цо лахIзаталги, кинаб бертинха букIинеб кьурди-хъат гьечIони. Зурмаги къвакъвадана, къалиги ахIдана. Киназго абулеб букIана цере росабалъ гьарулел рукIарал бертаби ракIалдещванилан. МагIарулал «берталъе», куйги бачун, рачIун рукIана.

Миллияб кванил тIагIамги…

Школалъул жанахIалъуб рагьун рукIана щибаб миллаталъул кванил майданал. Киналъулго хIалбихьана. Гьале магIарул кванил майданги нигIматазул лазатаб тIагIамги. Гьеб киналдаго берчIвайдал, жиндирго рекIее гьабураб асаралъул бицана Фестивалалъул гьобол, «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор ГIали Камаловас.
— «Лъинча» (рододе тIех щван, умумузул гьабулеб букIараб гьекъолеб жо) бихьидал, дида цебечIана мунагьал чураяй эбелалъул сипат. Гьелъ гIемер гьабулаан гьеб тIагIам. РакIалдещвана лъимерлъиги, эбелгун цадахъ хуриве-хариниве унев вукIараб гIанчIаб заманги, гIагараб росуги, росдал гIадамалги.
Гьединго гьалбадерица хIал­би­хьа­на тIохолги тIидулги «къа­­къу­цIазулги», куракул ва тIидул кар­щазулги, магIа­рул мохмохалъулги, мугьа­лъул­ги, цIурачадазулги, цIураба­кьалъулги. МагIарухъе щвараб гIадин кколеб букIана, гьенибго гIуцIараб умумуз хIалтIизарулел рукIарал тIагIалаби рихьидалги.

Къо-мех лъикI, фестиваль

Байрамалде рачIаразе баркала загьир гьабуна школалъул директор Шаганэ Бекмурзаевалъ.
Гьединал тадбиразул гIун бачIунеб гIелалъулъ миллаталдеги, гIадатаздеги, мацIалдеги рокьи куцаялъе бугеб кIваралъул хIакъалъулъ бицана ГIали Камаловас ва цогидалги кIалъазе рахъараз.
ЛъугIана фестиваль. Гьелъулгун къо-мехлъикI гьабулелъул, гIаламалдаго, хасго миллиял мацIазда ва гIадатазда туманкI речIчIулезда, рагIулеб хIалалъ ахIизе бокьун буго:
— Лъида кIвезе бугеб гьадинаб берцинлъи нилъехъа бахъизе, — йилан.
Байрамалда нур базабурал, майилан щивав магIаруласухъе миллиял гIадатазул берцинлъи кьурал школалъул учитель­заби Муслимат Жамалуди­нова, Ани­сат ХIажиева, Са­ли­хIат МухIамадова, Жавгьа­рат ПатахIова, Загьидат ГIаб­­дул­ва­хIи­дова гIадазухъ ми­лла­та­лъул букIинеселъул кIул кодоб бугони, Дагъистаналъул миллаталъул мацIазул квацIи бечIазе гьечIо.
Шамай Хъазанбиева