Данделъи

ЛъикIал хIасилалги гIемерал масъалабиги

СагIудиязул ГIарабиялдецин бегьула хер бичизе

Халатбахъараб ракъдаллъиялъ ва цIакъго кIудияб гIатIилъиялда тIибитIараб гарцIалъ гIемерал квекIенал гьаруниги, гъоркьиса нилъер росдал магIишаталъ рихьизаруна лъикIал хIасилал. Гьелъие нугIлъи гьабула гьадинал баяназги: могьолал культурабазул (ролъ, пурчIина, пиринчI, цIоросаролъ) бакIарана 359,5 азарго тонна (пачалихъияб программаялъ бихьизабуралдаса щуазаргоялъ цIикIкIун), 173,3 азарго тонна цIолбол (2017 соналде дандеккун 103,4 процент), гIезабуна 256,8 азарго тонна гьанал (чIагояб цIайи, 102,9 процент), 892,6 азарго тонна рахьдал (101,9 процент), щвана 15,1 азарго тонна квасул (цебесеб соналъулго къадар). 59,4 гектаралда рана теплицаби, 1450 гектаралда чIана ахал ва 1081,9 гектаралда цIибил. ХIалтIизе риччана пиринчI (лъабго), рахь (кIиго) ва гIанкIудал гьан (цо) къачIалел цIиял цехал. Цебесеб соналдаса гIезегIан цIикIкIун буго босараб техникаялъул къадарги. Гьелда цадахъго камун гьечIо тIурачIел тIадеросиялги церечIарал масъалабиги. Масала, дагьго ракIарана овощал — 1438,5 азарго тонна (2017 соналде дандеккун 99,8 процент), картошка – 356,3 азарго тонна (84,6 процент). Мукъсанаб буго тайпадулаб боцIул къадар — гIаммалдаса 3,2 процент, кIудияб буго магIишатияб ракьул хIалтIизабулареб бутIа – 129,5 азарго гектар. Пачалихъияб программаялда рекъон, 2019 соналда нилъеца гIезабизе ккола 363,3 азарго тонна могьолазул, 176 азарго тонна цIолбол, 1534 азарго тонна овощазул, 190 азарго тонна пихъил, 240 азарго тонна гьанал (чIагояб цIайи), 913,1 азарго тонна рахьдал. Ахал чIезе ккола 1298 гектаралда, цIибил — 900 гектаралда.
Росдал магIишат цебетIеялъе бюджеталъ биччазе буго 3 млрд 529 млн гъуруш (гъоркьиса биччан букIана 3 млрд 322 млн гъуруш).
31 январалда, миллияб библиотекаялда тIобитIараб коллегиялда гьеб киналъулго хIакъалъулъ бицана ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместитель, росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министр ГIаб­дулмуслим ГIабдулмусли­мовас. Коллегиялда гIахьаллъана хIукуматалъул председатель Артем Здунов, пачалихъалъул ва хIукуматалъул гIемерал идарабазул нухмалъулел, районазул бутIрул, росдал магIишаталъул управлениязул ва магIишатазул нухмалъулел. ТIоцебе рагIи бо­сарав Здуновас киналго гIахьалчагIазда баркана лъикIал хIасилалгун 2018 сон лъугIи ва абуна лъикIаб букIинаанин жакъасеб данделъиялда цохIо гьел хIасилазул, росарал бергьенлъабазул хIакъалъулъ бицун течIого, рорчIарал гъалатIазулги, гIоларел рахъазулги, ругел масъалабазулги суал борхани. Аслияб кIалъай гьабурав ГIабдулмуслимовас рорхана гIемерал кIвар бугел суалал ва гьезда гьоркьор рукIана, цо-цо специалистаз рехсолеб букIаниги, официалиял идарабаз кинго мухIкан гьаруларого рукIаралги. Масала, гьабсагIаталда республикаялда буго 4,35 млн бетIер гIи-цIцIаназул (цебе абулаан 5,3 млн. бугин) ва цо миллионалде бахинчIеб къадаралда чIегIерхIайван (гьелъулги къадар бихьизабулаан миллионалдаса тIаде араблъун). Бицана, бербалагьи тохлъани, жиндир заманалда гьелде данде рагъ гьабичIони, гьитIинаб гарцIалъ гьабулеб кIудияб заралалъул хIакъалъулъ. Гьеб балагьалдаса цIуниялъул мурадалда хIалтIи гьабиялъе исана бюджеталда бихьизабун буго 30 млн гъуруш, ургъулел руго гьеб хIалтIулъ, цохIо химия гуреб, цоги къагIидаби рилълъанхъизариялда тIадги. Жавабиял хIалтIухъабазда гьес лъазабуна, электронияб къагIидаялда ветеринарияб сертификат щвезелъун, гIи-боцIухъанлъиялъул нигIматал хIадурулел киналго юридикиялгун магIишатиял гIуцIаби «Меркурий» системаялде гъорлъе лъугьиналъе хехлъи гьабизе ккун бугиланги.
ТIадбан унеб хIалтIул хIалуцараб ахIвал-хIалалда гьоркьов вугев министрасе цо чанго суал кьезе рес щвана диеги.
— Кин араб, дур пикруялда, жакъасеб данделъи?
— Нужедаго бихьанаха кинабго. Бицана лъикIал хIасилазул хIакъалъулъги, рехсана ругел масъалабиги, дандрана церечIарал суалалги. Щивасул букIана рес, жиндирго пикраби загьир гьарун, цеве вахъине. Тадбир ана лъикIаб даражаялда, пайдаяб куцалда.
— Кинаб букIинин кколеб дуда гьаб сон росдал магIишаталъе?
— Хьул буго гьаб сонги букIинин роцIараб, гвангъараб, пайдаяб ва бечедаб.
— Дуца абуна нилъер рес бугин люцернаялъул хер СагIудиязул ГIарабиялъе бичизеги. БитIун бугищ гьеб?
— Балъголъи гуро гIарабазул улкабазде Европаялдаса хер баччулеблъи. Гъозул руго нилъее хIажатал «нартил долларал», нилъер руго гъозие хIажатаб люцернаги, гIиял гьанги (2018 соналда гьелъул ункъазарго тонна ана къватIисел пачалихъазде бичун, исана ине ккола анлъазаргогIанасеб), пиринчIги. Гьеб суал тIубаялъул мурадалда гьабулеб хIалтIиги буго.
ГIабаш ГIабашилов