Экстремизмалде данде

Каспийскалда тIобитIана «Россия – исламияб дунял» абураб стратегияб къокъаялъул дандеруссин

 

Дандеруссиналъул аслияб мурад ккола Россияги исламияб дунялалъул улкабиги цадахъ лъугьун терроризмалъул хIинкъиялде данде къеркьей. Данделъиялда хасаб кIварбуссинабуна, гьеб ишалъулъ гIолилал гIахьал гьариялъул мурадалда, гьезие лъайгун бичIчIи кьезе кколеблъиялде. Бицана гIолилазул рахъалъ тIобитIулеб политикаялдаги лъайкьеялдаги пайда цIикIкIинабиялъул мурадалда цадахъал тадбирал гIуцIизе ккеялъул хIакъалъулъги.
Дандеруссиналда гIахьаллъана РФялъул къватIисел ишазул министрасул заместитель, ГIагараб Бакъбаккулги Африкаялъулги улкабазда вугев РФялъул президентасул хасав вакил Михаил Богдановги, «Россия – исламияб дунял» абураб стратегияб къокъаялъулги, гьединго исламияб бухьеналъул гIуцIиялъулги, цебетIеялъул исламияб банкалъулги, лъайкьеялъулги, гIелмуялъулги, маданияталъулги суалазул рахъалъ исламияб гIуцIиялъулги, гIараб пачалихъазул лигаялъулги членал.

ГIолохъанав бусурманав
цевехъанасул школа

Дандеруссин рагьана ва нухда бачана РФялъул МИДалъул МГИМО (У)ялъул цивилизациязул партнерлъиялъул централъул директор, посол, стратегияб къокъаялъул координатор Вениамин Поповас. «Нилъеца гIумру гьабулеб буго халкъазда гьоркьосел бухьенал хIалуцараб заманалда. Гьединлъидал цIакъ кIудияб кIварги буго Россиялъулги бусурбабазул пачалихъазулги бухьенал камиллъиялъул. РФялда гIумру гьабулеб буго 20 млн бусурманчияс. ХутIараб дунялалда гьезул къадар бахуна цогун микьго миллиардалде. Нилъер бухьенал щулалъиялда бараб букIине буго дунялалдаго парахалъи чIезаби. Россиялъулги, Турциялъулги ва Ираналъулги цоцазулгун дандран гIуцIарал тадбиразул хIасилалда рес щвана Сириялда анкьго соналъ халатбахъараб рагъуе ахир лъезе. Москваялъулги Эр-Риядалъулги къотIиялда рекъон, рес щвана чIегIернартил багьа рукIалиде ккезабизеги, Россиялдаса Турциялдеги Египеталдеги самолетал роржинари цIигьабиялъеги, гьел пачалихъазул экономикаялъе пайда бахиналъеги. Россиялдаса къватIисел улкабазе бичула пурчIинадул 30 млн тонна, гьелъул 80 процент уна исламиял пачалихъазде: Нигериялдаса байбихьун Индонезиялде щвезегIан. Дармил букIа, улка цIуниялъул букIа, яги атомалъулаб промышленносталда букIа – ниж хIадур руго исламиял пачалихъазулгун бухьенал жеги щула гьаризе. Гьеб рахъалъ пайдаяб иш гьабулеб буго Рустам Миннихановасул нухмалъиялда гъоркь хIалтIулеб бугеб «Россия – исламияб дунял» абураб стратегияб къокъаялъги: гьелъ квербакъулеб буго магIишатиялги, рухIиялги, маданиялги, гуманитариялги ва цогидалги рахъазда бухьенал щулалъиялъе», — ян бицана Вениамин Поповас.
Рехсараб къокъаялъ тIоритIарал данделъабазулги, басмаялде рахъарал тIахьазулги ва бахъараб фильмалъулги хIакъалъулъ бицун, Поповас загьир гьаруна гьадинал пикрабиги: «Халкъазда гьоркьосеб терроризмалъул хIинкъи жеги лъугIун гьечIо. Гьединлъидал Россиялъул президент Владимир Путиница бакътIерхьул улкабазул партнеразде хитIаб гьабун букIана, цадахъал тадбирал гIуцIизе рачIаян абун. Амма гьеб ахIуе жаваб щвечIо. Гьединлъидал, ракIалде ккана бусурманал гIолилазда гьоркьоб лъайкьеялъул ва бичIчIикьеялъул хIалтIи камиллъизабизе. Гьелъул мурадалда бокьун буго «ГIолохъанав цевехъанасул школа» абураб проект хIадуризе. Гьелъул кьучIалда нилъе­хъа бажарилаан экстремизмалде дандечIей гьабизе гуребги, гьединаб хIаракатчилъи бижунгутIиялъего квербакъулел гIолохъанал нухмалъу­лел хIадурунги», — ян.

РФялъул президентасул хитIаб

Татарстаналъул бетIерас баркала кьуна Дагъистаналъе лъикIаб гьоболлъиялъухъги лъикI гIуцIараб дандеруссиналъул хIалтIул программаялъухъги. Гьес цIалана РФялъул президент Владимир Путиница дандеруссиналъул гIахьалчагIазде гьабураб хитIабги.
«Хириял гьудулзаби! РакI-ракIа­лъулаб салам буго нужеде, «Россия – исламияб дунял» абураб стратегияб къокъаялъул иргадулаб дандеруссин рагьиялда бан. РФялъ кIудияб кIваркьолеб буго исламиял пачалихъазулгун бухьенал гIатIид гьариялде.
Глобалиябги регионалиябги политикаялъул рахъалъ нилъер гIемерисел пикраби рекъонкколел руго. Нилъ цадахъ рахъунел руго ритIухъаб ва демократияб дунял гIуцIизе, гьеб дунялалда ихтияралги эркенлъиги цIунизе, къуваталъулаб яги экономикиябгун информациялъулаб тIадецуялдеги цояз цогидал хIакъир гьариялдеги данде.
Россиялдаги исламияб дунялалдаги гьоркьор гIуцIун руго дармилгун экономикиялги, гIелмиялгун техникиялги ва гуманитариялги гьоркьорлъаби, бакIалъулал тунка-гIусиялги гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалалги тIагIинариялъул рахъалъги цадахъаб хIалтIи.
Стратегияб къокъаялъул жакъасеб дандчIваялъул буго цIакъ кIудияб кIваралъул масъала – терроризма­лъулги экстремизмалъулги идеологиялде дандечIей, гьелдаго гъорлъе уна гIолилазулгун гьабулеб хIалтIи, лъайкьеялъул рахъалъ цадахъаб хIалтIи. Гьеб ишалъулъ нужее дица гьарула тавпикъ», — ан хъван буго президентасул хитIабалда.
Хадуб Рустам Миннихановас бицана стратегияб къокъаялъул нухмалъиялда гъоркь исана гьарун рукIарал тадбиразул хIакъалъулъги. Гьесул баяназда рекъон, 2018 соналда тIобитIун буго 25 тадбир: 13 – Татарстаналда, лъабго – Москваялда, микьго – къватIисел улкабазда, цо – Крымалда.
Бицана Миннихановас гIолила­зулгун гьабулеб хIалтIул хIакъа­лъулъги. «Террористазул къокъабаз жигар бахъулеб буго, динги гьоркьоб ккун, нилъер гIолилал жидерго кьеразулъе рачине. Гьединлъидал аслияб кIвар буссинабизе ккола динияб лъайкьеялде. Исламияб лъай щвезе гъира бугел гIолилал Татарстаналда цIализарула ункъо батIияб идараялда: мажгитазда цере гIуцIарал курсазда, Россиялъул исламияб университеталда, Болгариялъул исламияб академиял ва мадрасаялда. ТIоритIула батIи-батIиял форумалги. ХIадурун буго гIолилазул жигарчилъи хIалтIизабизе рес кьолеб чанго проектги», — ян бицана субъекталъул нухмалъулес.
ГIолилазул рукIа-рахъиналдеги кIвар­буссинабизе кколинги абун, Рустам Миннихановас рахъккуна Вениамин Поповасул пикруялъул: гIолохъанал церехъабазул академия рагьи лъикIаб иш букIинин ва, гьеб пикру гIумруялде бахъинабиялъул мурадалда, исламиял бухьеназул гIуцIиялъул кумекги хIалтIизабизе ккелин абуна гьес.

Лъабго батIияб дин Дагъистаналда

Дагъистаналъул бетIерасеги рекIее гIуна гIолохъанал исламиял церехъабазул академия рагьиялъул хIакъалъулъ пикру. Гьес ракIалдещвезабуна дагьаб цебе республикаялда тIобитIараб «Дир Дагъистан» абураб кадрабазул къец. «Гьелда гIахьаллъана 11,5 азарго гIолилав. Къецалъул хIасилалда финалалде рорчIарал гIолилазул 90 процент ратана Дагъистаналдаго гIумру гьабулел», — ан абуна Владимир Васильевас.
Хадубги гьадин абуна гьес: «Да­гъистан буго гIемермиллатазулаб регион, гьаниса байбихьана гьанжесеб Россиялъул Федерациялъул ракьалда ислам тIибитIизеги. Гьаниб цебего дин гьабулеб буго бусурбабазги, насраниязги, ягьудиязги. Гьезул вакилзабазул цоцазде дандечIейги букIинчIо киданиги. Ислам лъугьун буго Россиялъул пачалихъалъулги, та­­рихалъулги, маданияталъулги тIо­лареб бутIалъун. Россиялъул бусурбабазул муфтиязулгун Уфаялда тIобитIараб дандчIваялда улкаялъул президент Владимир Путиница абуна: «Ислам лъугьун буго жамгIиябгун политикияб гIумруялъул кIвар бугеб бутIалъун, ва гьелъ квербакъулеб буго нилъер жамгIияталъул рухIиябгун маданияб цебетIеялъе», — ян.
Владимир Васильевас ракIалде­щве­забуна 1999 соналда халкъазда гьоркьосел террористазде данде дагъистаниял рахъинги, улка цIу­низе гьезул букIараб гъираги. «ГьабсагIаталда республикаялда бу­го 2672 динияб гIуцIиги, рузман балеб 1337 мажгитги, 116 авал-мажгитги, как балеб 158 рукъги. Дагъистаналъ жигаралда гьарулел руго исламиял улкабазулгун бухьеналги», — ян абуна гьес.
Кавсарат Сулейманова