Кинофестиваль

Миллат букIуна, мацI бугони

Республикаялда унеб бугеб Северияб Кавказалъул киноялъул ва телевидениялъул фестиваль

Гьелда хурхун Дагъистаналъул Журналистазул рокъоб тIобитIана «Миллиял мацIал цIуниялъулъ республикаялъул милатазул газетазул кIвар» абураб цIаралда гъоркь «гургинаб стол».
Данделъи бачунев Россиялъул халкъазул ассамблеялъул Да­гъис­таналда бугеб гIуцIиялъул председатель, «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакторасул заместитель З. Илясовас, гьеб рагьулаго, кIварбуссинабуна миллиял мацIал лъазариялда сверухъ нилъер республикаялда, Ро­ссиялдаго гIадин, ругел захIмалъабазде. «Гьелда бан рахьдал мацIал цIунизе ккани, тIоцебесеб иргаялда, гьеб мацIалда хъизамалда кIалъазе ккола лъималазда, хадуб ясли-ахаздаги гьединал миллиял къокъаби гьаруни, нилъеда кIвезе буго мацIал цIунизе», — ян. Гьес баркала загьир гьабуна Северияб Кавказалъул киноялъул ва телевидениялъул фестиваль Дагъистаналда тIобитIизе квербакъи гьабурал гьеб фестивалалъул президент С. Кусовалъе ва гьелъул директор И. Багъатировасе.
Дагъистаналъул мацIал лъазаризе, гьезие гIелмияб къимат кьезе гIемераб хIалтIи жиндир заманалда гьабуна 2012 соналда нилъедаса ватIалъарав, Дагъистаналъул гIелмабазул мустахIикъав хIаракатчи Александр Кибрикица. Гьесул бетIерлъиялда Да­гъис­таналде мацIазул цIех-рех гьабизе рачIарал экспедициязул хIасилалда къватIибе бачIана чанго тIехь.
А. Кибрикица Арчиб росдал мацIалъул хIакъалъулъ хъвана гIелмияб хIалтIи ва гьеб темаялда гIелмабазул докторасул диссертацияги цIунана. «Гургинаб столалда» гIахьаллъи гьабурай гьесул яс Нинаца бицана Дагъистаналъул гIадамаздехун, гьезул адабияталдехун, мацIаздехун инсул букIараб рокьиялъул хIакъалъулъ. Гьелъ сайгъат гьаруна гьесул тIахьалги.
Данделъиялда гIахьаллъи гьабурай фестивалалъул президент С. Кусовалъ тIадчIей гьабуна миллиял мацIал цIуниялъул мурадалда власталда ругез гьабулеб гьечIеб тIалабалда. Гьелъ абуна авторазул гIахьаллъиялдалъун кинофестивалалда рихьизарулел ругел киноязда миллатазул хаслъи, гьезул адабият ва маданият цебетIезабизе мацIазул бугеб кIваралъул бицунеб бугилан.
«Гургинаб столалъул» данделъиялда гIахьаллъи гьабуна ЦIумада районалъул ТIиндиса кьурдухъабазул ва кочIохъабазул ансамблялъул хIаракатчагIаз. МугIрузул районазда жидерго хъвай-хъвагIай гьечIел мацIал ругонигиян абулеб букIана гьез, жидеца лъазабулила магIарул мацI. Гьелъ жидее рес кьолила росу, район бахун къватIирехун ккедал, цоцада ричIчIизе.
Жинда жаниб 1000 рагIи бугеб «Хварши-гIурус» мацIалъул словарь хIадурун бугилан бицана ЦIумада районалъул Инхо­къвари росдал школалъул учитель МухIамадова Загьраца.
ЖамгIияб палатаялъул член Д. Халидовас рази гьечIолъи загьир гьабуна жакъа школазда ругел цIалул программабазда, щайгурелъул гьениб миллиял мацIазе бакI хутIулеб гьечIелъул.
МацIазул рахъалъ Абхазиялда бугеб хIал баян гьабун кIалъана гьеб республикаялъул парламенталъул председателасул вукIарав заместитель, Абхазиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул вукIарав председатель, поэт Геннадий Аламиаца. Гьес бицана Абхазия республикаялъул власталъул гIуцIабаз рахьдал мацI цIунизе гьабулеб бугеб хIалтIиялъул хIакъалъулъ.
Данделъиялъул гIахьалчагIаз баркала загьир гьабуна гьалбадерие ва тIиндисезул художествияб хIаракатчилъиялъул коллективалъеги. ХIукму гьабуна гьезулгун «ХIакъикъат» газеталъул редакциялда дандчIвай гьабизеги.
Зикрула Илясов