Къецалъул хIасил

ХIамзатил Расул гьавуралдаса 95 сон тIубаялъул хIурматалда газеталъул редакциялъ тIобитIараб конкурсалъул хIасилал гьаруна

 

Гьеб къецалда гIахьаллъаразул къадар нусго чиясдасаги тIаде ун букIана. Конкурсалда бергьаралин абуни ахIун рукIана МахIачхъалаялде ва гьезие шапакъаталги кьуна. Гьенибго тIобитIулеб букIана киноялъул ва телевидениялъул «Кунаки» абураб фестивальги. Гьезда бергьенлъиги баркун, гьадин абуна «ХIакъикъаталъул» бетIерав редактор ГIали Камаловас:
— ХIурматиял магIарул миллаталъул васалги ясалги, гIисиналги чIахIиялги. РакI-ракIалъ баркула нужеда бергьенлъи. Нужеца бихьизабуна нужерго пасихIлъиги гIагараб каламалде бугеб рокьиги. Биччанте жакъасеб бергьенлъи нужее букIине кIудиял бергьенлъабазде тIамурал тIоцересел галабилъун», — ан.
Конкурсалъул гIахьалчагIаз цоги нухалда рикIкIана кIудияв шагIирасул кучIдулги.
Шамай Хъазанбиева