Сугъулдерил мороженое

Сугъралъ «Агрофирмаялъ» байбихьун буго гIиял рахьдадасан мороженое гьабизе. Гьелъул презентация букIана «Анжи-Аренаялда» букIараб ТIолгороссиялъул гIи-цIцIаназул выставкаялда. 
 
— Гьениб буго нижецаго гIезабураб гIиял рахьдал гьабураб, гъорлъе щибго химия жубачIеб бацIцIадаб мороженое, — ян бицана «Сугъралъ» Агрофирмаялъул нухмалъулев Чураев ГIабдурахIманица. — Гьелда гъорлъ руго черхалъе пайдаял микроэлементал ва, гIачиязул рахьдада дандеккун, гIиядаса бечIчIараб рахьдада гъорлъ белокалъул къадарги цIикIкIараб буго. 
 
Франциялъул «Лакони» абураб гIиял тайпаги Дагъистаналъул мугIрузулаб тайпаги цолъизабун гIезабураб гIиял тайпаялъул чахъабаздаса бечIчIараб рахьдал гьабулеб буго мороженое.