Хасбикие цIияб хъулухъ щвана

 

  Машгьурав блогер Хасбула МухIамадовас (Хасбик) UFCялъулгун къотIи-къай гьабун буго щуго соналъул болжалалда. Амма Хасбик рингалда цеве вахъине гьечIо. КъотIи-къаялда рекъон, гьесда тIадаб жо буго речIчIухъабазухъ балагьизе рачIарал гIадамазе рекIелгъеялъе щиб-щибниги ургъи, гьел релъизаризе, махсара-хочI ва ихтилат-кеп гьаби.