КиберцIогьаздаса цIодорлъи гьабе

 

  Гьал къоязда «Дагъистан-РИАялда» тIобитIана «кибер мошенниказул» «хIаракаталъул» бицараб пресс-конференция. Гьенир гIахьаллъана «Россиялъул Банкалъул» ДРялда бугеб филиалалъул нухмалъулев Мурад Идрисов ва ДРялъул МВДялъул хIалтIухъан Тимур ХIажиев.

 

  Исана тIатинабун буго гIадамазул банкалъул картабаздаса гIарац бикъиялъул 211 азарго хIужа.

Идрисовас бицухъе, телефоназул макручагIазул пиша хутIулеб буго жакъа къоялъ бищун машгьураблъун. Жалго мурадалде щвезе гьез хIалтIизабулеб буго царалаб макрулъиги илбисалъул мацIги. Бокьараб жо бицун божизарулел руго гьез гIадамал.

Тимур ХIажиевас бицаралда рекъон, исана апрель-июнь моцIазда жаниб, «Россиялъул Банкалъ» ургъун буго гьединал такъсирчагIи чIегIераб сияхIалде рехулеб чанго батIияб къагIида.

  Бищун гIемерал «кибертакъсирчагIи» раккун рачIунел руго Латвия ва Чехия гIадал пачалихъаздаса.