Жалго тIамизе руго

Тротуараздаги низам цIунизе ккола

 

МахIачхъалаялъул администрациялъул капиталиял бакIал раялъул управлениялъул вакил Мурад ГIалиевас халгьабуна тахшагьаралъул къватIазда низам цIуниялъул бугеб х1алалъул. 28 июналда гьев щвана Абубакаровасул къотIнор ран ругел коммерциялъулал бакIазде. Гьезда цере рарал ва лъелго хьвадулезе квалквал гьабулел болъаби риххизаризе кколин лъазабуна гьес.
Дармил бакIазул цо-цо бетIергьабаз, жидее бихьизабуралдаса цIикIкIун ракь-
ги хIалтIизабун, тукабаздаги кафе-рестораназдаги цере ралел руго болъаби, гьезде гIагарлъулел бакIалги сверун къалел руго. Гьелъул квалквал букIуна лъелго хьвадулел шагьаралъулазе. Хасго квалквал букIуна коляскагун нухаздасан унел инвалидазе.
«ХIинкъигьечIел ва лъикIаб даражаялъул нухал – 2018» абураб федералияб программаялда рекъон, улкаялъул шагьаразда къачIазе ккола нухалги тротуаралги. Дармил объектазул бетIергьабазда лъазабун буго чIезабураб заманалда жанир квалквал гьабулел бакIал риххизареян. «Лъабго къоялъул болжалалда дармил объектазул бетIергьаби рачIине ккола нижехъе ва жидер бетIергьанлъиялда бугеб ракьул документалгун. Гьелда бихьизабуралдаса цIикIкIун ракь гьез ккун батани, гьеб нахъе бахъизе буго», — ян бицана Мурад ГIалиевас.
Залина ТIагьирова,
МахIачхъала шагьаралъул
администрациялъул пресс-хъулухъ