ГIолилазул хIаракат

ХицIиб майданалде гьабураб сапар

 

ГIумру-магIишаталде, буголъиялде балагьун кьола цо-цояз гIадамазе къимат, гьелдалъун борцуна чилъиялъул даража. Сверухъ ругел гIадамазул ургъелги кIварги гьабулев, гIага-божарал, росуцоял, миллатцоял рокьулев, гьединго умумузул, росдал, ВатIаналъул тарихги, гIадат-гIамалги, хасиятги, яхI-намусги лъалев ва гьелда рекъон хIалтIулев инсан жакъа къанагIат гурого гьечIо. Гьаб заманалда гьединал чагIи хIажатги руго нилъер халкъалъеги миллаталъеги. Гьединавлъун рикIкIине мустахIикъав вуго Шамил районалъул Гъогъолъ росулъ гIурав Гъуниб районалъул КIуядаса (Чарахъа) ГIабдайил МухIамадил АхIмадил вас МухIамадхIабибги.
Гьал къоязда, ай 20 июналдаса гьесул хIаракатчилъиялъул ва цевехъанлъиялъул хIасилалда «МагIарул чотIахъаби» гIуцIиялъ МахIачхъалаялдаса сапар бухьана сугъулдерил ХицIиб майданалде щвезегIан. Надир-шагь щущахъ виххизавиялъул хIурматалда тIобитIараб гьеб иргадулаб (гъоркьиса чотIахъаби МахIачхъалаялдаса ун рукIана Гъуниб магIарде щвезегIан) тадбиралъул мурад букIана гIун бачIунеб гIелалъулъ миллияб яхI-намусги гIадат-гIамалги куцай, гьеб билизе биччачIого, цIидасан тIадбуссинаби.
22 июналда 50-гIанасев чотIахъан рещтIана ХицIиб майданалда. Умумузул къагIидаялда ретIа-къарал чотIахъаби Сугъралъ росдал жамагIаталъ къабул гьаруна бахIарзал кинигин. Гьеб къоялъ ХицIиб майданалда букIараб дандчIвай байрамалде сверанин абуни, мекъиги ккеларо.
Муслим ГIабдулаев