Минаби рала низамги цIунун

Законалъул тIалабал хвезарун рарал риххизаризе ккезе руго

 

евасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул советалъул данде-лъиялда рорхарал суалазул цояб букIана бакIал раялда хъинтIараб. Масала, гIемертIалаял минаби ралаго законалъул ва бакIал раялъул тIалабал тIуразаризе ккеялъул бицараб.
В. Васильевасул рагIабазда ре-къон, МахIачхъалаялда минаби ралел къагIидаби руго цо рахъалъ
гIадамазе шартIал чIезариялъе гIатIидал ресал кьолел, цогидаб рахъалъ кIудиял масъалаби цере лъолел. Гьедин букIиналъ тIадаб буго, хадубккун законалъул тIалабалги цIунун, ралел бакIазда мухIканаб гIадлу-низам чIезаби. Ралел бакIазул ва ЖКХялъул министр Малик Баглиевасул пикруялда рекъон, республикаялъул архитектураялъулгун шагьар гIуцIиялъул цIигIуцIараб комитеталъе хIажат буго муниципалитетазул архитекторазул цIидасан хъвай-хъвагIай гьаби ва гьезул хIалтIи цIигьаби. Данделъиялъул гIахьалчагIаз дандрана экономикияб ва кванил нигIматазул рахъалъ хIинкъи гьечIолъи цIуниялда хурхарал суалалги.
Умакусум ГIумаханова,
ДГУялъул филфакалъул
3 курсалъул студентка