Босанищ тIаде – тIубазабе

ДРялъул бетIерасул ишал тIуралес лъазабуна нилъ битIараб нухда ругин

 

Владимир Васильевасул нухмалъиялда гъоркь, 20 июналда МахIачхъала шагьаралда тIобитIана республика социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетIеялъул суалал рорхараб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Халкъияб Соб-раниялъул председатель Хизри ШихсагIидовасги, хIукуматалъул председатель Артем Здуновасги, республикаялъул бетIерасул ва хIукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановасги, хIукуматалъул председателасул заместителазги, министразги.
Пачалихъалъул идарабазул хIалтIухъабазе кьезе кколел харжазул рахъалъ ругел налъабазул бицун кIалъана хIукуматалъул нухмалъулесул тIоцевесев заместитель Анатолий Карибов. Гьесул рагIабазда рекъон, жидеда хадур налъаби ругел идарабазда гьоркьоб буго Избербаш шагьаралъул радиозаводги. Гьеб баяналдаса хадуб В. Васильевас лъазабуна заводалда бугеб хIалалъул мухIканаб цIех-рех гьабейин ва гIайибиял тамихIалде цIазе кколин.
Хадуб бицана жагъалал минабахъа гIадамал цIиял бакIазде рахъинариялъул, гьеб масъала тIубазабиялъул мурадалда биччараб гIарац бикъаразе кьварараб гIадлу гьабизе букIиналъул.
«Бикъа-хъамиялда гIахьаллъарал чиновниказе нилъер республикаялда бакI букIине гьечIо», — ян лъазабуна В. Васильевас.
Цинги, данделъиялъул хIасилги гьабун, Васильевас абуна: «Нилъ унел руго битIараб нухдасан. Ни-лъеца тIуралел ва тIуразе руго халкъалъул мурадал. Дир ракIчIараб буго тIадебосанщинаб тIубазабизе нилъеда кIвезе букIиналда», — ян.
Раисат Салимова,
ДГУялъул филфакалъул
3 курсалъул студентка