Банкалдайищ яги банкаялъубищ?

ТIоцебесеб июлалдаса нахъе къуваталде лъугьуна РФялъул налогазул кодексалъул 86-абилеб статьяялда гьарурал хиса-басиял

 

Гьезда рекъон, банказда тIадаблъун гьабун буго гражданазул счетаздаги банкалъулал картабаздаги бугеб гIарцул хIакъалъулъ баян налогазул идарабазда лъазаби. Гьел идарабаз лъазабизе бегьула картаялдеги счеталдеги бачIараб гIарац кин ва сунда тIад харж гьабурабали. Кодексалда гьабураб хиса-басиялда рекъон, тIоцебесеб июлалдаса нахъе физлицоялъе щолеб моцIрол харжалъул гуреб гIарац рикIкIине буго гьесие щолеб хайирлъун ва гьелдаса бахъизе буго налогги. Гьайгьай, налогазул декларацияги цIезабизе ккола. Бихьизабураб болжалалда гьеб гьабичIони, налогазул федералияб хъулухъалъ (ФНС) гIакIа бахъизе буго – налогалъе бихьизабураб гIарцул 20 процентги, заманалда кьечIолъиялъухъ пеняги ва подоходнияб налогги.
Картаялде яги счеталде бачIараб гIарац хайирлъун рикIкIунгутIизе щивас кьезе ккола гьеб доходлъун кколареблъи бичIчIизабулел документал. Масала, пуланав чияс цогидав чиясул банкалъул счеталде щибаб моцIалъ рехулеб буго гIарац. ФНСалъ халгьабизе бегьула, щай ва сундухъ гьеб гIарац кьолебали. ГIемерисеб мехалда гьедин кьола ижараялъе босараб рукъалъухъ мухь яги эркенго хIалтIулев художникасе (фрилансерие) заказалъухъ кьолеб харж.
Подоходнияб налог кьолеб гьечIилан гьабураб хитIабалда рекъон тIоритIулел судалъул данделъаби гIемерлъун руго ахираб заманалда. Судалде ккезе рес буго чIорого кьолел лъазабиязул сайталдасан щиб букIаниги бичарав чиги, гьесухъе гIарац банкалъул счеталде бачIун бугони. Гьеб гIарац доходлъун, ай налогал кьезе тIадаблъун рикIкIинчIого букIинелъун, тасдикъ гьабизе ккола гьеб пуланав чияс къарзалъе босараб гIарац яги гIагарав чиясул сайгъат бугеблъи.
Заира СагIидова,
ДГУялъул филфакалъул
3 курсалъул студентка