Метер магIарул мацI хвезе батани…

Нилъерго къисматалъул кIулал нилъедаго кодор те 

 

Газетазул гьудулзабазулгун дандчIвай

19 июналда Сулейман СтIал районалъул Къасумкент росдал администрациялъул залалда тIобитIана сверухъ ругел районазул нухмалъулел ва газетазул редакторзаби гIахьаллъараб данделъи. Гьенире рачIун рукIана республикаялъул газетазул ва телевидениялъул вакилзабиги. Рахьдал мацIалъул суал жакъа цIакъго бегIерго цебечIун бугелъул, республикаялъул Печаталъул ва информациялъул министерствоялъ ва миллиял газетазул редакторзабаз хIукму гьабуна республикаялъул районазда гIадамазулгун дандчIваял тIоритIизе. Гьеб мурадалда бухьараб тIоцебесеб сапар букIана гьеб. Байбихьи Къасумкенталдаса лъеялъе гIиллаби гьадинал рукIана: тIоцебе абуни, лезгиязул щибаб районалъ цIакъ ккола жидерго миллияб газета (щибаб районалда кIиазаргоялде бахун жидерго миллияб газета хъвала), кIиабилеб — гьезул районалъул бетIерас рахъккола миллияб мацIалъул ва маданияталъул. ЛъикIаб букIинаан гьеб данделъиялда нилъер магIарул районазул бутIрулги рукIаралани.

Районалъул бетIер Нариман ГIабдул-мутIалибовас жиндирго кIалъаялда мацI цIуниялъулъ миллияб газета-лъул бугеб кIваралъул бицунаго абуна: «Дагъистаналъул мацIазда къватIире рачIунел газетазул кIудияб кIвар буго халкъалъе. Гьезул кIудияб бухьен букIуна бакIалъул муниципалитетазулгун, гьезул квер щола гIумруялъул киналго рахъазде: яшавалдаса байби-хьун лъайкьеялдегун гIелмуялде щвезегIан. Гьезул гьурмаздасан нилъеда кIалъала профессионалиял журналистал гурелги, гIадатиял гIадамалги».
Печаталъул ва информациялъул министр Рашид Акавовас абуна: «Гьанжесел информациялъул технологияздаса нахъеккечIого цебетIезе ккола Дагъистаналъул СМИги. Гьелъие хIаракат бахъулеб буго миллиял газетазги. Яндексалда цогидал централиял газетазда цадахъ цебе рехун бачIуна нилъер цо-цо газетазул информацияги. Гьелде кIвар кьечIого тезе бегьуларо, щайин абуни гьанже гIемерав чияс хIалтIизабула Интернет.
Нилъер миллатазул тIогь ккола мацIал. МацIал рилизе риччани, щибха гьабизе кколеб? Нилъер букIине ккола ракIрагьараб хабар. Нижедаги лъазе ккола нижер гIолел-гIоларел рахъал, щиб хIажат бугеб нижеца гьабураб «нигIмат» хIалтIизабулел гIадамазеяли», — ян ракIрагьараб накъиталде ахIана гьес данделъарал.
Журналистазул союзалъул председатель, «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор ГIали Камаловас гIенеккаразул кIварбуссинабуна ни-лъерго наслуялъ рахьдал мацIалдаса инкар гьабизе теялъул гIайиб пачалихъалда гуребги, эбел-инсудаги букIиналде.
«Ахираб заманалда дица гIемер бицине кколеб буго жакъа миллиял мацIазул бугеб квешаб хIалалъул. Щибаб данделъиялде уна цIакъ бокьуларого, щайин абуни, мун вичIчIуларел чагIазе хабар бицине бигьаяб иш гуро, дуца бицунеб жо рагIуларел гIадамазда гьеб бичIчIизабизе цIакъ захIмалъула. Гьал ахирал соназ къобахъанагIан квешлъулеб буго мацIазда ва миллиял газетазда сверухъ ахIвал-хIал. Лъаларо щиб къисмат нижер букIинебали. Дун гьаниве вачIана нуж рихьизе, цIакъ бокьун букIана нужехъ гIенеккизе. Нилъер руго гIисинал миллатазул газетал дагьал церегIан жиделъ «рухI лъурал». Миллиял мацIазде лъикIаб бербалагьи гьечIони, гьел «чIаго» хутIиларо. Гьел ккола агул, рутул, цахур, нугъай мацIазда риччалел газетал.
Жакъа мацIазда сверухъ бугеб ахIи-хIур нилъер мацIазде гьабулеб «гьужум» гуро, миллатазде гьабулеб гьужум буго. Гьеб гьабулезе къваригIун буго нилъеца, нилъго лъикIал лъугьун, мацIаздаса инкар гьабизе. Аллагьасе рецц, ратулел руго гIадамал гьелде дандечIезе таваккал бугелги.
Журналистазул союзалъ ахирисеб конференциялда битIун букIана В. Путинихъе хитIаб. Сон жаваб щвана гьеб Федерациялъул Советалде, Пачалихъияб Думаялде, Лъайкьеялъул министерствоялде битIанин. Гьединго лъана гьеб суал тIаде босун букIин Президентасда цебе гIуцIараб инсанасул ихтияр цIуниялъул советалъги. Гьеб советалъ гIуцIизе буго хасаб комиссия. Гьенир гIахьал гьаризе руго Дагъистаналъул вакилзабиги.
Дие абизе бокьараб аслияб жо – нилъер мацIал цIунун хутIи гIицIго пачалихъалда бараб суал гуро, пачалихъалда бараб буго шартIал гIуцIи, нилъер мацIал цIуни бараб буго нилъеда, нилъер хъизаназда, хасго эбел-инсуда. БитIун гьечIо нилъер умумуз би тIун, гIетI тIун цIунараб бечелъи, нилъеца гьадигIан ургъел гьечIого билизе тей. Эбел-эмен, жидер лъималазе рахьдал мацI къваригIун гьечIин абулелъул, ургъулел гьечIо рахьдал мацIги чияр гьабун, чияр мацI малъизе лъимер тIамулелъул», — абун хитIаб гьабуна гьес гIодорчIараздехун.
ДандчIваялда кIалъазе рахъана «Лезги газет», «Табасараналъул нур», «Рутулалъул цIиял харбал» газетазул редакторзаби, журналистал, хъвадарухъаби ва жамгIиял хIаракатчагIи. Гьез киназго миллияб газеталъ рахьдал мацI, маданият ва тарих цIуниялъулъ лъолеб кIудияб бутIаялъул бицана. Гьенир гьоркьор рукIана халкъалъ рищун тарал нилъер депутатал мацIазе «хоб бухъизе» гIуцIараб лъайкьеялъул законалъул проект цIунун церерахъиналдаса рази гьечIолъи загьир гьабурал кIалъаялги.
ДандчIваялдаса рази хутIана киналго. Абизе рагIиги, дандбазе пикруги гIемер батана гIахьалчагIазул. Данделъи лъугIун хадубги ратIалъизе бокьуларого лъикI заман бана гьез ракIрагьараб харбил столалда нахъа.
Шамсият Султанбегова