Кир кигIан гьарурал, хварал ва ратIалъарал

 

  2020 соналда гьабураб ТIолгороссиялъул халкъалъул хъвайхъвагIаялъул хIасилал данде росичIого, Росстаталъ хIадурараб документалда рекъон, 2022 соналъул 1 январалде Дагъистаналда гIумру гьабулел гIадамазул къадар бахана 3153,8 азарго чиясде.

  2021 соналда республикаялда гьабуна 43,6 азарго лъимер. 2020 соналда дандеккун 3445 лъимералъ дагь буго гьеб. Гьезул гIемерисел ккола васал. Гьединго 2021 соналда хвараздаса цIикIкIун буго тIаде гьаруразул къадарги.

   Бищун гIемер лъимал гьарун руго Дагестанские Огниялда, Гъизилюрталда, Буйнакскиялда, Гъизляралда, Хасавюрталда, Каспийскиялда. Росабалъ гьел гIемер гьарун руго ЦIунтIа, ЦIумада, Гъарабудагъкент, ЛъаратIа, Шамил, ЧIарада, Гъизилюрт, Казбек, Рутул, Хасавюрт, ГIахьвахъ, Болъихъ, Тарумовка, Буйнакск районазда.

  ЧIахIиял чагIи хвеялъул хIужабиги дагьлъун руго. Амма гIадамал гIемер хун руго Гъизляр, Дагестанские Огни, Южно-Сухокумск, Буйнакск шагьаразда ва Кули, Нугъай, Хунзахъ, Сергохъала, Лак, Сулейман-СтIал, Табасаран, Гъуниб, Тарумовка, Догъузпара, Курах, Бабаюрт, ЧIарада, ДахIадаев, Хайдакъ, МухIарамкент, Хив, Гумбет районазда. 2020 соналда дандеккун гIемерлъун руго гъоркьиса ратIалъарал хъизамалги. Гьезулги бащдалдаса цIикIкIарал (57,5 процент) руго росабалъ гIумру гьабулел чагIи.