РАНалъул президентас баркана

 

  Дагьал церегIан къоязда Москваялда, Россиялъул ГIелмабазул академиялъул президиумалда тIобитIана генералияв конструктор Шамил ГIалиевасулги РАНалъул президент Александр Сергеевасулги дандчIвай.

   ДандчIваялда бицана Дагъистаналъеги РАНалъеги кIвар бугел гIелмиял масъалабазул хIакъалъулъ, тIадчIей гьабуна хасал суалаздаги.

   ДандчIваялъул хIасилалда хIукму гьабуна гьединаб бухьенги камил гьабизе ва цогидал гIелмиял централги гьелда гIахьал гьаризе.

   Академик Александр Сергеевас Шамил ГIалиевасда баркана «Торпедное оружие» абураб гьитIинаб энциклопедиялъул иргадулаб ункъо том басмаялда бахъи ва гьарана хIалтIулъ икъбал.

    25 соналъ цере басмаялда рахъана «Торпедное оружие» абураб энциклопедиялъул тIоцересел тIахьал. Исана бахъана гьелъул жеги ункъо тIехь. Басмаялда бахъараб анцIила лъабабго томалъул редактор ккола академик Шамил ГIалиев.

   Энциклопедиялъул иргадулал тIахьал басмаялде рахъи Ш. ГIалиевасда баркана РФялъул Оборонаялъул министерствоялъулги, «Подводное оружие» абураб концерналъулги, «Тактическое ракетное оружие» абураб корпорациялъулги нухмалъулез ва РАНалъул президент, академик А. Сергеевасги.