Туристазе хIинкъи бугел бакIазда цIар чIвана

 

 

    6 июналда Унсоколо районалъул Рихьуни росдада гIагарлъухъ хвасар гьавуна цIадакьаги рахчун, кьурабалъ кьерун чIарав 15 турист.

 Буйнакскиялдаса МЧСалъулаз ахIун бачIун, гьел ралагьизе къватIире рахъана Унсоколо районалда бугеб МЧСалъул хIалтIухъаби.

 

 

   Гьелъул нухмалъулев ГIабдурахI­ман Мусаевас «ХIакъикъаталъе» бицухъе, рихьундерил бегавуласул, росдал гIадамазул, полициялъул хIалтIухъабазул кумекалдалъун бажарун буго туристал рахчун чIараб бакI балагьизе.

   «Къасимех букIана гьеб. ТIа­дежоялъе балеб цIадги, эхеде ххари- зе гьечIеб санагIалъиги, кIодолъун бачIани, гIоралъ росун иналда букIараб хIинкъиги. ТалихIалъ, ту- ристазул цо къокъаялда тIаде кка- на. Цинги гьенибго цIаги бакун, сордоялъ свине течIо гьеб туристал квачангутIизе. Радал байбихьана гьел гIодоре рачине. Цо ясалъул бохалъе ккун букIана жагъаллъи. Цогидазе ккараб къварилъи букIинчIо.

Рихьундерица боцIи хьихьулеб кули буго гьениб. ГIезегIан берцинаб тIабигIатги буго, цоцада хадуб анкьго чвахелоги бугеб. Масала, тIоцебесеб чвахелоялъул борхалъи буго анцIго метр. Гьезухъ балагьизе тIаде рахарал туристал, цIад базе лъугьиндал, гIоралъ росун ине гурилан, гъоркье лъугьине хIинкъун чIун руго дораго», — ян бицана ГI. Мусаевас.

   Нахъисеб къоялъго республикаялъул МЧСалъ цIар чIвана гьава-бакъалъулги тIабигIаталъулги шартIазда бан туристал хьвадизе хIинкъи бугеб анкьго объекталда. Гьел ккола Къородисезул БецIкъварилъи, Сулахъ Къварилъи, Сулдерил Чвахело, Шалбуздаг, Ярыдаг, Базардюзи мугIрул, Тобот чвахело, Дюрк нохъо, КъехIдерил сиял. Гьенире иналде цере МЧСалда хъвай-хъвагIай гьабизе тIадаблъун гьабулеб буго гьанжеялдаса нахъе.

Гьеб пикру битIараблъун бихьулеб буго МЧСалъул цевегосев хIалтIухъан Зиявдин НикIамухIамадо­ васдаги.

 «МЧС туристазда хадуб халкколеб идара гуро, батIаго, унеб бакI цебеккунго нижеда лъазабунилан, гьезул шагьи-кепек холеб жоги гьеб гуро. Амма, нагагь гьадаб Рихьуни гIадаб ахIвал-хIалалде ккани, нижеда лъан букIина хас гьабун кир гьел ралагьизе кколелали»

  Гьединал хIинкъарал бакIазул сияхI жеги халатаб бугиланги тIаде жубана Зиявдин НикIаму­ хIамадовас. Амма, гьесул рагIабазда рекъон, гьава-бакъ хисиялдалъунги цогидалдалъунги гьенир кколел балагьал нахъчIвазе бегьула гьел объектазда цIуна-къаялъе шартIал гIуцIани. НикIамухIамадовас мисалалъе бачана хьергебдерил ГЭС бугеб бакIалда, ай кьурулъ чIварал арматураби, гьездалъун гьабураб сухъмахъ.

Гьединго арматураялъул чIоралги чIван, туристал хьвадизе бакIал Къорода БецIкъварилъухъги гьаризе бегьулин абураб пикру буго З. НикIамухIамадовасул: «Гьеб мехалда, кигIан цIад баниги, хIинкъи букIунаро туристазе. Сарихум салул гохIалде рахунеб бакIалдаги гьабуна туристал хьвадизе хъарщазул нух (борхьазги кьинччазги хIанчIиларедухъ). Гьелдалъун Сарихумалде рахин 120 гъурщидалъун хиралъанаха, хиралъеян абе. Чиясе къварилъигIаги ккезехъин гьечIелъул. Гьединал цIуна-къаял гьаризе ккола МЧСалъ сияхI бахъарал объектаздаги».

З. НикIамухIамадовасул пикруялда рекъон, кисандай шагьи-кепекилан ругел гидаз гьеб хIалтIи гьабуларо, гьеб гьабизе ккола хIукуматалъул даражаялда.