Цветковкаялъулазе — футбол хIалеб майдан

 

  8 июналда Гъизляр районалъул Цветковка росулъ рагьана 10 млн гъу- рущги харж гьабун рагIалде бахъинабураб футбол хIалеб майдан.

Гьелъие квербакъи ккана «Комплексное развитие сельских территорий на период 2020-2025 годы» абураб пачалихъияб программаялъул.

ХIалтIул ишалъ Гъизляр районалде щварав ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовги гIахьаллъана гьеб тадбиралъулъ. Премьерас бицана цебехун рехсараб программаялъул кьучIалда республикаялда анцI-анцI ФАПалги, школалги, спортивиял объекталги ралел рукIиналъул хIакъалъулъ.