Масъалаби тIураялде хьул буго

128 млн гъуруш — газ бачиналъе

 

Дагъистаналъул районазде газ бачиналъул суал гьоркьоб лъун букIана Дагъистаналъул хIукуматалъул председатель Артем Здуновас тIобитIараб данделъиялда. «Газпромалъул» программаялде босун букIараб 125 объекталда гьоркьоса газ бачун бахъун буго 85-ялде. Республикаялъул инвестициялъулаб программаялда рекъон, республикаялъул 11 районалда ва кIиго шагьаралда бугеб 17 объекталде газ бачине буго 128 млн гъурушги харж гьабун.
Гьединго премьер-министрас тIо­битIараб цогидаб данделъиялда бицана риххун унел ругел минабахъа гIадамал гочинариялъул хIакъалъулъ. «Нухлулаб карта» проект гIумруялде бахъинабиялъул ва дандчIварал захI­малъабазул, гьабичIого хутIараб хIал­тIул хIакъалъулъ бицана данде­лъиялда гIахьаллъарав бакIал раялъул ва ЖКХялъул министр Малик Баглиевас.
Иш тIаде кколезда тIадкъана, хехаб заманалда ругел гIунгутIабиги тIатинарун ва тIагIинарун, минабазухъе гIадамал гочиналъе шартIал чIезаризе. МахIачхъалаялда бан лъу­гIулеб буго анкьго гьединаб гIе­мертIалаялъулаб мина.
«МахIачхъалаялда канализация гIатIид гьаби ва цIигьабун къа­чIай» объекталда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъги бицана хIукуматалъул данделъиялда. Проект гIумруялде бахъинабизе байбихьун букIана 2015 соналдаго. Цинги гьоркьоб къотIизе тун букIана гьабулеб хIалтIи. Гьанжеги цIидасан конкурс лъазабун буго, проекталъу­л хIалтIи рагIалде бахъинабиялъе. Гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ бицана Малик Баглиевас. Федералияб ва республикаялъул бюджетаздаса биччараб гIарац харж гьабизе буго МахIачхъала ва Каспийск шагьаразда канализациялъулал системаби рацIцIад гьариялъе. 9,7 километралъул манзилалда бан буго тоннелалъул коллектор.
Проекталда рекъон хIалтIаби гьа­рулелъул, дандчIвалел цо-цо захI­малъабазул бицана «Дирекция еди­ного государственного заказчика-застройщика» ГКУялъул директор МухIамадгъази МухIидиновас.
ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги пресс-хъулухъ