Данияловасе бараб памятник ихдал къачIала

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда бугеб ГIабдурахIман Данияловасе лъураб памятникалдаса рортун рачIун рукIана къанал. Гьеб ургъунго гьабураб иш батизе бегьулин абураб пикруги загьир гьабун, гьелъул хIакъалъулъ кIодо гьабун бицунеб букIана социалиял гьиназдасан.

 

Амма хIакъикъат батана тIубанго батIияб. МВДялъ тIибитIизабураб лъазабиялда абулеб буго, расандулаго школлъималаз кверал хъван, рортарал къанал ругин гьелилан. Аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев Айтемир Сатираев гьеб баяналдаги тIад рекъолев гьечIо.

 

 

«Цоцазда щакдарилалде, расги гIайиб гьечIел чагIаздехун рокьукълъи бижизабилалде цебе нилъеца гьабулеб иш цин анкьцIул борцине ккола. Дун ана гьеб памятникалъухъ балагьизе. ЦIадазги гIазу-цIералъги тIубан жагъаллъун батана гьеб – постаментги бюстги. Киса-кирго кьватIалабазул цIунги буго гьеб. Заман баялъ ккараб жагъаллъи гуребги, жибго гьабураб къагIидаги лъикIаб гьечIо гьелъул. Гьенир аскIор руго гIезегIан къадруял идараби — шагьаралъул тIоцебесеб школаги, УВДги, гIемер рикIкIад гьечIо Культураялъул министерствоги. Амма памятникалде регIарав чи гьечIо. Аллагьас хъван батани, авар автономиялъул нухмалъулев хIисабалда, дунял хинлъараб мехалда дида ракIалда буго гьеб памятник къачIазе», — ян бицана «ХIакъикъат» газеталъе Айтемир Сатираевас.

 

З. ХIажиева