Миллиял мацIазул къваридаб къисмат

 

    Араб анкьалда МахIачхъалаялда, Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда, печаталъул министр ГIумаргIусман ХIажиев дандчIвана республикаялъул миллияб прессаялъул ва телевидениялъул хIалтIухъабигун, шагIирзабигун, хъвадарухъабигун, мацIазул гIалимзабигун.

  Жиндирго кIалъаялда гьес кIвар буссинабуна миллияб пресса цебетIеялъе ратулел ругел ресазул бициналдеги, Дагъистаналъул мацIазул адабият цебетIеялдеги, рахьдал мацIал цIуниялдеги. Данделъиялда гIахьаллъарал ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул председатель МухIамад АхIмадовас, «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакторасул ишал тIуралев Зикрула Ильясовас, мацIалъул ва адабияталъул гIалимзаби МухIамад МухIамадовас ва АхIмад МуртазагIалиевас бицана рахьдал мацIазда сверухъ бугеб пашманаб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ.

   — Шагьаразда, хIатта районаздагицин киса-кирего къватIисел пачалихъазул мацIазда чIварал игIланалги, росабалъгицин гIурус мацIалда тIоритIулел тадбиралги – гьеб киналъго бицунеб буго рахьдал мацIазул букIинеселъул нилъ рохизесеб хIал гьечIолъиялъул, — ян абуна З. Ильясовас.

   Жакъа цебе тIолеб буго миллияб литература. Гьелдаго цадахъ чIаго гьабизе къваригIун буго таржамачагIазул школаги. Нилъ ургъизе ккола гIурус мацIалде руссинарурал асарал рахъизесеб бакIалда тIадги. Гьелъие кварбакъилаан «Литературияб Дагъистан» журнал гIурус мацIалда биччаялъги, — ян абуна МухIамад АхIмадовас.

    ИЯЛИялъул гIалимчи МухIамад МухIамадовас бицана районазда ва росабалъ рахьдал мацIазда рачаниги бегьулел тадбирал гIурус мацIалда рачунел рукIиналъулги, гIун бачIунеб гIелалъе гьеб гьуинлъиялъе гьабулеб хIалтIи гьечIолъиялъулги хIакъалъулъ. Гьелъие лъикIаб мисаллъун гьес бачана СулейманСтальск районалъул бетIерас ДГУялъул Дагъистаналъул филологиялъул факультеталда цIалулел ругел студентазе пачалихъалъ кьолелде тIадеги стипендия кьей. Жидедехунги жидеца тIаса бищараб махщалидехунги бугеб гьединаб бербалагьиялъ гIолилазул гъирашавкъ цIикIкIинабула, — ян абуна гьес.

   ИЯЛИялъул гIалимчи АхIмад МуртазагIалиевас кIвар буссинабуна ахираб лъеберго соналда жаниб магIарул мацIалда ХIамзатил Расулил тIахьал риччан гьечIолъиялде. КIалъазе рахъараз бицана республикаялда тIобитIизе бугеб «ХъахIал къункърабазул» байрамалъул хIакъалъулъги. Гьеб цIигьабизе, гIолилазе дагьабги интерес кколедухъ гIуцIизе ккеялъул бицана Кавказалъул шагIирзабазул ва хъвадарухъабазул клубалъул Дагъистаналда бугеб отделениялъул нухмалъулей Миясат Муслимовалъ.

  — Дие бокьилан гьеб байрамалъул багьаги магIнаги жакъасел гIолилазда дагьабги лъикI бичIчIизе. Гьеб хIалтIи гьабизе ккола байрам гIуцIулез, ай гIолилазул гIахьаллъи гьениб букIунеб хIалалда, — йилан абуна гьелъ.

    Данделъиялда кIалъарай Дагъис­таналъул тIахьазул издательствоялъул бетIерай редактор Лариса Голубевалъ бицана издательствоя­ лъул хIалтIул, къватIире рич- чалел тIахьазул ва дандчIвалел квекIеназул хIакъалъулъ.

    Дандеруссиналъул ахиралда ГIумаргIусман ХIажиевас абуна кIвараб жигар бахъизе бугин данделъиялда рорхарал суалал гIумруялде рхъинариялъе ресал ратиялъе.

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА