ХIалигъун барщун буго цIибил

 

   ЦIибил бакIаризе байбихьана республи­каялда. Исана лъик1аб бачIин бакIаризе ракIалда буго цIолбохъабазда. Кинабни­ги 22000 гектаралда бекьун буго цIибил. ГьабсагIаталда бакIарун бахъана 2800 гектаралда бижараб нигIмат. Араб соналда республикаялда бакIарун букIана 208000 тонна. Гьеб букIана республикаялъул цIолбохъанлъиялъул тарихалда босараб чIел.

  ДРялъул Росдал магIишаталъул ми­нистерствоялъул нухмалъулесул за­меститель Шарип Шариповас абуна, цIолбохъанлъиялъул рахъалъ нилъер ул­каялда къабул гьабураб цIияб законалда рекъон, Россиялда чагъирин абизе бегьу­лин гIицIго нилъер цIолбол хIадур гьабу­ ралда. ЦIияб законалъ рес кьунин нилъер цIолбохъанлъи цебетIезабизе.

  — Россиялъул чогърохъабазул цIибил гIезабулел жидерго ракьал гьечIелъул, гьезул киназулго кIвар буссун буго нилъ­ер республикаялде. Гьелдаса нилъги рази руго. Рази рукIинарищ, ахирал соназда цIолбол оптовияб багьа 18 гъурщидаса тIаде унеб букIинчIелъул. Гьанже рес щвана ахикьанго гьеб нигIмат 25-27 гъурщиде кило гьабун бичизе, — ян абуна Шарип Шариповас.