Армиялде ритIулел руго рагъулал махщелазе хIадурги гьарун

 

    1 апрелалдаса 15 июлалде щвезегIан Дагъистаналдаса лъабазаргогIан гIолохъанчи витIизе вуго Россиялъул армиялде.

    Гьедин бицана ДРялъул рагъулав комиссар Дайтбег МустIафаевас, 5 апрелалда «ХIакъикъат» газеталъул редакциялда тIобитIараб пресс- конференциялда.

    Гьелда гIахьаллъана ДРялъул информациялъулгун печаталъул ми­нистр ГIумаргIусман ХIажиевги, «ХIакъикъаталъул» бетIерав редак­торасул ишал тIуралев ГIумахан ГIумахановги.

    Дайтбег МустIафаевас бицухъе, пандемиялъул заманалда, гъоркьи­са нилъер республикаялдаса армиялде витIун вуго микьазаргогIан гIолохъанчи.

    — Гьезул 70 проценталдаса цIикIкIун чиясул букIана тIадегIанаб яги гьоркьохъеб хасаб лъай. ГьедигIанасебго къадаралъул гIолохъанчи вуго ДОСААФалъул ор­ганизациязда цIалун рагъулабгун учёталъулаб махщел щварав – С, Д, Е категориязул шофёрзаби, фельдше­рал, крановщикал, — ан абуна гьес.

    Рагъулав комиссарас бицана пандемиялъул заманалда жидецаго гьа­рулел цIуна-къаязулги. Ковид буги­щали лъазе гьез тестал кьезарулел руго призывалъулаб пункталде вачIарав щивав гIолохъанчиясдаги гьел нуха регIизе рачIарал гIага- божараздаги. Гьедин тIатинавуна вирусалъ унтарав 20 чи ва ко­ронавирусалъ унтаразда аскIов вукIарав жеги нусго чиги. Респу­бликаялда бугеб муниципалияб 52 ва республикаялъул цо призы­валъулаб комиссиялда коронави­русалдаса цIуна-къаялъе киналго шартIалги чIезарун ругин бицана Д. МустIафаевас.

    Гьесул рагIабазда рекъон, арми­ялде щун хадур гьел гIолохъаби кIиго анкьалъ карантиналда чIезарула.

    Гьединго комиссариатазул ки­налго хIалтIухъабаз ковидалда дан­де вакцинаги гьабулеб буго. Гьеб гьабун бахъине ккола 10 апрелалде.

    Армиялда хъулухъ гьабиялъул къагIидаялъулъ гьадинаб хиса- басиги ккана ахираб заманалда: тIадегIанаб махщалилаб яги гьор­кьохъеб хасаб лъай бугел гIолилаз хъулухъ гьабизе бегьула контрак­талда рекъонги. Армиялде ахIун арал гIолохъабаз гьениб цо сон ба­леб батани, контракталда рекъон араб лъабго соналъ тезеги рес буго.

   Гьедин жидеца гъоркьисала рагъулабгун учёталъулаб махщалие азаридаса цIикIкIун чи хIадуранин армиялде витIизеян бицана рагъулав комиссарас. Гьанже их­дал ритIулезда гъорлъ гьединав кIиазаргоялдасаги цIикIкIун гIолилав вукIине рагIула.

    Контракталда рекъон хъулухъ гьабизе гъоркьисала нилъер гьани­са 1,5 азарго чи ун вуго.

    РФялъул Оборонаялъул мини­стерствоялъул цIалул идарабазде лъугьине азаргоялдаса цIикIкIун гIолилав тIаса вищун вуго гъор­кьиса ДРялъул рагъулаб комисса­риаталъ. ЦIализе восун вуго гьезда гьоркьоса 350 чи.

    Нагагь гьединал идарабазде цIализе ине бокьарав чи ватани, жидехъе гIарзаби хъваянги абуна Д. Мустафаевас, гьенире хитIабал гьарун, документал хIадуризе квер­бакъилила жидеца.

    Хадуб гьес жавабал кьуна жур­налистазул суалазеги.

   ДРялъул информациялъулгун печаталъул министр ГI. ХIажиевас ракIалде щвезаруна армиялда гIадлу хвезабурал дагъистанияз­да тIасан цересел соназда рахъу­лел рукIарал гIарзал. Цере гIадин гIемер гьечIониги, гьел гьанжеги камуларин бицана МустIафаевас. Масала, гъоркьиса армиялде арав 20 гIолохъанчиясда тIад гьарун ругила уголовниял делаби. Асли­яб куцалда гьел ккола цоцазухъа гIарац яги телефонал рахъун, жи­дерго бакIалда цогидал хIалтIизе тIамун гьарурал гъалмагъирал.

    Гьездаго цадахъ улкаялъул батIи- батIиял регионаздаса баркалаялъул кагъталги рачIунел руго нилъер рагъулаб комиссариаталде. Гьедин 40-ялдасаги цIикIкIун баркала кьун кагъат бачIун буго исана.

    Рагъулав комиссарлъун хIалтIулеб 12 соналда жаниб цониги дагъ­истанияс альтернативияб хъулухъ­ги тIаса бищичIин бицана Дайтбег МустIафаевас. Гьелде щвезегIан Гъизляралда хIалтIулелъул, жидеца цо чанго гIолилав витIун вукIанила тункIихер гьабулеб заводалдаги психоневрологияб диспансерал­даги хIалтIизе. Рагъулаб хъулухъ гьабизе бокьичIого альтернативияб хъулухъ тIаса бищулел гIолохъаби, аслияб куцалда, рагъулал госпи­талазде санитараллъун хIалтIизе унин абуна комиссарас. Амма дагъистаниял гьечIила гьезда гъорлъ.

    З. ХIАЖИЕВА